МагъчIваялъе рес

Заман щвелелдего къанщана


Гьал къоязда республикаялъул шагьаразда, районазда ва росабалъ унел руго 13 сентябралда тIоритIарал рищиязул хIасилал гьари, ай муниципалиял гIуцIабазул бутIрул рищи. Лъалеб букIахъе рищиязул цIияб къагIидаялъ тIубанго къоно чIвана халкъалъул пикруялдаги, гьез власть бищиялдаги тIад.

Муниципалитетаз тасдикъ гьарурал уставазда рекъон районалдаса ращдал, республикаялдаса ращдал комиссиялъул членаца тIаса вищизе кколев рагIула бетIерлъун вукIине мустахIикъав чи. «Гьав мустахIикъав вуго» - ян цIарги чIван кьолеб буго гьесул кандидатура гьевго бетIерас рищиязда «бергьизарурал» депутатазухъе тасдикъ гьавизе.

Щал ал «комиссия» абун цIар чIварал хIикматал гIадамал, тIаде балагьун бетIерлъун вукIинев гIадав чи ватIа вахъизе лъалел? Щиб хIисабалде босулеб гьениб, кинал шартIал рукIине кколел бетIерлъун тезе ккани? Нусго суал, азарго хIисаб…

Нилъер пачалихъалда рищиязул тарихалда дида лъалел гIицIго цохIо нухалда тIоритIана рацIцIадал рищиял. Цо гъурущ гIарацги кьечIого, гьересипротоколалги хъвачIого, жив вищулев программагун халкъалда цеве вахъун, жинца вищулев кодоб бюллетенгун гьаракь кьезе ун.

Гьел рукIана 1988 абилеб соналъул ихдал РСФСРалъул Верховный Советалде депутатал рищулел рищиял. Гьел рищиязул кумекалдалъун халкъалда лъана, тIалъиялде вахана ва федералияб политикаялде ана живго жакъасев бетIер Рамазан ГIабдулатIипов.

Гьел рукIана рацIцIадал рищиял. Гьелдаса хадур рачIана хIабургъарал 90 абилел. Чакрихъгун чадихъ росулел, тунк1азгун тунчуз тIамулел, кIалтIа гранатабигун кандидаталги чIун гьаркьал рикIкIунел «рищиял». Гьезул кумекалдалъун власталде бачIана криминал. Гьел соназда бижана рищиязул хIасил гьел гьаркьал рикIкIунев чиясда бараб бугин абураб калима.

КигIан хIалуцарал ругониги гьел рищиялги рукIана конкуренция бугел рищиял. ГIодосеб автоматалгIаги росизе кколаан рищиязде унев чияс. Киналго автоматаца тIамун бажарулароан, чай-чакар, гIаракъи-чагъир, ханжу-цIамниги хвезабизе кколаан кандидатас. Хадур раккана районазул ва шагьаразул бутIрул депутатаз рищулеб къагIида.

Парламент – ращдал цохIо мандаталъул округаздаса, бащдаб парламент партиязул сияхIаздалъун гIуцIулеб. 2000 абилел соназул бащалъиялда тIубанго партиязул сияхIазде рачIана, лъугIана дол кандидат программагун халкъалда цеве вахъулел рищиял. Думаялде унев чияс гIурччинал кагътазул дипломатги пуланаб бакIалде ккезабун хъвалаан партиязул сияхIалда цIар.

Дагъистаналдаса думаялде вищарав 10 депутатасул ичIгояв 90 процент халкъалда лъазецин лъаларел рищиял тIоритIана ахиралда. Районазул ва шагьаразул бутIрул рищулел рукIана жидецаго гIуцIарал рай ва горсобранияца. Рищиязул къанунал камил гьарулаго ахирги гьеб ихтияралдасаги махIрум гьаруна гIадамал.

Жакъа тIасан гъоркье биччараб хасаб комиссиялъ кверчIвазе кколеб рагIула кинав бетIер вукIине кколев халкъалда тIад абун. Кинго бичIчIуларо, хасаб комиссиялъ бетIер вихьизавулев ватани азие гьабгощинаб гIарацги хвезабун рищиялги, праймеризалги, партиялги, сияхIалги, избиркомалги ва хутIараб вала-рахасги щиб гьабизе?

Щай цин гIадамал, хадур жалго жидецаго гуккулел? ВитIеха кагъатги хъван пуланав чи толев вугин бетIерлъун абизе цохIо вакил 300 гъурущалде командировочноеги хъван. Гьелъул бакIалда 300 миллион гIарацги, гIадамазул нервабиги, заманги, кагъатги чIвачIого.

Гьаб улкаялда ахIмакълъиялъе ахир киданиги букIине гьечIеб гIадаб жо буго. Гьеб киналъулго хIисабги гьабун ракI-ракIалъ зигара балеб буго тохлъукьего къадарги щун къанщараб демократиялъул, инсанасул ихтияразул, гIакълуялъулгун эркенлъиялъул рахъ ккураздаги, гIага-божараздаги.

ЦIакъ гIумру къокъаб букIун буго мунагьал рахчад демократия нилъер гьаниб. Кидаго гIадамазул ургъалидаги букIунаан, амма гIадамаз гьелъул адабго гьабичIо. Жидее Сталин къваригIун вугин цоял, Къадиров гIадав бетIер кьеян кIиабилел, кьураб ихтияралдаса пайдаго босичIого кьурун руссун чIун лъабабилел.

Ракъарал ункъоялда анцIабилезда чакрилгун макароназул унтуца хъегIизе байбихьараб гьеб пакъир тохтирлъи гьабизе цIогьалгун гьардухъабиги ккун чанго сонаца унтана ва халат бахъичIеб гIазабалдаса хадуб къадаралде щвана.

Сон ва жакъа хасаб пагьму гьунар кьурал хIикматал гIадамаца цIарал чIвалел руго бутIрузда, гьезие кверал рорхизе депутаталги рищун рагIула. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG