МагъчIваялъе рес

"Нуж рукIине ккола рухIиял мисалалъун жамгIияталъе"


ГIабдулатIиповасулги редакторазулги данделъиялдаса

"АнцIабилеб февралалда Пушкин чIвана, адабияталъе гьев чIвай кIудияб камилъун лъугьинчIо, анцIила цоабилеб февралалда ГIисаев МухIамадги гьавун кинабго битIа-бишун ккана" - ян абураб хъвай - хъвагIай гьабун букIана "Бохьикъосалда" ГIирбанил ХIажияс.

Пушкин чIвараб къо щванщинахъе ракIалде бачIунаан гьеб махсароги, гьеб ракIалде щвезабун нижеда ццидаххарав мунагьал чураяв ГIисаев МухIамадги. Поэт вукIана ГIисаев, Пушкин хисизе гIурав гьечIониги магIарул адабият бокьулеца къабул гьавурав поэт вукIана. Жакъа радал, Пушкин чIван 179 сон тIубараб къоялъги ракIалде щвана гьеб махсаро. Амма къо гIадатияб букIинчIо.

ХъахIаб рокъор республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасулгун редакторзабазул данделъиялде ахIана ниж. АхIун рукIана гIурус мацIалда риччалел газет-журналазул редакторал. Цебе ккун бетIерасул пресс-хъулухъалъ лъазабуна гара-чIвари ва суалал рукIине ругин гIицIго республикаялъул бетIерас парламенталде гьабураб хитIабалда сверухъ абун.

ХъахIаб рукъалъул ункъабилеб тIалаялда бугеб ясикIо гIадин къачIараб рокъор данделъана пачалихъалъулги пачалихъалъул гурелги газет-журналазул редакторал, печаталъул министр, пресс-хъулухъ ва живго Рамазан ГIабдулатIипов. Данделъаразе саламги кьун ГIабдулатIиповас кIалъай байбихьана жакъа жамгIияталда гьоркьоб информациялъул алатазул бугеб кIваралъул ва рухIиял идеалалзул бицине.

Калам букIана мухIканаб, гIакъилаб, киналго рахъал хIисабалде росараб. "Нуж, информациялъул алатал, цоял дир тIокIлъабазулги бицун чIун, цогидал гIунгутIаби ралагьун рикIарун данде кколаро.

Нужеца цIиял харбал рицин гуреб тарбияги кьезе ккола халкъалъе. РакIалде щвезаре ХIХ гIасруялда интеллигенциялда ва жамгIияталда кинаб кIвар букIараб рагIул, журналазда Добролюбовасулгун Чернышевскиясул творчествоялъул. Нужецаги кьезе ккола мисалал ва битIараб нух халкъалъе" - ян абуна ГIабдулатIиповас. БитIараб пикру бугоан... амма, жакъа информациязул технологиязул гIасруялда гIадан хисун вуго, ругьунлъун вуго хехго информация щун.

Пикру гьабизе ва текст цIализе бокьулеб гьечIо. Гьеб рахъалъги биччараларо кигIан хIикматал макъалаби нилъеца кьуниги гьел цIализе гIадамал. Цо гванзай магIарулалда дибирас дуца зикру щай бачунареб абидал гьелъ жаваб кьун буго: "Зикру бачиналда пицI чIамиго интересаб букIун ва, дибир" - абун.

Гъваридаб анализалъул макъалаялдаса ватсапалда бугеб бугеб кочIохъ гIенеккизеги, гIодой кккарай кIодода тIад релъизеги бигьаяб букIун. Гьелъ хвезабун буго гIалам. Гьеб бичIчIулеб бугоан живго ГIабдулатIиповасдаги.

"Чиясе тарбия кьезе ккола рукъалъ, росдаца, миллаталъ, гIадат-гIамалаца, диналъ. Москваялда гIемерисез квешаб мисал гIадин абула Кавказалъул "кланазул" хIакъалъулъ.

Гьез абулев кланалдаса тIурав чи вуго лъиданиги цебе жавабчилъи гьечIев, унеб рахъ лъаларев чи. Рахьдал мацI лъаларев чи вуго 50 проценталъ маргинал. Лъазабе нужерго лъималазда рахьдал мацI. Дица ахIулел гьечIо нуж нохъода гIумру гьабизе. ХIажат буго басриябги цIунун, цIиябги гIуцIун гIумру гьабизе". Гьеб масъала буго нужеда цебе. Киналго газетазул гьечIо цIияб заманалъул тIалабазда рекъараб хъвай-хъвагIайин абулеб буго Рамазаница.

"Масала, дица цIалулеб буго магIарул газеталда ("ХIакъикъат" бугин тана, ред), хъвалеб буго пулнав хIаким вахъана субботникалде, гьесда цадахъ вукIана пуланавги, бакъ щвараб къо букIана, хIелеко гIегIедана ва гьел гурел цогидалги гьелда релълъарал жал. Лъие хIажат бугеб жакъа гьеб информация, кинабгIаги анализ гьечIеб?".

Уха, гьедин бегьилищха абулел гIадин бутIрул гьанкIезарулел редакторалги рукIана. Телевидениялдаса жив ва жиндир рагIаби гIемер рихьизарулел ругин РГВКаялдаги цо цIал щвезабуна, цо-цо мехалда дунго дидасаго лъутизе кколев вугин.

"Анализ хIажат буго, анализ... Гьале "Дагъистан" журналалъул редактор МухIамад вуго лъикIав аналитик, амма журналалда дагьал гурони гьечIо лъикIаб анализ гьабун бажарулел авторал, дагьалги лъикI хIалтIизе кколаянги абун диде тIаделъана ГIабдулатIипов.

- Чан бугеб "Дагъистан" журналалъул тираж?

- I500 журнал... дида ккола гьеб гIемер бугин (гIемер бугин абидал залалда релъулел редакторазул хъуй бахъана)

- Щай гIемер бугеб?

- Щай гурелъул нижер журнал буго гIакъилал чагIиги хъвадарулеб, гIакъилаз гурони цIализеги цIалулареб журнал. Гьаб гьитIинаб республикаялда I500 ялдаса цIикIкIун гIакъилал чагIи рукIине рес гьечIо.

- Дуца гIакъилаб публицистика бахъе журналалда дие маргьаби рицинчIого - ян абуна Рамазаница. Бахъизе дицаги рагIи кьуна. Данделъиялда журналистаз ва бетIерас гIемерал республикаялъул проблемабазул рицана.

Пикраби щивасул жиндирго ругониги киназулго мурад Дагъистан ва халкъ мустахIикъаб бакIалда букIиналъул мурад бугин абураб пикруялда лъугIизабуна данделъи. РачIунел парламентазул рищиязда лъабго чи журналистаздаса республикаялъул парламенталъул депутатлъун вукIине кколинги абуна ГIабдулатIиповас, щал гьел рукIинелали абураб жавабги кьечIо. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG