МагъчIваялъе рес

Пихъ бичизе гьечIеб санагIалъи


БитIун гьалараб заманалда магIарухъа эхебе баччараб пихъ МахIачхъалаялъул базаразда бичизе санагIалъи кколеб гьечIин ахIи буго пихъил бетIергьабаз.

Масала, тахшагьаралъул кIиабилеб базаралде рачIуна гьел аслияб куцалда. Амма нужеца шагьранух цIезабулеб бугин транспортги лъунилан, полициялъ нахъе хъамулел руго гьел.

Гьедин бицана ЭР-ялъе Унсоколо мухъалдаса пихъги босун вачIарав АхIмад ХIамзатовас.

АхIмад ХIамзатов: «Жакъа гьеб пихъги нагIматалги гIезарураб гIолебищ? РогьинегIан полициялъ хъамулел рукIана гIадамал дора базаралдаса. 15 сордо-къоги кьун жанир тIамилин хIинкъизарулел рукIана. Базаралда жанире ине нух щоларого руго ричарухъаби. Жакъа нилъер улкаялда бугеб сураталъухъ балагьараб мехалда бихьулеб буго къватIиса продукциязе санкциял лъун рукIин. Гьедин букIаниги цIунулел гьечIо вичарулев чиясул ихтиярал.

Рачахъулел руго, гьезда тIад протоколал хъвалел руго. Исана цодагьабниги пихъ бижун бугелъул, гьелдаса пайда-хайир щвезе толеб гьечIо. Кивго мерхьунев вугоха пакъир-чи. Базаралда нахъа бугеб Батырайил къватI къанани, ричарухъабазе санагIалъиги гьабун, шагьаралъул транспорталъе къварилъи бугеб бакI гуро доб.

Щибниги магъалоги кьечIого, цо-цо бакIалъухъ 300 гъурущ полициялъеги бакIарун чIарал чагIиги рукIунел руго дора. Коррупция лъугIизабулеб батани, коррупция лъугIизабизе бугоха, хIалтIухъабазул къимат гьабулеб батани, гьеб гьабизе бугоха. ЦIогьал хьихьулел ратани, цIогьалги хьихьун парахалъун рукIине ругоха».

АхIмадица хадубго тIаде жубана шагьаралъул кIиабилеб базар гIицIго кванил нигIматал ричулеб бакI букIанила советияб заманалда. Гьанжеги гьединго щайила тезе бегьулареб, партал-хьит бичулел чагIиги нахъе ритIун.

Рекьарухъабазулгун фермеразул ассоциациялдеги ахIи балеб буго магIарухъа рачIарал пихъил бетIергьабаз, жал МахIачхъалаялда къварид гьарулел ругилан. Амма гьеб ассоциациялъул нухмалъулев ГIабдурахIман ГIабурикIовас ЭР-ялъе бицана дагьа-макъабго гIайиб гьеб къайидул бетIергьабаздаги бугила.

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Кибго бугеб проблема ккола гьеб – гьан бичулезулги, пихъ бичулезулги. Цере гьел базарал «Дагпотребсоюзалъухъ» рукIана. Гьанже гьезул цо рахъ бичун, цогидаб рахъ экс-мэрас жиндирго чагIазе бикьа-къотIун, гьеб хIисабалда бугоха.

Гьангже гьел гьениса хъамурал чагIи щалали лъалароха – фермералищ гьел, гурелищали. Базаралъул вакилзабаз абула гъора къватIир рукIун ратилила гъол, изну гьечIеб бакIалда лъун букIун батилила транспортги. Ричаризе жиндир заманалда жидехъе рачIун рукIун ратиларила изну босизе.

Базар-хIакъ кьезе бокьун букIун батиларинги абула. Нижеда абулеб букIана базаралъул нухмалъиялъ кидаго ричаризе рачIунел чагIи ратани, жидеца хасал бакIал кьелила.

Амма гьел фермерал ричаризе МахIачхъалаялде моцIида яги анкьида жанир цо-цо нухалда рачIунел руго. Гьедин гьел рачIинегIан гьел бакIал гъоз чIорого телищха? Гъозухъ гIарац щолелъул гьезие.

Цо бакIги босун, иргаги гьабун, кооперацияги гIуцIун хIалтIи гьабулеб гIадат нилъер гIадамазул гьечIоха. Жив-жив ворчIани, гIола. Гурони, ахIдола жал гъоре ричаризе риччалел гьечIилан.

Нилъеразул гIадат буго дагьа-макъаб жо хIукуматалдаса щванани, цере ратаралги мерхьунаго унеб. Фермералги цогидалги цолъани, щибниги гьабизе кIоларо базаралъул вакилзабаздаги, росдал магIишаталъул министерлъиялдаги, хIукуматалдаги. Цолъуларого руго ал. Гьеб буго гIунгутIи».

Гъоркьисала горо-цIералъ хвезабун, пихъ букIинчIо Дагъистаналда. Исана буго. Амма бакIарун гьеб кьезе заводал хутIун гьечIо. Гьединлъидал гIурччинго бакIарухъего хъата-масан Россиялъул регионазде баччулеб буго дагъистанияз пихъ.

XS
SM
MD
LG