МагъчIваялъе рес

Хисизабулищ Генпрокуратураялъ Амировасда хурхун жиндирго хIукму?


ГIумруялъго туснахъ гьавурав МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировасе диваналъ къотIараб хIукмуялъул хал гьабеян гьарана Россиялъул президент Владимир Путинида инсанасул ихтиярал цIунулев Андрей Бабушкиница 1 октябралда инсанасул ихтиярал цIунулезулгун букIараб дандчIваялда.

СагIид Амировасдехун жиндир бербалагьи батIияб букIанин абуна Андрей Бабушкиница, амма диван гьабураб куцалде кIвар кьедал жинда бичIчIанила гьениб зулму хIалтIизабураблъи.

Андрей Бабушкин: «Диваналъгун прокуратураялъ гьеб зулмуялда данде гьабураб къеркьейги буго гIажаибаб. Диваналда цеве эхетарав анцIавго чиясе токги биччан гIакъуба кьолеб букIанин хъарал гIарзазда тIасан хIуччал цIан руго гьез.

Гьединлъидал Амировасул ишалда хурхун диваналъ гьабураб хIукмуялъул хал гьабеян Генералияб прокуратураялде дуца хитIаб гьабуни, цIакъ бокьилаан нижее».

Амировасде гIунтIизабураб гIайиб цIакъго кIвар кIудияб букIаниги, жинца Генералияб прокуратураялда абилин разилъи кьуна Путиницаги гьелъие.

МахIачхъалаялъул экс-мэрасе гIумруялъулго туснахъ къотIана исана августалъул ахиралда Ростовалда бугеб рагъулаб диваналъ. Гьелде щвезегIан гьебго шагьаралда 10 сонги кьун букIана Амировасе. Гьесда цадахъго хIукму къотIана жеги чанго чиясеги.

Гьезул цояв ккола Амировасул вацасул вас Юсуп Жапаров. Гьезиеги кьуна туснахъалъул 20 –са бахъараб 11 – ялде щвезегIан сонал. Диван гьабулеб заманалда гьезул цо-цоял рукIана Путин тIад вахъарал футболкабиги ретIун.

ПалхIасил, гьанже гьеб ишалъул хал гьабизе Генералияб прокуратураялда тIадкъалин жинцаян Россиялъул президентас кьураб жавабалдаса хадуб батIи-батIиял пикраби тIиритIизаризе лъугьана интернеталдасан хъвадарулел дагъистанияз. Гьезда гьоркьор ругел Амировасул рахъ ккурал чагIаз цоцазда баркулеб буго - гьитIинаб букIаниги, жидее кIудияб кIваралъул бергьенлъи бугин гьебилан.

Амма президент Путиница гьеб лъазаби гьабуниги, иш хисизе букIиналда божилъи гьечIо Дагъистаналдаса адвокат Сапият МухIамадовалъул. ЭР-ялъе гьелъ бицана прокуратураялъ гьанже рахъун Амировасда хурхараб хIукму мекъаб бугин рикIкIани, жалго жидецаго къватIир чIвазари гIадаб жо ккезехъин бугила гьелъул.

Щайин абуни, тIоцебего прокуратураялъ гIайиб гIунтIизабулеб документ гIуцIулила цIех-рехалъ данде ракIарарал киналго хIужабиги хIисабалде росун. Цинги гьенир гIунгутIаби ратичIони, гъулбасги лъун диваналде битIулила прокуратураялъ гьеб иш.

Гьединлъидал жидеца Амировасда хурхун гIуцIараб даптаралда гъоркь гъулбас мекъи лъун букIанилан мукIурлъизе гьечIин прокуратураян рикIкIунеб Сапият МухIамадовалъ. ГIицIго цо хIужаялъ гьабизе бегьулила гьениб хис-бас.

Сапият МухIамадова: «Амировасда цадахъ диван гьабурал цогидал гIолохъабазе гIакъуба кьун бугин хъвалеб букIана прессаялдасан. Гьесда данде баянал кьезе тIамун ругила гьел. Гьеб жо Путинидеги щвезабун рагIулин бицен буго. Гьединлъидал гьезие зулму гьабиялда бан цIияб цIех-рехалъул иш байбихьани, Амировасул ишалъулги цIидасан хал гьабизе рес буго.

Гурони, гIицIго Амировасе къотIараб хIукмуялда тIасан Генералияб прокуратураялъ батIияб хиса-баси гьабизе гьечIо, президентас абуниги. Щайгурелъул гьеб мехалда гьелъул магIна ккола къануналда рекъон гурин гьез гьанжелъагIан гьеб ишалъе хIукму гьабураб, цо лъилалиги тIадкъаялда рекъон гьабунилан».

Кин батаниги, цо-цо дагъистаниязул пикру буго президент Путиница гIадада абураб жо гурин МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировасул ишалъул хал гьабизе Генералияб прокуратураялда тIадкъалин рагIи кьелилан.

Гьеб кколин гьанже СагIид Амиров гIадал чагIи къваригIун ругин абураб магIна. Гьедин цо-цояз гьеб хIужа Сириялда рагъулел ИГИЛалъулаздагицин хурхинабулеб буго. Дагь-дагьккун дораса тIурун, Кавказалде, Дагъистаналде тIадруссине рес бугел хъачагъал хIинкъизаризе къваригIун батулила Амировасул цIар.

Гьелда цадахъго цогидаз ракIалде щвезабулеб буго Амировасда хурхун Европаялъул диваналъ гьабураб хIукмуги. Гьелда рекъон, сакъатав, живго жинцаго тIувазе бажаруларев чи хIисабалда, Россиялъул диваналъ гьесие къотIараб хIукму цIакъго мекъаб буго.

Гьединлъидал рухIияб зарал бецIизе Амировасе 15 азарго евро кьезе тIалаб гьабулеб буго Европаялъул диваналъ Россиялдаса.

XS
SM
MD
LG