МагъчIваялъе рес

Лъебелас кьураб гIакълу ва кватIараб кантIи


Блокноталдаса хъвай-хъвагIаял

Бищунго гIадатиял рагIабазда нахъа рукIуна кIудиял ишалги, инсанияталъе кIвар бугеб гъварилъиги" - ян абуна Лев Толстояс. Толстой рикIкIуна гIурусазул маданияталда ва цебе тIураб пикруялъул гIадамазда гъорлъ бищунго гIакъилал ва гъваридал чагIалъа цоявлъун. ГIадада бачIараб батиларо гьесухъеги гьадаб пикру.

ГIадатлъиялъулъ бугин гIакъиллъиян абулаан нилъер умумуцаги. Гьебги чIобогояб бакIалда бижараб батиларо. Гьелъи цо мисал нужее.

Дир эмен Салдаса ИсмагIил витIун вукIун вуго араб гIасруялъул 70 абилел соназда ЛъаратIа районалъул ТIохьотIа росулъ лъебелазул школалъул директорлъун хIалтIизе. (МагIарулаца ЛъаратIа районалъул киназдаго "лъебелал" абуниги, районалда руго нижеца "лъебелал" абулеб щуго росу, ай нижерго лъебелал).

ЛъикIал, сабураб гIамалалъул, хIалалаб магIишаталъул иман бугел, как толарел гIадамал рукIана гьезул советияб заманалдаго. Гьеб ТIохьотIа росулъ районалдасаго гIадамаца адаб гьабулев НурмухIамад абурав исламияв гIалимги вукIана фикъгьиялъул. Доб заманалда Самаркандалда цIаларав.

Инсуца бицуна, цо къоялъ ТIохьотIа росулъа цо херав чияс тIад къанила жинда райцентралдаса цо къваригIел тIубазе. Гьебги тIубанила, гьелдаса нахъе цо моцIган заман араб мех букIанила. Цо риидалил хинаб бакъ щвараб къоялъ ишалъ ТIохьотIеги щун тIад вуссун жиндирго росулъе вачIунев вукIун вуго.

ГIумруялъул битIун завалалда вугев, жеги кIикъойилъе вахъичIев гIолохъанав чи, эмен вачIунев вукIун вуго лъикIаб юргъачуялда цо сухъмахънух ккун. ТIохьотIа росулъа цере рахъарабго батулеб лъарал рагIалда ватанила бакъалда гIодов чIун дов жиндие тIадкъай кьурав херав.

Саламги кьун лъалхъун вуго эмен авгун кIалъазе. Херас кIудияб ракIразилъи загьир гьабун буго жиндир иш тIубаялъухъ, баркалаги кьун буго, накъиталдаса хадув асие къо лъикIги гьабун чоде вахарабго гьелъул чIолохъжоги ккун чIезабунила чу херас. Цо жо абизе бокьарав гIадин вукIкIахъдилев авги, щибдай асул хутIарабин гIенеккарав эменги дагьабго мехалъ лъалхъи ккун буго. Абулеб бугила херас.

- Гьанже, ИсмагIил, дун гIумру рагIалде бакIарарав, хвезе заман гIагарлъарав херав чи, мун вуго гIолохъанчи, школалъул директор. Дидаса цIикIкIун ресалдаги вуго мун, дуе данде кинаб лъикIлъи гьабилеб лъаларогоги вуго дун, дица дуе цо гIакълу кьезе буго - ян лъугьанила херав.

-Кьеха, кIудияв, гIакълу кье, гьеб киданиги гIемер букIунарин гIенеккун вукIанила жив, щибдай ас бицинеб - ин абулеб буго инсуца.

- Вореха... вореха, ИсмагIил, дуца киданиги гьеб как тоге, гъоб как бараб лъикIаб буго бачIого таралдаса... - ян абунила кIудияс. Базе бугин, тезе гьечIин асдаги абун, къо лъикIги гьабун биччан танила жинца къан чIолареб жиндир юргъачу.

Гьел какалги дунго ркъов хутIарабго ралаанила, сапаразда дова гьанив ккарабго гIезегIан тезеги танила. Сверун "Аллагь гьечIо..." - ян ахIтолеб, къосараб, гьакълидаса бигьичIеб улкаги букIанила, гьелъги инкарчагIиги рихьун дицани рокъобгIаги балеб буго гьаб как абун тохлъизарулаанила. Доб къоялъ нухда кеп щванила жиндир херасул гIакълуялъул хIисаб гьабун.

Ас абичIониги лъаларищ как таралдаса бараб лъикIаб букIунеблъиян. Гьеб гIакълу релълъанин гIазу балеб къоялъ гIияда иналдаса жиндие азарго гъурущ бокьилин абрав вехьасул мисалги бачIанила ракIалде. Чанго соналъ гьенив ТIохьотIаги хIалтIун росулъе вуссанила, гьелдаса жеги 20-30 соналъ школазе директорлъи гьабунила, дарсал кьунила, хъулухъ - ишалде кканила.

Сапаразда ва хIалтIуда гIемерал батIи-батIиял - цоял гIакъилал, цоял гIалимал, цоял хIакимал, цоял жал цIодоралин чIарал, цогидал гIадамаца цIодоралин абулел гIадамал дандчIванила. Нус-нус тIахьал цIаланила, аза-азар калам, вагIза, хитIаб, кIалъай рагIанила, тIоцебе рагIун гIакъилабин ккараб калам чIобогояб батнила, гьезул цоялъ цогидаб гьереси гьабунила.

Амма гьадаб кIикъойилъ вукIаго юргъачуялда унев дун тIад велъараб, херас абураб "вореха... вореха дуца как тоге, гьеб таралдаса бараб лъикIаб батана" - ян абуралдаса гъваридабги, гIакъилабги калам жиндир гIиналда рагIичIила.

Гьеб бичIчIанила лъабкъойилъа тIаде гIумруги ун унтарал бохдуца какал рецIизе ккараб мехалда. ГIадада абураб букIун гьечIогури гIадатлъиялъулъ бугин гIакъиллъиян нилъер умумуцаги, чияр умумуцаги, гIурусацаги, хутIараб дуниял гIаламалъги.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул бицана инсуца, амма жинцаго киданиги абичIого нижеда гьитIинаб мехалда лъазабураб гуреб "вореха... вореха как тоге" - ян. "Гьадин вугоха рецIулел каказул гьиргун, лъарал рагIалда кьураб гIакълу гIолохъанаб бетIералъ гIаданибе биччачIолъиялъ" - ин абулеб бугин ккола гьес.

Ахираб къого сон какал рецIулаго унеб буго, Аллагьас къабул гьарулеллъун ратайги нилъер киназулго лъикIал ишалги къасдалги, пикрабиги.

Нилъер къасд ва ният букIине ккола лъикIал ишазде. Исламалъул бищунго кIудияб рахIматал рагIула гьеб. Масала, бусурманчияс квешлъи гьабизе хиял лъуни гьеб гьабун гурони мунагь хъвалеб рагIуларо, лъикIлъи гьабизе хиялги лъун, дуда рачIел гIиллабаца гьеб хутIани, гьеб лъикIлъиялъул нияталъухъги кири хъвалеб буго ТIадегIанав Аллагьас. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG