МагъчIваялъе рес

КIиго чIужу ячиналъе цIиял нухал ралагьулел руго


ГIемер лъудби рачине рес кьолеб къагIида Россиялда киназего нух рагьараблъун гьабизе кколилан абураб пикру загьир гьабуна гьал къоязда МахIачхъалаялъул Аслияб мажгиталъул имам МухIамадрасул-хIажи СагIадуевас. Гьес абулеб буго Россиялъул къануналда жанибе босизе кколин гьебилан. Кинаб бугеб гIадатиял дагъистаниязул пикру гьелда тIасан?

Чияс кIиго, я цIикIкIун чIужу ячине рес кьолеб къагIида гIатIидго хIалтIизабуни гьелъул гIемер лъикIал рахъал ругин абулеб буго МухIамадрасул-хIажи СагIадуевас.

ТIоцебесеб иргаялда хъизан рукъалде руссинчIого хутIарал, ялъуни къороллъуда хутIарал руччаби дагьлъизе ругин. КIиабизе босани гьелдалъун демографиялъулаб ахIвал-хIалги лъикIлъизе бугин улкаялда.

Жакъа гIемер мисалал ругин бусурбаби гурел чагIаца чанго чIужу ячараб, амма тIоцеесей хутIун, хутIарал гьел киналго кколел ругин рокьи гьабизе гIололъун рачарал руччабилъун.

Гьеб исаламалда квешго какараб жо кколин. Жинда кколин гIемерал ручаби разилъизе рукIанин кIиабилей яги лъабабилей лъадилъун росасе ине, гьеб къанунияб куцалъ мухIкан гьабун бугониян абулеб буго МахIачхъалаялъул имамас.

Исламалъ чиясе рес кьола ункъо чIужу ячине. Амм гьелда бан чIезарурал шартIалги руго. Ункъайго чIужуялдехун букIине ккола цого бербалагьи, цого тIалаб, хьихьизеги ккола киналго ращад гьарун.

Амма «Эркенлъи» радиоялъухъе мажгиталъул имамасухъа щварал баяназда рекъон кIиабилей чIужу ячунеб мехалъ тIоцееселъул изну хIажалъулеб гьечIо ва цоги чIужу ячуней йигилан гьелда лъазабизе тIадабги рагIуларо росасда.

КIудияб мажгиталъул имамас загьир гьабураб пикруялда тIасан, нижеца цIех-рех гьабун чанго дагъистаниясда гьоркьоб.

Мисалалъе Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул бакъбаккул улка лъазабиялъул факультеталда щуабилеб курсалда цIалулев Темиркъаев Ильясица рахъкколеб гьечIо гIемер лъудби рачине рес кьолеб къагIида гIатIидго хIалтIизабиялъул.

Гьесул пикруялда жакъа дагъистаниязул бихьиназул цIикIкIарасеб бутIа хIадур гьечIо чанго чIужу цадахъ хьихьизе.

ТIасан балагьухъе бигьаяб ишин кканиги, исламалъул киналго хIукмабиги тIуран гьезухъа гьеб бажаризе гьечIин нухда бачунилан абулеб буго гьес.

Мисалалъе гьес бачана Ибрагьим аварагасул заманалда гьесул тIоцеесей чIужуялъ ялагьун йигин гьесие цо чIужу гьелъ гьесие вас гьавизе вукIинеянги абун, амма заман ун хадуб гьел кIияздаго гьоркьоб жахIда-хIусуд ккун бугин ва гьел кIиялго батIа-батIа тун хьихьизе ккун ругин. Гьедин аварагасухъагицин хьихьун бажаричIел кIиго чIужу гьанже ругел гIолохъабаз кинин хьихьизе ругел.

Темиркъаев Ильяс: «ГIемер лъудби рачин гьеб ватIан бокьиялъул мисал кколилан абулеб буго МахIачхъалаялъул имамас, амма дида ккола, ватIан бокьи гуреб, кIиго чIужу ячине пикру ккарав чияс тIоцебесеб иргаялда жиндирго напс, шагьваталъул мурадал тIуразе гIоло рачунин гьез гьелилан.

