МагъчIваялъе рес

Цоясда хадур – депутатал, цогидасда хадуб - халкъ


1 октябралда халкъги гIахьаллъичIого МахIачхъалаялъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъиялде вищана «Единая Россиялъул» вакил Абулмуслим МуртазагIалиев. Гьебго заманалда Хасавюрталда халкъ къватIибе бахъун букIана чанго къоялъ цеве шагьаралъул бетIерлъиялдаса нахъе арав Сайгидпаша ГIумаханов нахъвуссаян абураб гьаригун.

МахIачхъала шагьаралъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъулевлъун 1 октябралда вищана Абулмуслим МуртазагIалиев. Гьев ккола «Единая Россия» партиялъул вакил. МуртазагIалиевасда данде лъураб цогIаги кандидатураги букIинчIо. Гьедин гьесие гьаракь кьуна МахIачхъалаялда вугев 45 депутатасда гьоркьоса 39 чияс.

Абулмуслим МуртазагIалиев гьениве вищизехъин вукIин цебеккунго якъинаб букIанин бицана ЭР-лъе ракI рагьараб гара-чIвариялда шагьаралъул администрациялда хIалтIулел чагIаз.

Республикаялда Абулмуслим МуртазагIалиев рехсоларо цере кIанцIун политика гьабулел чагIазда гъорлъ. Гьев лъала чанго соналъ цеве ЖамгIияб Палатаялъул нухмалъиялда вукIарав чи хIисабалда. Гьенивеги гьев Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул юридикияб факультеталъул деканлъиялдаса вачIун вукIана.

МуртазагIалиевасул гIумрудул буго 63 сон. Гьев ккола Гъуниб мухъалъул Куллаб росулъа.

«Единая Россиялъул» вакил вукIиналъ вищун ватилин Абулмуслим МуртазагIалиев МахIачхъалаялъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъиялдейин рикIкIунеб буго МахIачхъалаялда цо-цояз.

Амма гьеб партиялда гъорлъ вукIин гуревги, гьаб нухалда тахшагьаралъул депутатазул гIуцIиялде рищарал чагIазда гъорлъ гьев вугин дагьавниги мадарав чиян тIадежубалеб буго цогидаз. Щайин абуни бацIцIун хIакимзабазул лъимал ругила гьенире рищун.

Гьенире рищарал депутатаздаго гIадин, гьезул цевехъанасда бараб жоги гIемер букIине буго, щайин абуни гьанже октябралда гьез вищизе вугелъул шагьаралъул мэр. Гьедин шагьаралде чара гьечIого «Единая Россиялъул» чи ккезавизе букIиналда щаклъи хутIулеб гьечIо гIемерисел махIачхъалаялъулазул.

1 октябралда тахшагьаралъул депутатазул нухмалъулевлъун вищарав Абулмуслим МуртазагIалиев мэрлъун ккезе вукIиналда лъилниги божилъи гьечIо.

Амма чанго къоялъ цеве Абулмуслим МуртазагIалиевго гIадин, Хасавюрт шагьаралъул депутатазул нухмалъиялде вищарав Сайгидпаша ГIумаханов цIидасан шагьаралъул бетIерлъун вачIаян абураб ахIи буго гьенир гIумру гьабулел чагIазул. Гьединаб мурадалъул данделъи тIобитIана гьез 30 сентябралда Хасавюрталда.

Исана 23 сентябралда Сайгидпаша ГIумахановас жинцаго хIукму гьабуна шагьаралдаса нахъе ине. Гьебго къоялъ гьев вищана шагьаралъул депутатазул цевехъанлъунги. Гьел къоязда бицен букIана ГIумахановасе республикаялда цо министрасул хъулухъ кьолеб бугилан. Амма 30 сентябралда халкъ къватIибе бахъана тIадвуссаян абураб гьаригун.

Гьеб данделъиялда гIахьаллъана Хасавюрт шагьаралъул жамгIияб гIуцIиялъул вакил, гьединго адвокатазул коллегиялъул нухмалъулев Зайбодин ГIумаров. Гьадин бицана гьес ЭР-ялъе.

Зайбодин ГIумаров: «Нахъе ине Сайгидпашаца гьабураб хIукмуялда цIакъ рекIекълъана ниж – нижеда гъорлъ батIи-батIияб миллаталъул гIадамал руго (магIарулал, чачанал, лъарагIал…). Нижее бокьун гьечIо гьаб шагьаралдаса гьев нахъе ине.

ХIукуматалъулги ГIабдулатIиповасулги политикаялда данде чIарал чагIи гуро ниж…

ГьабсагIаталда нижее хIажат вуго Сайгидпаша. Жибго болжалги (шагьаралъул бетIерасул) ахиралде щола 2018 соналда. Шагьаралда гIезегIан лъикIал хIасилалги ругеб мехалда щай гьев, гьединав политикияб къуват жинда нахъа бугев чи, нахъе ине кколев?

ЛъикIа-лъикIал проектал руго гьанир байбихьун – школал руго ралел, цогидаб буго – кьеха заман гьел ахиралде щвезаризе. Гьеб мехалда бегьула гьеб суалалде тIадруссине. Жибго гьаб шагьарги буго цIакъ захIматаб ахIвал-хIал бугеб. Жиндир бихьинаб гIамалалъги, гьесул къвакIиялъги данде бачана Сайгидпашаца гьаб 18 соналъ.

Шагьаралда ругел нижер пикруги хIисабалде босизе ккола гьев нахъе ине суал цебе лъолелъул. Масала, дун вуго Хасавюрт шагьаралъул жамгIияб гIуцIиялъул вакил, «Меценат» абураб фондалъулги адвокатазул коллегиялъулги нухмалъулев.

Дун хъулухъалдаса нахъе ани, лъиданиги бихьичIого, лъиениги асар гьабичIого хутIизе бегьула гьеб хIужаялъ. Додинав къуватав политик нахъе индалин абуни, нижеда хъинтIичIого, захIмалъичIого букIине рес гьечIо».

Зайбодин ГIумаровас бицухъе, гьез юстициялъул министерлъиялде гIарза кьун буго Сайгидпаша ГIумахановасул рахъккун 6 октябралда Хасавюрталда митинг гьабизе изну гьарун.

XS
SM
MD
LG