МагъчIваялъе рес

М.Сулейманов: «Бичизе ракь хутIун гьечIо МахIачхъалаялда»


Daghestan -- Acting Mayor of Makhachkala Magomed Suleymanov, April 7, 2014
Daghestan -- Acting Mayor of Makhachkala Magomed Suleymanov, April 7, 2014

Ахираб заманалда жинда сверухъ рижарал харбазе жаваб кьуна МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулев МухIамад Сулеймановас.

Интернеталдасан чанго мухъ хъван гурони, МухIамад Сулеймановас официалияб куцалда жаваб кьун букIинчIо жинда сверухъ рижарал харбазе. ЭР-ялъ, бицун букIана Халкъияб Мажлисалъул нухмалъулев Хизри ШихсагIидовасулгун конфликт ккаралдаса хIалуцанин Сулеймановасулгун тIалъиялъул гьоркьорлъаби.

«Единая Россиялъул» сияхIалда Сулеймановас жиндирго вас вихьизави рекIее гIун гьечIо ШихсагIидовасе. Цинги Сулеймановасги гьесда бадибчIван буго дур вас Буйнакск мухъалъул нухмалъиялда вукIине бегьарав, жиндирав щайин депутатлъун вукIине бегьуларевин.

Цинги Хизри ШихсагIидовасгун республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас 25 июналда букIараб парламенталъул данделъиялдаги борхана МухIамад Сулеймановасул суал.

Гьесда божун тун букIараб тахшагьаралъул хIалтIи цебехун унеб гьечIила, кIалъазе лъалеб гьечIила, дагIбадулев вугила, изну гьечIого ралел минабазул къадар МахIачхъалаялда I50 –лъе бахун бугила. Рамазан ГIабдулатIиповас абуна жинца абунин гьесда, МухIамад, дуе гьаб Избербаш гурин.

Цеве гьенив мэрлъун вукIун, лъикIал хIасилал рихьизарунин бицен букIана республикаялда гьесул хIакъалъулъ. Гьединго риххун тIатIала ккезехъин ругел минабахъа гIадамал гочинариялъул рахъалъ гIуцIараб федералияб программаги тIубан бажарулеб гьечIин Сулеймановасухъайин абуна сессиялда республикаялъул бетIерас.

ПалхIасил, гьеб киналдаго тIасан МухIамад Сулеймановас жаваб кьуна гьал къоязда мэриялда букIараб данделъиялда.

Жинца шагьаралда хIалтIи гьабичIин аби гIезегIан мекъи бугила, гIезегIан жоги гьабунила, амма гьалщинал соназ шагьаралда тIурачIого тун рукIарал суалал тIуразе цогиги чиясдаги кIолароанин абуна Сулеймановас.

МухIамад Сулейманов: «Дун шагьаралде вачIаралдаса ракьул цониги кесек бичичIин абизе кIола дида. Гьеб рахъалъ дир намус бацIцIад буго. Дие бокьун бугонигицин гьабизе кIолароан дида гьеб. Щайин абуни бичизе ракь хутIун гьечIелъул МахIачхъалаялда. Киналдаго нахъа бетIергьан вуго. Амма руго хIиллачагIи, гьереси-документалги гьарун, бокьа-бокьарал ракьал ричулел.

Гьел тIатинаризе ккола цин. Гьедин ракьал ричизе гьабураб гьересияб щуазарго хIукму батана дида гьаниб. Гьединго кинабго магIишатги буго бичун – заводал, батIи-батIиял комбинатал, гIуцIаби. Шагьаралъе тарал жал руго гIицIго налъаби. Дун гIемер дандчIвана махIачхъалаялъулалгунги шагьар сверун ругел росабалъа гIадамалгунги.

Гьезул кинабгIаги божилъи хутIун гьечIо хIакимзабазда. Дица гьезие меседил мугIрул сайгъат гьарилин гьуинал харбал рицинчIо. КIвараб куцалда хIалтIана. Гьезда гьебги бихьана. Сверун ругел ракьал гьезда хадур рекIинаруна. Бищунго гьезиелъидал гьел къваригIун рукIунел.

Ахираб 30-40 соналъ квер хъвачIого тун букIараб Калининил къватIалда I5 азарго тоннаялъ хъил тIуна. ЦIияб соналдегун Бергьенлъиялъул къоялде исана гIадин МахIачхъала киданиги къачIанго букIарабищ?

Гьединлъидал цин жидехъго ралагьизе матIуялъуре раккизе ккола дол гIайиб чIвалел чагIи щал ратаниги – депутаталги министралги. ГIумар Хаямил цIакъал рагIаби руго щивав чиясул ахир талихIаб букIине кколин абун. Дицаги гьебго гьарула гьезие – талихIаб ахир».

МахIачхъалаялъул мэр вищула шагьаралъул депутатаз, рищиялги октябралда рукIуна. Сентябралдайин абуни рищизе руго шагьаралъул депутатал. Гьел рищула МахIачхъалаялда жаниб бугеб лъабабго мухъалъул мажлисаздасан.

ПалхIасил, гьел депутаталги мэрги вищун рахъинегIан шагьаралъе нухмалъи гьабизе Абусупян ХIасановасда тIадкъалин абураб баянги буго. Гьев гьабсагIаталда мэр хисулевлъун хIалтIулев вуго.

Гьеб тахиде кандидаталги гIезегIан рехсолел руго. Масала, Хунзахъ мухъалъул нухмалъулев – СагIид Юсупов, республикаялда гьев рикIкIуна олигарх Зиявудин МухIамадовасде гIагарав чилъун. Гьединлъидал гьесул ресал цIикIкIарал ругин абураб пикру буго цо-цоязул.

Гьединго рехсолел руго цеве Халкъияб Мажлисалъул вукIарав спикер МухIамадсултIан МухIамадовги, дармилгун промышленносталъул министр Юсуп ГIумавовги, миллияб политикаялъул ва къватIисел бухьеназул министр Татьяна Гамалейги, цогидалги.

Амма республикаялъул тIалъиялде гIагарал чагIазухъ гIенеккани, доба жеги чIванкъотIи гьечIо кандидатазул рахъалъ.

XS
SM
MD
LG