МагъчIваялъе рес

Кинаб нухмалъи хIажат бугеб тахшагьаралъе?


Дун гьаб нухалда сапаралъ къватIиве ккана. Дагъистаналъул гIорхъи бахун Чачаналде щварабго цере рехула берцинго къачIарал шагьаралги гIатIидал берцинал къватIалги. Гьелдаго цадахъ цебе рехун бачIуна цойги гIажаибаб рахъ: чIорогоял, къанагIат гурони къотIнор гIадамал рихьуларел къватIал, дагьал автомашинаби.

Гьеб рахъалъ киназго рецц гьабулеб Чачан республика Дагъистаналда аскIоб мукъсанлъула. Масала, Чачаналъ кигIан тIугьудуз бульварал ва къватIал къачIаниги, сверухъ берцинлъи бугониги Дагъистаналда гIадин гIумру «гьалдолеб» гьечIо. Цо-цо баяназда рекъон гьениса щибаб лъагIалие республика тун къватIире ва Роосияго тун чамалиго аза-азар чачанав унев рагIула гочун. Германиялда ва Австриялда чачаназул тIубарал росаби гIун ругин бицуна. Гьединаб хIакъикъат буго мадугьалзабазул.

Нилъер гьаниб батIияб проблема буго.Бокьараб Дагъистаналъул шагьаралде щва нуж, киса-кирего гали бахъизе рес гьечIеб хIалалъ гIадамал, цояздаса цоял багьаял автомобилал, гIодор чIезеги хьвадизеги рес гьечIебгIан хIалалъ гIемер тукаби, базарал, ашбазал.

Гьеб буго чIагояб экономикаялъулги (рагIдукь бугониги) гIадамал ресалда рукIиналъулги гIаламат. Пайда щибха, кинабго рекъараб рукъ алжан гурони букIунарин абухъе, ругоха цере рехулел, ахIтIолел, нилъ нечезе ккарал гIунгутIабиги. Масала, хIикматаб тIабигIияб берцинлъи ва бечелъи бугеб бакIалда бижараб нилъер тахшагьар МахIачхъалаялъухъ ралагьарабго пашманал пикрабаца асир гьарула нилъ. Цебехун – ралъад, нахъехун – мугIрул, сверухъ рохьалгун авлахъал, дагьаб добегIан Европаялда бищунго кIудияб салул гохI Сарыкум, хIикматаб берцинлъиялъул ва гIурччинлъиялъул шагьар нилъеца тIагIинабуна.

ТIагIинабуна тIад буссун цIи гьабизе кIолареб хIалалъ архитектураги, ЖКХги, жаниса жибго шагьарги хвезабуна. Гьеб шагьар хвезабурав чи нилъеца балъгояб гьаркьидалъун вищана шагьаралъул бетIерлъун. Гьесие ришватги кьун ричун росана гIурччинал паркалги сквералги, жанир бетоналъул сиял эхетизе, цоял цогидаздаса сурарал бакIал разе. Гьес тIурарал къватIал ва кварталал бокьухъе рикьулелъул цониги шагьаралъул гражданинасул бихьинчилъи гIечIо гьаракь гьабизе гьеб шагьар теян ва жинда хадуб халкъ цIазе хIалбихьизе. Гьеб буго нилъее, бахIарчиял умумузул наслабиян керен бухулел чагIазе, бищунго инжитаб, ничаб рахъ Дагъистаналъул цIияб тарихалда. Гьев чи нилъеца ханлъун тана, хабар бицаралщинал цоял тIагIана, кIиабилел кьвагьана, лъабабилел ричун росана, гIемерисел бугеб къоги баччун сихI къотIун чIана. Гьелъул магIна ккола цохIо гьес гуреб, нилъеца киназго, гьел соназда МахIачхъалаялда рукIараз, къоно чIванин тахшагьаралдаян абураб. Цоял абизе - хIинкъун, кIиабилел – хъвазе хIинкъун, лъабабилел – хIинкъаразда тIад рекъон ва жалго хIинкъун.

Гьелъул хIасилалда бахъун ана нилъехъа шагьар. Жакъа гьеб буго кинабгIаги градостроительный планги гьечIеб, архитектураялъул нормабиги лъалареб, цересезда бахиллъун хадур рачIарал гIангразул кверщаликь бугеб кIудияб «деревня». Гьаниб «росу» абураб рагIи данде кколаро, МахIачхъалаялдаги абун гьеб берцинаб рагIи инжит гьабизе рекъеларо. Росулъ жамагIатги (гражданское общество), гьелъие хIисаб кьолеб нухмалъиги (местное самоуправление) букIуна. ГIурусаз малъун лъараб гуреб, гIасрабаца нилъер умумуца гьабулеб батараб. Гьединаб, росдадасаги араб шагьаралдеги щвечIеб бакIалде дандеруссун руго миллионалде гIагарун дагъистаниял, гьеб ккола республикаялъул халкъалъул лъабил бутIаялдаса цо бутIа. Исана лъабго миллионалде бахана официалияб къагIидаялъ дагъистаниязул къадар. Пайда щиб, поэтас абухъе «рикIкIине гIемерал, ратизе дагьаллъун» лъугьунел руго нилъ къо бахъанагIан.

Гьаб макъалаялъул аслияб пикру буго къватIисан балагьун нилъер гIунгутIаби рихьи ва нилъ лъугьа-бахъунебщиналъулъ жавабияллъун рукIине ккеялъул суал борхи. Щибха хIажат бугеб жакъа тахшагьар хвасар гьабизе тIоцебесеб иргаялда? Гражданазулаб жамгIият ва гьелъие жавабияб нухмалъи. ТIадчагIигун халкъ цадахъ лъугьун гурони киданиги кIоларо шагьаралда гIадлу гьабизе, нухмалъуда щив лъуниги. Рихьана, кьвараралгун кьураралги рихьана, гьезда хадув интеллигентги вукIана (гурде-тIажу ретIарав, цIороберал лъурав чи), хадур цIар лъезе лъаларелги рачIана. Гьезул щивав нахъе вахъун хадуб хабар букIана чамалиго нус-нус участокал ричанин гьез жал нахъе рахъизе ругеблъи лъан абун.

Лъалеб гьечIо щиб гьабилебали, лъалеб жо буго, хIажат буго щивав махIачхъалаялъуласда шагьаралъул къватIал, бульваралгун, паркал, ралъад ва сверухъ бугеб бакI жиндирго азбарлъун, рукълъун, нахъарукълъун бихьизабизе. Гьедин бихьичIого хIасил кколаро. Лъица гьеб бичIчIи нилъелъ борчIизабилеб абураб суал буго жакъа аслияб. Щиб гьабизе кколеб киназдаго лъалеб буго, кин гьабизе кколебали лъаларого буго тату хун. Нужеда лъалищ кин гьабизе кколебали?

XS
SM
MD
LG