Гьедин босани гIемер лъудби рачиналд инжитаб пиша гьечIо. Ислам нилъер гьаниб цебетIолеб буго, АлхIамдулиллагь, амма нилъ бусурбабазул хIукуматалда гурел, дора Европаялда гIадал яшавалда рукIаралани гьеб гIемер лъудби рачиналъул суалалде гьедин цIикIкIун кIвар кьезе ккелароан.

Доба гьелъул рахъалъ кварилъи гьечIо, лъади гурей цогидай чIужугIадангун дуца рокьи гьабуни дуде гьелъул гIайиб чIвалев чиги вукIунаро нилъер гьаниб гIадин. Гьединлъидал кIиго, я цIикIкун чIужу ячине изну гьарулев чиясги тIоцебесеб иргаялда нух балагьулеб буго жиндирго черхалъул мурадал тIуразе».

Амма МахIачхъалаялда аскIов гIумру гьабун вугев Анварие щибниги захIмалъи гьечIо кIиго чIужу цадахъ хьихьизе. Гьес дагьай цеегIан ячун йиго кIиабилейги чIужу. КIияйго хъизан цоцалъ рекъон ругин, гьуинго цоцадаги кIалъалин, щибниги дандеккунгутIи гьечIин бицана гьес нижер программаялъе.

Анвар: «Байбихьуда рукIана харбал дуй гьеб щайин, ургъун вихьейин… Гьединго эбелалъги дир тIоцеесей лъадул рахъкколеб букIана. Руччабаз цоцазул рахъ кколелъул. Амма хадуб гьезда бичIчIана дица дирго пикру хисулареблъи. Гьединлъидал мукIурлъун чIана. Гьанже гьел кIиялго цоцалъ рекъон рукIуна.

Дица гьезда берцинго бичIчIизабуна гьелъул пайда. Лъадиги махсароде ккун, балъгого руччабазухъе хьвадун, мунагь гьабизегIан гьадинго лъикI гьечIищин, киназдагоги лъанилан абуна дица гьезда. Дова-гьанив лъидаялиго цадахъ вихьанин дунилан бицинегIан, гьадин, тIатун, кIиялдаго цадахъ гIумру гьабун лъикI гьечIищ»?

ГIемер лъудби рачине рес кьезе ккеялъул бицун цеве вахъана гьал къоязда Чачаназул омбудсмен Нурди Нухажиевас. Гьесдасаги цебе гьелъул бицен гьабуна Чачан республикаялъул администрациялъул нухмалъулев МухIамад Давудовасги.

Гьелъие гIиллалъун ккана Чачаназул 57 сон барав полициялъул офицер Нежуда Гечуговас 18 сонил ригьалдецин яхинчIей яс ячиналда сверун бахъараб ахIи-хIур.

Жалго руччабазул гьелда тIасан бугеб пикруялъухъ гIенекани гьел божулел гьечIо кIиго чIужу йигеб хъизамалда рекъел ва рагIи дандеккейги букIунин абураб жоялда, кида къадги гьел дагIбаялде рачIине ругин рикIкIунеб буго гьез.

Амм «Эркенлъи» радиоялъухъе щвана цо гьадинаб баянги. Унсколо мухъалдаса чияс ячун йиго кIиабилей чIужулъун МахIачхъалаялдаса гIадан.

Гьев рукъги ккун гьейгун цадахъ шагьаралда гIумру гьабун вукIин лъарай гьесул магIарухъ йигей чIужуялъ абун буго 12 азарго гъурущги кьун гьенив шагьаралда вукIинегIан гьейги ячун росулъе вачIайин, гьеб рукъалухъ кьолеб гIарацги ниж кIияздаго тIад хвезе гьабейилан.

XS
SM
MD
LG