МагъчIваялъе рес

Хал гьабулел идараби, яги ришватчагIазул армия


ТIолго Россиялда бищун кIудияб процент экономикаялъул рагIдукь бугел регионазул цояблъун кколеб буго Дагъистан. Амма бизнесчагIаз рикIкIунеб буго гьелъул гIайиб хал гьабиялъул идарабаздаги бугин. Сунца тIамулел бизнесчагIи рагIдукье ине ва кинаб гIахьаллъи гьелъулъ бугеб хIакимзабазул.

Дагъистаналъул бизнесчагIи рагIдукь бугеб экономикаялдаса легалияб хIалалде рачиналъул мурадалда 2015 соналъул май моцIалда республикаялъул щибаб мухъалъул тIалъиялда тIадкъан букIана гьединал бизнесчагIи тIатинари ва гьезул Магъалабазул идараялда хъвай-хъвагIай гьабизаби, амма гьеб хIалтIул хIасилалда тIолго республикаялда 2000 рахинчIел рагIдукь ругел бизнесчагIи гурого тIатинарун гьечIо.

Гьезул хIакъикъияб къадар чанго нухалъ цIикIкIун бугеб заманалда. Гьедин, Дагъистаналъул Магъалаби ракIарулеб идараялъул баяназда рекъон, республикалда ракIаризе кколел магъалабазул лъабил бутIа гурого бакIарун гьечIо жакъа къоялде, лъагIел байбихьаралдаса.

Дагъистаналда бугеб бищун цебетIун хIалтIулеб компаниязул цояблъун кколеб «Эльстар» абураб компаниялъул нухмалъулев Кахриманов Назимица МахIачхъалаяъул тIалъиялъул предпринимателалгун букIараб данделъиялда лъазабун букIана, рагIдукьа бизнес бакъуде бачине кканани гьелъие шартIал чIезаризе ккелин цин тIалъиялъ.

Гьедин гурони, жакъа къоялъ тIалъиялъ чIезабураб системаялъ бизнесги хвезабулеб бугин, бизнесчагIазда магъалаби кьолеб куц кIоченеги гьабулеб бугин.

Предпринимателазул ишазул омбудсмен Башир МухIамадовас « REGNUM» ИАялъе баян гьабухъе, кIудияб гIунгутIилъун хутIулеб буго бизнесалъул сфераялда хал гьабулел идарабазул рахъалъан бизнесчагIаздехун бугеб цIакъго цIикIкIараб кIвар. Гьеб рахъалъ республикаялъ 18 бакI кколеб бугила Россиялдаго.

Амма цебе гIадаб бокьа-бакьараб гьаби гьеб сфераялда жакъа гьечIилан абулеб буго омбудсменас. Жакъа бищун кIудияб гIунгутIилъун кколеб бугила магъалаби рахунел рукIин. Цогидаб гIилла бугила бизнесчагIазул лъавукълъи, жидерго ихтиярал лъангутIи. Гьелдаса пайда босулеб бугила хал гьабулел идарабзги.

Масала, ГIорхъолъа арал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул рахъалъ халгьабиял тIоритIиялъе мараторий лъазабун бугила. БукIанила лъугьа-бахъин кинабгIаги ихияр гьечIеб жамгIияб гIуцIияъул вакилас тукенчиясда гIакIа къотIун, гьесухъа ришват тIалаб гьабулел букIарабги. Гьединлъидал кIвар бугеб масъала кколила бизнесчагIазул лъай борхизаби.

Гьелдаго цадахъ, хал гьабулел идарабазул къадар микьиде щун дагь гьабунани лъикIаб гали букIинаанин бизнесчагIазе квербакъи гьабиялъул ишалъейилан рикIкIунеб буго омбудсмен Башир МухIамадовас.

МахIачхъалаялдаса Рузана Ибрагьимовалъул буго берцинлъиялъул салон, чIужугIаданалъ кьолел руго магъалаби, амма моцIи-моцIие рачIун хал гьабиялъул идарабазул вакилзабаз цин цо, цинги цогидал гIиллаби рачун къоIулила гIакIаби. Масала, ахиралда вачIарав МЧСалъул вакилас токалда чайник бан бихьидал, гьеб розетка гьеб базе гIураб къуват бугеб гьечIин, цIа ккезе хIинкъи бугилан 1000 гъурущ гIакIаги къотIун анила. Гьеб хIалалда иш унеб бугонани жиндир бизнес кинго цебетIеларин абулеб буго чIужугIаданалъ.

Хал гьабулел идарабазул вакилзабазул аслияб къадар жидерго чвантие хIалтIулин, гьелъ бизнесчагIазул гъира тIагIунин рагьун хIалтIизе. Гьез тIамулин предпринимателал рагIдукье инейин рикIкIунеб буго Предпринимателазул ва траспорталъул профсоюзалъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Набиевас.

Масала, гьабсагIаталда автотранспорталда хIалтIулезул аслияб къадар бугила тIадчагIигун къотIи гьабун, гьезие гIарац кьун хIалтIулел. Гьеб бугила СагIид Амирвасул заманаялдаса нахъе хутIараб ирсилан баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

ГIисалмухIамад Набиев: «МахIачхъалаялда босанани, СагIид Амировас гIуцIана гьеб къагIида. Нужее щайин магъалаби кьун, дие кьейин гьел магъалабийилан. 15 миллион моцIрое бачIунаан МУПазе, гьенисан гьеб кибе унебали лъалароан, амма киназдаго лъаларищха лъил чвантинибе гьеб унебали.

Шоферзабазеги гьеб хайир бугеб буго, щай гурелъул лъагIалие 50 азарго гъурущ кьезе кколеб батани магъало, гьез МУПалъе кьола лъагIалие 35-36 азарго гъурущ. Жаъка 15 азарго гIанасев чи вуго транспорталда хIалтIулев, гьезул гIицIго 1400 чи вуго Индивидуалияб предпринимателлъун , магъалабиги кьун хIалтIулев».

Набиевас баян гьабухъе, тIадчагIаз жидерго чванта цебе кколеб буго магъалабазул идараялдаса. Гьел хIалтIулел руго жидерго хасаб пайдаялъе.

Гьанибго абизе ккола, сентябрь моцIалъул авалалда, Россиялъул тIалъиялъул нухмалъулев хисулев Александр Хлопонинил Гъизляр шагьаралъул гIадамалгун букIараб дандIваялда, гIадамаз гIарз бахъана гIисинаб бизнесалде тIадецуй букIиналъул хал гьабулел идарабазул рахъалъ.

Хлопониница лъазабуна жакъа къоялде республикаялда 48 батIиял хал гьабиялъул идараби ругин ва гьеб колоссалияб армия кколин ришватчагIазул, гьез хвезеги гьабулин экономикияб цебетIей. Хлопониил пикруялда лъабго яги щуго гIуцIи кколеб буго оптималияб къадар хал гьабулел идарабазул.

XS
SM
MD
LG