МагъчIваялъе рес

Шималияб Кавказ хасал чагIаздаса бацIцIад гьабийищ?


Москваялъул Басманный диваналъ хIукму гьабуна Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградов кIиго моцIалъ туснахъ гьавизе. Къанун цIунулезда кколеб буго къватIив тани, гьес цIех-рехалъе квалквал гьабизе бугин.

Гьезул щаклъи буго Виноградовас гIахьаллъи гьабун бугин экстремизмалда данде къеркьолеб централъул нухмалъулев хисулев чIваялъулъ, Гъизляралъул администрациялъул бетIер хисулев чIвазе къасд гьабиялъулъ ва террористазе гIарцул рахъалъ кумек гьабиялъулъ.

Низам цIунулез Виноградов ккун ана 27 июлалда. Гьев рикIкIуна Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиевасул сверухълъиялдаса чилъун. Гьединлъидал Виноградовасул доба чIухь бан чанго сагIаталдасан низам цIунулел Сагид МуртазагIалиевасул гъореги ана чIухь базе. Живго рукъалъул бетIергьан гьеб мехалда рокъов вукIун гьечIо.

Андрей Виноградовасул цIар прессаялдасан цIар бахъизе лъугьана 2012 соналъул марталда Гъизляралда депутат МухIамад ХIамзатовги гьесул лъабго вацги чIвайдал. ЧIваразул гIагарлъиялъ рикIкIуна гьеб пиша бугин Виноградовасул хъаравулзабазул. Амма живго Виноградов гьелъие мукIурлъичIо диваналда.

Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовго гIадин, Тарумовка мухъалъул нухмалъулей Марина Абрамкинаги рикIкIуна Сагид МуртазагIалиевасул сверухълъиялдаса гIаданлъун. Гьедин 29 июлалда республикаялда харбал раккана Абрамкина яхчун чIун йигилан. Амма ЭР-ялъе гьеб хабар гьереси гьабуна Тарумовка мухъалъул администрациялъул хIалтIухъаналъ.

Администрациялъул хIалтIухъан: «Гьей жакъа хIалтIуда йикIана. Гьединлъидал гьеб нужеда рагIараб хабар гьереси буго. Гье-ре-си. Дунлъидал гьаний гьелда цадахъ хIалтIулей йигей. Амма гьабсагIаталда гьей гьаний гIодойчIун гьечIо. Тарумовка мухъалдаса-гIебеде сверулей йиго хIалтIул ишалъ».

Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградов кквеялдалъун федералияб централъе къваригIун бугин цо цIакъго жидедаго ракIчIарал политиказдаса Шималияб Кавказ бацIцIад гьабизеян абураб пикру бижун буго Дагъистаналда.

Амма гьелда бан батIияб пикру буго «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасул.

МухIамад БисавгIалиев: «Андрей Виноградов жанив тIамиялдалъун Шималияб Кавказ цо-цо чагIаздаса бацIцIад гьабулеб бугин абураб хабаралда божизе захIмат буго. Щайин абуни Кремлялъги къуваталъул идарабазги гIадамал жанир лъолел руго жидер политикаялда данде ккечIеб мехалда. МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амиров жанив тIамуралдаса нахъе гьединал хIужаби рукIана бакI-бакIазда – цо-цо чагIи тамихIалде цIан.

Амма гIаммаб куцалда гьединал чагIаздаса тIубан республикаги Шималияб Кавказги бацIцIад гьабизехъин букIиналъе нугIлъи гьабулеб гIилла гьечIо. Гьединлъидал Виноградовасдаги МуртазагIалиевасдаги дандечIун байбихьарал тадбирал федералияб централда ругел цо-цо политикиял къуватазул иш бугин кколила дида».

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда чанго экспертас абуна Россия тун къватIивехун вугев Сагид МуртазагIалиев тIокIалъ нахъвуссинарин. Щайин абуни гьев Россиялда жанив тIамулила.

Гьединлъидал МуртазагIалиевас тIаса бищизе бегьулила низам цIунулез ралагьулел чагIи Россиялъухъе кьезе хасаб къотIи-къай гьабичIеб цогидаб пачалихъ. Гьев гьабсагIаталда ГIарабазул Цолъарал Эмиратазда вугин абулеб буго.

XS
SM
MD
LG