МагъчIваялъе рес

Сирия: Россиялъул бомбабазул кьвагьиязул Дагъистаналда дандерижи


Россиялъ гьаваялдасан щвезабулеб кьабиялда дандечIун буго улкаялда гIумру гьабулел гIадамазул 28 процент. Гьелъул рахъкколеб буго улкаялда гIумру гьабулел гIадамазул 72 проценталъ.

Гьединго Франциялъ гьабулелдаги тIад рекъолеб буго гьезул 63 процент. 78 проценталъ рикIкIунеб буго ахирги 1979 соналда Советиял аскарал Афгъанистаналде ритIараб мехалда ккарабго гIадаб ахIвал-хIалалде рачине рес бугилан. Чияр хIукуматалъе гIоло рагъулаго расги гIайиб гьечIел гIолохъаби чIван рачIанин абураб разилъи гьечIолъи букIуна гьанже-гьанжеги Россиялъулазул, гьединго дагъистаниязул.

Сириялда кьаби щвезабизе Россиялъул аскариязе разилъи кьуна Федерациялъул ГIуцIиялъ. Гьелъ гьединаб пикру мекъи гьабунилан жаваб кьун буго «Левада-централъе» россиялъулазул 33 проценталъ. Гьелдаго цадахъ 46 процент рази буго гьеб хIукмуялда.

Дагъистаналдаги цо ккураб пикру гьечIо гьеб ахIвал-хIалалда бан. Масала, Россия Сириялде иналде цо халкъ букIана ИГИЛалда ццим бахъун. Гьезда гьоркьор рукIана республикаялда экстремисталин рикIкIунел диниял рикьалабазул чагIигицин. Амма гьанже гьезул пикру хисун буго, Россия Сириялда кьаби щвезабизе байбихьидал. Бусурбаби гъурулел ругин Россиялъин абун.

Гьединго цогидаб халкъ буго Башар Асадида ццим бахъарал. ШигIитазул чи хIисабалда, гьес ургъунго суннитал тIагIинарулел ругилан.

Россиялъул археологазул экспедициялда цадахъ 1995 соналдаса 2010 соналде щвезегIан заманалда чанго нухалда Сириялде щун вукIана Дагъистаналдаса археолог Рабадан МухIамадовги. ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гьес рикIкIунеб буго Россия кватIанин ИГИЛалда кьаби щвезабизе.

Рабадан МухIамадов: «Дир пикру буго Россия кватIун бугин гьеб кьаби щвезабизеян абураб. Гъоз (ИГИЛалъ – ЭР) Пальмира бахъилалдего гьабизе кколаан гьеб. Гьебни Пальмира гурелги, цогидал памятникалги гъурана, лъугIизаруна гъоз. Гьеб гьабиги, гIадамал чIвайги гIадатияб жо буго гъозие. Цо газеталда хъван бугоан Россиялъ ракетаби рехулел ругин некIсияб Пальмираялдеян. Гьеб гьереси буго. Гъоб буго Пальмираялде щвезе 80-100 км бугеб бакIалда речIчIулеб жо. Пальмираялда гIемераб бакI кьвагьизабуна гъоз (ИГИЛалъ – ЭР). Храм Баал абун букIана кутакалда берцинаб КIалгIа. Щущазабуна гъоз гъоб. Гьединго кьвагьизабуна Триумфальная арка, Башня Смерти (хабалазул кIуди-кIудиял сиял). Гьанже античный театр буго доба минаги жаниб лъун, кьвагьизе къачIан. НекIсиял музеяздаса къайи-къоно контрабандаялъул къагIидаялъ бичулебги буго доз. Бичизе кIвечIеб жо кьвагьизабулебги буго. Сундуйниги гIорхъи гьечIо гъозие».

