МагъчIваялъе рес

ХIал гьабиялъул нич гIицIго чIужугIаданалъе гурого букIунеб гьечIо


Видео бахъизе рес бугел мобилиял телефонал рахъаралдаса байбихьун Дагъистаналда билълъун ун буго ясалда хIал гьаби камераялда бахъун хадуб тIибитIизабизе хIинкъаби кьей. Гьел тайпаялъул лъугьа-бахъинал низам цIунулезул сияхIазде къанагIат гурого кколел гьечIо, амма гьединал видеоял тIиритIизарурал чагIи ралагьани, чанги такъсир гьабиялъул иш рагьун, такъсирчагIи тамихIалде ахIизе бегьулаанин абулеб буго экспертаз.

24 сон барай Маринал Москваялда гIумру гьабун балеб буго ункъо сон. Ункъо сон бан буго гIолилалъ Дагъистаналде тIад юссун, гIагараб ракьалде щвечIого, хадуб ккун жий гьение ячIинги щакаб бугин хъвалеб буго Маринаца.

Гьелъие бокьичIо жиндирго унгояб цIар къватIибе лъазабизе, щай гурелъул гьей росу-ракьцоязул хъвалсарал бербалагьиязукьа тIурун ун йиго Москваялде.

Маринае 19 сон букIараб мехалъ, гьелъ гьудуллъи гьабулеб букIарав васас хIал гьабун буго гIолилалда ва хадубккун гьеб иш жинца цогидазда бицинилан хIинкъаби кьун цадахъ хьвадизе гьаюн йиго. Заманалдасан гIадамазда гъорлъ хабар тIибитIидал гьей ун йиго Москваялде. Полициялде лъазабизе пикруцин букIинчIила жиндир, щайин абуни гьебмехалъ киназдаго гьеб ничаб иш къватIибе лъазе букIиналъ.

Жакъа социалиял гьиназда тирулел руго нус-нус видео-роликал, хIал гьаби бахъарал, гьенир рахъарал гIемерисел ясал хадубккун жамгIияталъ къабул гьарулел гьечIин, гьел кколел ругин хIажат гьечIел рищниялъул бакIалдейилан абулеб буго Дагъистаналдаса адвокат Сапият МухIамадовалъ.

Гьал къояз Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул комитеталъ рагIалде бахъинабун буго Гъаякент мухъалдаса 28 сон барав гIолиласда хурхун цIех-рех гьабулеб букIараб такъсир гьабиялъул иш. Гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго Такъсир гьабиялъул кодексалъул 131 статьяялда, ай хIал гьабиялда бан. ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон, 2014 соналъу 1 августалъ, Гъаякент мухалъул Гъаякент росулъ гIайиб гIунтIизабулес автомобилалда жаниб ярагъ кодоб букIун хIинкъизаюн хIал гьабун буго 27 сон барай гIолилалда.

ХIал гьабун хадуб, такъсирчияс гIолилай низам цIунулезухъе инчIого йикIиналъе гIоло ва гьей хIинкъизайизе йикIине гьей телефоналда яхъун йиго ва гьелъ гIарз бахъани гьеб видео социалиял гьиназда тIибитIизабилилан хIинкъи кьун буго. Амма гIолилалъ лъидаго щибго абичIого таниги, 2014 соналъул ноябрь моцIалда гьеб видео социалиял гьиназда тIибитIун буго.

Гьелдаса хадуб гурого гIолилалъ низам цIунулеухъе жинда хIал гьабиялда хурхун гIарзаги кьун гьечIо. ЦIех-рехалъул комитеталъул пресс-хъулухъалъ баян гьабухъе, гьабсагIаталда такъсирчиясда гIайиб гIунтIизабизе гIурал хIужаби ракIарун руго ва гьесда тIад кватIичIогон диванги гьабизе буго.

Гьеб тайпаялъул диван букIине кколин рагьараб, киназдаго бихьизабизе кколеб, такъсирчиясул цIарги бахчизе кколарин рикIкIунеб буго блогераз. Масала, Дагъистаналдаса блогер Мурад ГIабдулаевасул пикруялда жакъа социалиял гьиназда тIиритIун руго ясал инжит гьарун, гьел къватIир чIвазарулел къокъаби. Масала, «Вконтакте» социалияб гьиналда бугила чанго къокъа «Курицы Дагестана» абун.

Гьенибе видео рехилин, сурат рехилин, тIолго Дагъистаналдаго суризейин хIинкъаби кьун цадахъ хьвадизе ва лъай-хъвай гьабизе тIамулила гIолилаз ясал. Гьеб къокъа чанго нухалъ нахъе бацIун букIаниги нахъеги гьабулеб бугила. Аслияб гъалатI бугила, Дагъистаналда, тIого Кавказалдаго гIадин хIал гьабиялъул гIайиб ва сури гIицIго ясалъе букIин, гьебго заманаялъ васасе гьелъул цIар букIунила гьеб мекъабги бугила.

Адвокат Сапият МухIамадовалъул пикруялда хIал гьаби бахъарал видеоял тIиритIизари мобилиял телефонал раккигун цадахъ баккун буго. Гьеб видео тIибитIизабулев чи багьадурун кколев вуго, гьесие гьелъул нич яги сури щибго букIунебги гьечIо.

Амма цIех-рехалъул идараяз кIвар кьун гьединал видеоязухъ халгьабунани такъсирчагIи тамихIалде цIазе рес буго. Ахираб заманаялъ Хасавюрт мухъалда цIакъ гIемер ругин 131 ва 132 статьябазда рекъон рагьарал такъсир гьабиялъул ишалин бицана Сапият МухIамадовалъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Сапият МухIамадова: «131 ва 132 такъсир гьабиялъул кодексалъул статьябазда хурхун рачIарал ишал цIакъ гIемер руго Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул комитеталдаги, хас гьабун абунани Хасавюрт мухъалъул цIех-рехалъул идараялдаги.

Гьеб тайпаялъул ишал дагь щола диваназде ва цIакъго дагьал къадар гьединал ишащул рагIалдеги рахъуна. Гьелъие чанго батIияб гIилла букIуна; цо рахъалъ чIужугIаданалъ хIал гьабиялда бан кидаго гуро гIарза кьолеб низам цIунулезухъе, кьунаниги, суриялъукьа ва ничалъукьа къан чIун, гьеб гIарза нахъе босула, яги гьеб нахъе босула сверухълъиялъ тIадецуй гьабун.

Абизе кIола, хIал гьабиялъул хIужаби гIемер ругин, амма кидаго гуро къурбанал гьелъул абизе кIолел рукIунел».

Адвокаталъул рагIабазда, низам цIунулезда божи гьечIолъиги кколеб буго кIвар бугеб гIиллалъун, жидеда хIал гьабурал Жанисел ишазул бутIаялде ккараб бицине ингутIиялъе, щай гурелъул чанго гьеб тайпаялъул иш гьоркьоб къинабун рагIалде бахъинабичIогон тун букIиналъ. Мисалалъе адвокаталъ бачана лъабго соналъ цебе Хасавюрт шагьаралда чанго чияс балугълъиялде яхинчIей ясалда хIал гьабиялъул иш.

XS
SM
MD
LG