МагъчIваялъе рес

Миллиял суалал - гъоркьа тIадехун… яги магIарухъ саз ва чунгур


ЦохIого бакIалда гIемерал батIи-батIиял миллатал хIебтIараб ва цоцалъ рекъон гIумру гьабулеб бакI хIисабалда лъала Дагъистан тIоцебесеб иргаялда. Гьеб батила цIакъ къанагIатаб, дагьазда гьорукьоса цояблъун рехсезе бегьулеб тIокIлъи нилъер республикаялъул.

Абула киданиги тарихалда Дагъистаналда букIинчIин миллатазда гьоркьосеб кьал, тунка-гIуси ва рагъ абун. БукIана тухумазул, росабазул ва цогидал тунка - гIусиял, амма пуланаб миллат пуланаб миллаталде данде ин абураб жо букIинчIо. Советияб пачалихъалъ ва гьелъул идеологиялъ миллиял мацIалги, культураги, адабиятги лъикI хьихьулеб букIун батаниги, гIезавулев вукIана советияв инсан. Гьениб миллаталъул суал ине кколаан нахъисеб кьерде, диналъул суал тIубанго гьукъун букIана.

СССР биххун хадуб, эркенлъи щварал хIабургъарал 90 абилезда политикияб аренаялда рачIана милиял рагъа-рачариял ва гьезул церехъаби. Лозунгал рукIана нижер миллат цIунизе ккола, гьеб къварид гьабун бугин, гьеб нижеца хIехьеларин абурал гIадал. ХIакъикъаталда цере рахъулел рукIана миллаталъул ургъелго гьечIел гIадамал жидерго интересалгун. Имам Шамилил фрон абун ХIажи МахIачев, Гъазигъумекдерил цевехъан МухIамад Хачилаев, лъарагIазул «Тенглик», лезгиязул «Садвал» ва цогидалги. ЦохIо милияб багъа-бачари букIинчIо даргиязул. Щай лъалищ? Щай гурелъул даргиял гьадингоги власталда рукIана, гьезие хIажалъи букIинчIо митингаздагун миллиял рагъа-рачарияздалъун жидее жо тIалаб гьабизе.

Гьелдаса бихьулеб буго кин ва щай рижарал жал рукIарал миллиял рагъа-рачариялали. ХIажалъи букIараз данде гьаруна яргъид гIуцIарал къокъабиги, тIалаб гьаруна хъулухъалги. Гьелъул хIасилалда щвана ХIажие нарт, Хачилаевасе ччугIа, хутIаразе жидерго ресалда ва сурсаталда рекъарал тахбакIал. ГIадамазда бичIчIана гьел жалго митингазда ахIдезе данде гьарурал церехъаби жидеда гурхIун къватIир рахъичIеллъи. Гьелдаса хадуб «милияб багъа-бачари» абураб жо, ялъуни «нилъер миллат, мацI, адабият, тарих» абун чи цеве вахъарабго сундуе хъвалеб накъирадай бугеб гьабин гIенеккун чIола гIадамал.

Дол 90 абилезда гIадин «Аллагьу акбар» ги ахIун цебе унеб гIантIикIаялда хадуб гIалам унаро. Гьеб букIана цо хасав чиясул гIаданибе бачIараб пикруялъ бижизабураб миллияб суал, тIасан гIуцIараб, гIураб жо щварабго тIад вугес реххунги тараб. Гьаб сагIаталда балагьарабго гъоркьан, хасал гIадамазда гъорлъ бижун бачIунеб буго миллияб суал, хасал миллитазде рокьукълъи. Гьеб якъинго бихьулеб буго социалиял сетаздаги, гIадатиял гIадамазул гара-чIвариялъулъги.

Дербенталда жидер кечI ахIизе течIин лезгиял, жидер хъулухъчагIиги инарун цохIо жиндие ритIухъаб тухум тана ГIабдулатIиповасин даргиял, ГIавухъ район, жидер ракьал, Хасаюрталда аваразул политикаялда рази гьечIел чачанал, гьел киналго суалал роцIцIаниги роцIцIунареб, роцIцIине ресго гьечIеб ракьул суалгун лъарагIал. Цониги къуваталъул структурабазда аварав тун гьечIо, Дагъистан гIуцIаралдаса нахъе букIинчIо гьаб хIалин аварал ва анцI-анцI цогидал суалалгун гIисинал миллатал. Къо бахъанагIан бегIерулел буго милияб суал, жибго халкъги, властги буго гьеб суалалъул гъоркьлъалида Дагъистаналда.

Пуланаб министерствоялда пуланав жидер миллаталъул чи цIогьодизе ва ришватал росизе виччалев гьечIин гIарзахъдиялдаса кIудияб ахIмакълъи щиб букIинеб цойги? Жинидир хьитал къачIазе, гIус бахъизе, дарс кьезе, унти чIезабизе, машинадул нах щай бухIулебали балагьизе, тIаждада рукъи базе лъицаниги валагьулев гьечIо я гIагарав, я росуцояв, я жиднир милаталъул чи. Гьел гIисинал суалазулъ киналго рекерулел руго махщелчи, иш лъалев чи валагьизе, папуас гьев вугониги батIалъи гьечIо.

ТIубараб республикаялъул министерство, район, шагьар, цо-цо мехалда республикаги кьезе хIадур руго бокьарав гIабдаласухъе жиндир гIагарав чи вугони гIелин. Гьениб бачIунеб буго доб миллияб суал. Цониги жидер миллаталъул чи географиялъул мугIалимлъун тун гьечIин дагIба балев чи дида рагIичIо.

Министрлъун течIин дагIба киназго балеб буго, география мекъи кьеялдаса азарго нухалъ лъавукъав министрас гьабулеб зарал цIикIкIун бугониги. Гьел Дербенталда авар кучIдул ахIанин гIарзахъдулел бахIарзаздеги чанцIул абураб нахъойги такрал гьабулеб буго. Гьениб миллиардгун бащдаб жакъаялде харж гьабун буго, жеги 20I8 абилеб соналде щвезегIан гьабизеги буго.

Гьелъухъ баркала кьолев чи цониги рагIичIо, ГIабдулатIиповасул рагIабазда ахIараб кочIодаса гIарз гьабулел гурони. Нижер ЛъаратIа районалда ва тIубараб мугIрузулаб Дагъистаналда гьеб кечI нужее гIадин милиардалцин кьечIого ахIулеб буго щибаб соналъ. Миллиардгун бащдаб гIарац магIарухъе биччани ниж рази руго щибаб радал ва бакъанида лезги кечIалъухъги, нужер гьеб сазгун чунгуралъухъги гIенеккизе.

Пайда щиб, ниж махIрум гьарун руго гьел нуж зигардулеб рахIматалдаса. Гьеб милияб суал борхизе гIураб масъала гуро. ГIадада гурелъул абун бугеб, бищунго милияб суал роцIцIиналъе битIараб нух бугин гьеб суал борхичIого тей абун. Хабар лъикIаб аргIайги.

-------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG