МагъчIваялъе рес

Блогерас майданалда ритIухълъи тIалаб гьабулеб буго


МахIачхъалаялъул аслияб майданалда пикетги тIобитIун жив викъарал ва вухарал чагIи ралагьеян тIалаб гьабулеб буго блогер Вячеслав Стародубецица. Гьесул разигьечIолъи буго Дагъистаналъул жанисел ишазул идараби хIалтIулел ругеб куцалдаса, гьез жинде тIадекIанцIи гьабурал чагIи ралагьизе хIаракатго бахъулеб гьечIин лъазабулеб буго блогерас.

ТIоцебесеб июлалъ блогер Вячеслав Стародубецица МахIачхъалаялъул аслияб майданалда тIобитIулеб пикет кIиабилеб июлалъул къалъуда гьоркьоб къотIизе тана.

Майданалдеги вахъун блогерас Дагъистаналъул жанисел ишазул идарабаздасан тIалаб гьабулеб букIана жив вухарал ва викъарал чагIи ралагьиялъе ва гьел тамихIалде цIаялъе букIине кколеб хIалтIи гьабеян.

«Жемчужина Юга» ва «Мой Дербент» абулел Дербенталъул ва гьениб лъугьа-бахъунелъул хIакъалъулъ хъвалел сайтал гIуцIаразул цояв блогер Вячеслав Стародубец исана апрель моцIалда Дербенталда щалали лъаларел чагIаз автомобилалъув къазавун чи гьечIеб бакIалдеги вачун вухун вукIана.

Гьел сайтазда гIемер рукIуна Дербенталъул нухмалъиялъ гьарулел хIилла-рекIкIазулги, коррупциялъулги, шагьаралда бугеб квешаб ахIвал-хIалалъулги хIакъалъулъ макъалаби.

Блогерас бицухъе, гьесде тIадекIанцIи гьабурал чагIазе лъазе къваригIун букIун буго гьел сайтал лъицIа гIуцIарал ва гьенир хъвадарулел чагIи щалали. Гьединго, дуца гьеб хIалтIи жибго течIони дуда ва дур гIага-божаразда лъикIаб къо бихьизе гьечIин абун хIинкъалабиги кьун рукIун руго.

Гьеб ишалда хурхун Стародубецица Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялде гIарзаги хъван букIана, гьелдаса хадуб гьел хасал идарабаз такъсиргьабиялъул ишги рагьун букIана.

Амма чанго моцIидасанги гьеб такъсир рагьун гьечIин, гьеб рагьиялъе хIалтIиги гьабулеб гьечIин абун разигьечIого вуго блогер. Гьеб масъалаялде кIвар буссинабизелъун вахъанин жив пикеталдейилан бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Вячеслав Стародубец: «Жакъа къоялде дир ишалда хурхун кинабгIаги цIех-рех унеб гьечIо. Лъабго моцI сверулеб буго диде тIадекIанцIи гьабуралдаса нахъе, гьебщинаб заманалъ цIех-рехчагIаз цохIо нухалъ диргун гара-чIвари гьабуна, тIокIаб кинабгIаги хIалтIи гьабулеб гьечIо.

Цониги гьеб такъсиргьабиялда хурхун рагьараб ишалъул документ дихъе бихьизе кьолеб гьечIо гьез, къануналда рекъон гьеб гьукъизе ихтияр гьечIо гьезул.

Дица гьеб тIадекIанцIи хIадур батиялда щаклъи бугев чанго чи бицун вукIана, гьелги гара-чIвари гьабизецин ахIун гьечIо гьез. Россиялъул къануналъул чи викъаралъухъ ва тIадекIанцIи гьабуралъухъ тамихI бихьизабулел бутIабазда рекъон рагьун букIана цин гьеб такъсиргьабиялъул иш.