Гьал къоязда цIакъго гIемер хъвалеб буго интернеталдасан Россиялъ Сириялде рехулел бомбаби дагъистаниял жанир чIарал росабазда щун ругин, гьедин гьенир гIезегIан гIадамал чIван ругин, тIуризе кIварал тIурун ругин. Туркиялдагун, ГIиракъалдего гIадин, Сириялде дагъистаниял аслияб куцалда гIурусазулгун Кавказалъул рагъ лъугIун хадур гочун рукIана. Гьезул наслаби руго гьанже гьел гIараб улкабазда.

Амма цевехун рехсарав Дагъистаналдаса археолог Рабадан МухIамадовас рикIкIунеб буго Россиялъ рехарал бомбаби гьел дагъистаниязул росабазда щун ругин аби хасал къуватазул пропаганда бугилан.

Рабадан МухIамадов: «Гьеб буго Россиялда данде хIалтIизабизе цебеккунго хIадурараб жо. Дун гьелда божуларо. Дейрфул абун цо росу буго доба дагъистаниял жанир чIараб. Россиялъ кьаби щвезабилалдего тIиритIизарулел рукIана чIварал гIадамазул (церего рахъарал) суратал. Дун божуларо гьелда. Узухъда, цо гъалатI ккун букIине бегьула. Масала, Америкаялъги азархана кьвагьана. Рагъ бугеб мехалда гьединал жал ккечIого хутIуларо. Гьабун батани, цIакъ квешаб жо буго гьеб. Хадуб ккечIого букIине, цIех-рех гьабизе ккола гьединал жалазул. Амма гьабсагIаталда бугоха Россиялда данде чIарал пачалихъазул пропагандаялъул гуч. Гъозул гъоб тIатана гьанже. 60 пачалихъалъул коалициялъ ИГИЛгун цадахъ рекъон гьанжелъагIан гьабураб зарал бащалъуларо Россиялъ анцIго къоялъ гьабураб заралалда. Гьанже жалго тIатиндал ургъулел харбал руго гьезги гьел. Гьединлъидал хIужа, документ букIине ккола сундулго. Гьединаб документ батани, цIакъ мекъи гьабун буго».

Гьанжеялдаса 10 соналъ цее Дамаскалда цIалулей йикIарай Дагъистаналдаса Эльмира ГIалиева. Гьелъул пикру гьадинаб буго Россиялъ щвезабулеб кьабиялда тIасан.

Эльмира ГIалиева: «Лъималаздаги, мажгитаздаги, гIадамаз гIумру гьабулел минабаздаги щолеб бугин речIчIулеб жоян хъвалеб бугоха интернеталда. Энибе (интернеталде) эб рехулев чиги чанги батIияв вукIинарищха, лъида лъалеб эб батIа бахъизе? Гурони, ИГИЛалда щвезабулеб батани, гьеб батIияб жо бугоха».

Советияб заманалда ГIиракъалда хIалтIулев вукIарав Дагъистаналдаса ГIабдулаца ЭР-ялъе бицана ИГИЛалъул хIинкъи Дагъистаналдеги щвезе рес бугилан.

ГIабдула: «Дунни ахираб заманалда телевизоралъухъгицин балагьуларо. Амма рагъ лъиеха бокьилеб? Нилъееги хIинкъи бугеб жо гьечIищха гьеб. Доб ГIиракъалда ккараб жо бихьичIищха нужеда? Саддам ХIусенги вукIана живго жиндаго ракIчIун, хIукуматги букIана тIегьалеб, щибниги гIайиб доздаги букIинчIо – дол атомалъул ярагъги букIинчIеб доба кинабгIаги. Амма нарт жидеего баччизе къваригIун гьадаб пасалъи гьабунаха доз Америкаялъул гIайиб гьечIищха гьениб. Дозго гIуцIулеб жо бугоха гьабги».

Дагъистаналда гьабсагIаталда къанагIатги дандчIваларо Сириялдаса гIадамал. ГIицIго чанго чи вугин абизе бегьула. Амма гьезги инкар гьабулеб буго жидер улкаялда бугеб ахIвал-хIалалда бан рагьун бицине. Гьез гьеб рикIкIунеб буго президент Путинида дандечIей гIадин.

XS
SM
MD
LG