МагъчIваялъе рес

ЦIунтIа аварияги, гIинкълъарал гIадамалги


80 метралъул борхалъи бугеб кIкIалахъе автомашина ана бортун

Жакъа радал ЦIунтIа районалда авария гьабун 80 метралъул борхалъи бугеб кIкIалахъе автомашина ана бортун тIад кIиго чигун абураб цIияб хабар бачIана цо-цо инормалатазул сайтаздаса.

Чанго чияс социалиял сетазда жидерго страницаялдаги лъун бугоан гьеб цIияб хабар. ГIажаибаб хIалтIи, лъицаниги гьеб хасал группабаздеги реххун гьечIо, гъоркь хъвай-хъвагIайги гьечIо.

ЧIамучIаб хабар, интересаб гуреб, ЦIунтIа авария гьабунила, гьарурелго гьарулел гурищ эл рукIарал? "ТIоцерейищ автоавариязда цIунтIал холел ругел?" абураб пикру ххенолеб буго гIемерисезул ботIролъ. Гьеб пикру буго Дагъавтодоралъул, ГИБДДялъул , гIадатиял гIадамазул ва жавабиял хIакимзабазул.

БитIахъе суал кьуни цониги жавабияв хIакимасе, ЦIунтIа ккараб авариялда хурхун дур кинаб бугеб абун. Гьев лъугьуна цо гIакъилаб куцги гьабун микрофоналда жаниве нунудизе: "ГIадамал хвей киданиги лъикI букIунаро, хIажат буго гIадамазул яшав лъикIлъизабизе, гьедин хъван буго Рамазан ХIажимурадовичасул посланиялдаги, дица гьеб посланиялъул рахъ ккола" - ян.

Гьеб штамп, трафарет, цо коцониб тIураб чIанда халкъалда рагIулеб буго 70 соналъ магIарухъ бугеб яшавалъулги нухазулги рахъалъ, амма гIадамал холел руго дора хасел бачIарабго тIутIал киниги. Гьелъул тIалаб гьабулев чиги гьечIо, ругьунлъун руго гIадамал хун.

Нужеца хIисаб гьабе, февралалъул бакьулъ гIадан гъоркье балагьизе хIинкъараб борхалъудаса гъоркье ун буго автомашина. ГIуруда жаниб машина батун буго тIад вукIарав кIиго чи кодов щун гьечIо гьабсагIатги.

Нусгоялдасаги цIикIкIун чи вуго чанил бер биххулеб борхалъиялда, гIазулъгун цIоролъ хъинсаздаги, парсаздаги я чIаго, я хун риларал гIадамал ралагьулел.

Гьел чан хварал, гьел чан тIагIарал, амма нухал гьадалго руго. МахIачхъалаялда ругел ургъулел руго пуланаб проспекталда лъабго линия нухлулдай гьабила ункъабилебгидай тIаде жубалаян. Дора ЛъаратIа, ЦIунтIа, ЦIумада гьечIел нухазулги, борхьил мухъ гIадин парсалъа араз чIвалел гIадамазулги тIалаб гьабулев чиго вихьулев гьечIо.

ЦIумада районалда гьабсагIатги руго чIахIи-чIахIиял росаби автомобилалъул нух щвечIел. ЦIунтIа бугеб ахIвал-хIал нилъее МВДялъул хроникаялъ ва халкъияб информациялъул алатаз авариязул бицун рагIула.

Гьаб сагIаталда МахIачхъалаялъул нухазул управлениялда цо гIорцIараб гьумералъ гьакIкIадилаго цIализе буго гьеб цIияб хабар. ТIаде вачIарасде реххизе буго:

- ЦIунтIа кIиго чи хун рагIула... авария ккун буго...

- ЦIунтIа?? Дора кидаго рукIуна авариял... Къаде кваназе "Викингалдейищ" рилълъинел, "Империялдейищ?...

- ЧIа КъурахI вачIинегIан, гьесда лъикI лъала...

Гьеб накъит МахIачхъалаялъул нухал гьарулеб идараялъул гIорцIарал кутузда гьоркьоб унаго риларал чагIи ралагьулел цIунтIал ратула жаназаби парсахъа тIаде рухьунищ риччалел, рухьичIого росизе кIведай абун чара къосун.

Пачалихъалъ гьеб нух гьабизе дол гурелъул тун рукIарал, ал МахIачхъалаялда ресторан тIаса бищулел тун рукIана. Бугеб гIемер мекълъиги хIалихьалъиги бихьуларищ гIумруялъулъ? Щай нилъеда гьоркьоб аб хIалалъ учузлъараб чиясул гIумруялъул багьа? Кинаб гIиллаялъ нилъее инсан гIумруялдаса ватIалъи лъугьараб гIадатияб хабарлъун?

Сунца халкъалъул ракIал хъачIлъизарурал, нилъ беццал ва гIинкъал лъугьарал гIадамазул къварилъабаздехун? Щай гьал мугIрул росабалъ гьаричIого тарал нухал сабаблъун чIвалел гъаримал магIарулал ва гьезул гIузраби власталъеги халкъалъеги аслияб масъалалъун лъугьинчIеб?

Поэтас абухъе, "дуниялалъул рокъор гIинкълъарал чагIи руго, щивав жиндир рокъор чIун нилъее гIалам щаян". У ле, киналго руго жиндир чорхолги, чохьолги, чвантилги тIалабалда, хутIараб халкъ тIатIала ккун хваниги ургъел гьечIого.

БатичIони щайха беговая дорожкаялда екеризеян лъугьун гIодой ккарай цо гIадалай чIужугIаданалъул видеоялъухъ аза-азар чи валагьулев ва гьелда гъоркь хъвадарулел, магIарул росулъ авариялъ гIадамал чIвараб цIияб хабар, хабарлъунги рикIкIунареб? Хабарал лъикIал рагIайги нилъеда.

XS
SM
MD
LG