Гьанже гьез дун викъун вукIинчIинги абун гьеб бутIа нахъе бахъун буго. Дида гьел такъсирчагIазул цоясул гьурмадаса маска бахъизе кIун букIана. Гьесул фотороботги гIуцIун букIана, амма дихъе баянал щвана гьеб ишалда гьоркьоса фотороботги тIагIун бугилан».

Пикет байбихьун хадуб блогерас лъазабун букIана жиндир иш кибе щун бугеб, ва гьеб рагьиялъе щиб хIалтIи гьабулеб бугебали цIех-рехчагIаз баян кьезегIан, щибаб къоялъ МахIачхъалаялъул аслияб майданалда тIобитIулеб акция гьоркьоб къотIизе тезе гьечIилан.

1 июлалъ цониги идараялдасан баян щун гьечIо гьесие, цохIо полициялъул хIалтIухъаби рачIун рукIу руго гьесда аскIоре МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул бетIерас ахIулев вугин мунилан абун. Гьезда цадахъ ине инкар гьабун буго гьес.

ТIокIаб гьеб пикет тIобитIизе квалквалал гьарулел чагIиги рукIун гьечIо гьесие. 2 июлалъ Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъул вакилзабаз жидецаго дандчIваялде ахIун вуго гьев. Гьесул киналго суалазухъги, тIалабазухъги гIенеккун гьез лъазабун буго жидеца гьеб иш рагIалде бахъинабиялъе ва такъсирчIагIазе тамихI гьабиялъе кумек гьабизе бугилан.

Гьединго Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазанил бербалагьиялда гъоркьги букIине бугин гьебилан лъазабун буго гьез. Гьез рагIи кколищ ва гьеб дандчIваялъул хIасил кколищали бихьизегIан дагьаб мехалъ жиндица пикет гьоркьоб къотIизе танин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Вячеслав Стародубецица.

Къокъаб заманалда жаниб гьеб иш цебетIолебгьечIолъи бихьани жиндица акция цIидасан байбихьизе бугинги лъазабуна гьес. Гьединго блогерасул Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазда божигьечIолъиялда бан, гьезухъа нахъеги босун с жиндир иш Шималияб Кавказалъул Федералияб округалъул цIех-рехчагIазухъе кьейиланги тIалаб гьабулеб буго гьес.

Стародубециде тIадекIанцIи гьабиялъул ишалъул цIех-рех щайин гьабулеб гьечIебин абун цIехезе «Экренлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарагун. Гьезул вакил Темирбеков Расулил рагIабазда рекъон гьеб цебехун рехсараб иш гьез республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъухъе кьун буго. Киналго суалалги гьезизе кьейилан лъазабуна Темирбековас.

Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъабаз лъазабуна жидехъе гьеб кьураб мехалда гьеб цохIо Россиялъул къануналъул чи вухиялъухъ тамихI бихьизабураб бутIаяда рекъон гурони рагьун букIинчIилан ва гьев викъиялъухъ тамихI гьабиялъул бутIа гьениса нахъе щай бахъарабали ЦIех-рехалъул комитеталдаа цIехейилан.

Гьединго министерлъиялъул вакилзабаз лъазабуна Стародубецица абулеб бугеб фотороботги цойгидал документалги гьеб ишалда гьоркьоса кирениги тIагIун гьечIилан, гьеб ишалда хурхунги гьабсагIат цIех-рех унеб бугин, амма жеги хIасилал кколел гьечIин.

Гьеб бутIа гьоркьоб инабиялъе гIиллаби комитеталдаги рицинчIо. Гьедин къуваталъул идарабаз цоцаде гIайибги гьабун гьоркьоб хутIун бугеб гьев блогерасул ишалде гъорлъе, гьес пикет тIобитIун хадуб, республикаялъул прокуратураги жубана.

Гьезул пресс-секретарь Татьяна Голубовалъ «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна Стародубецил гIарзаялда рекъон жидеца халгьаби байбихьун бугила. Гьеб кIвар цIикIкIараб иш букIиналъ чанго къоялда жаниб жидеца гьелъул хIасил лъазабилилан.

XS
SM
MD
LG