МагъчIваялъе рес

Дербенталда экс-министр бергьана


22 маялда Дербент шагьаралъул администрациялъул бетIерлъун вищана юстициялъул министрлъун вукIарав Азади РахIимов. Рищиязда кандидатура лъун букIана ункъо чияс.

Гьел ккола республикаялъул миллияб политикаялъул министр хисулев Текрар АхIмадовги, Дербенталъул депутатазул гIуцIиялъул вукIарав нухмалъулев Мовсун РахIимовги, бизнесмен ва «Дагюн» компаниялъул директор Алиавсет Фаруховги.

Азади РахIимовасе Аливсет Фаруховасдаса цо гьаракьалъ цIикIкIун щун буго гьаракь.

Текрар АхIмадов Азади РахIимовас жив хисулев чилъун гьавизе рес бугин пикру буго гьел рищиязда хадур хал ккурал чагIазул. Щайин абуни гьел кIиялго республикаялъул нухмалъиялдаса ритIарал чагIи ругила гьенире. Хасго Текрар АхIмадов Азади РахIимовасе пайдаялъе гьаркьал рикьизаризе витIун вукIанила.

Кандидатазул цояв, Мовсун РахIимов рикIкIуна цеве вукIарав мэр Имам Яралиевасул вакиллъун. Гьедин гьанже Мовсун РахIимов бергьунин гьел рищиязда абураб хьулги букIана шагьаралъул гIадамазул цо къокъаялъул.

Гьелде щвезегIан Яралиевасул къокъаялъул цогиги хьул букIана. Масала, Мовсун РахIимов мэрасул хъулухъги цIунун тун вукIанин абула дербенталъулаз. Гьелъие гIоло гьез хъулухъалгицин хис-хисун рукIанила.

Масала, шагьаралъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъулевлъун вукIарав Мовсун РахIимов гьениса нахъеги ун, заманаялъ Дербенталъул мэрасул ишал тIуралевлъун гьавун вукIана Имам Яралиевасул къокъаялъ.

Гьесул бакIалде, рищиял тIаде щвезегIан, заманаялъ Яралиевги гIодов чIун вукIана. Гьев шагьаралъул депутатлъун «лъугьана» ЦIияб соналда цебе. Мэр хIисабалда, Яралиевасул болжал лъугIизе дагьаб мех хутIун букIана гьеб заманалдехун.

Гьелъ гIадамазул ццим бахъинабуна. Жидедаса балъго гьабун батанин гьес гьеб хIужа. Депутатлъун «лъугьиналъ» рес кьезе бегьула Яралиев Дербенталъул мэрлъун хадусеб болжалалдаги вищиялъе. Шагьаралъул къануналда рекъон, мэр вищула бакIалъул депутатазда гьоркьоса.

Гьанже Азади РахIимов Дербент шагьаралъул администрациялъул бетIерлъун вачIиналдалъун экс-мэрасул къокъаялъулгун дандеккунгутIаби лъугьине ругин рикIкIунеб буго Дербенталдаса журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулев МухIамад ХанмухIамадовас.

МухIамад ХанмухIамадов: «Дида кколеб бакIалъа гIебеде, Имам Яралиевасул къокъаялъ Азади РахIимовасде информациялъул гьужумал гьарун, гьев гъоркькъинавизе хIалбихьизе буго. Дербенталде гьев вачIиналдего гьарурал гъалатIал гьесул пиша бугилан, гьесухъа иш бажарулеб гьечIилан чIезабизе буго.

Юристги министрги вукIарав чиясда чирахъ кьуризецин лъаларин рогьрал разе рес буго. ТIоцебесеб иргаялда, шагьаралъе нухмалъи гьаби магIишат гьабилъидал кколеб. Гьедин Азади РахIимовасда магIишат гьабизе лъалеб гьечIин чIезабизе лъугьине руго. Лъилгунниги дандги бачIого, кинабго жидеего хъвазе лъугьине бегьула Яралиевасул къокъаялдаса чагIи.

Гьединаб гIамал буго гьезул. Амма Азади РахIимовас гьелъие ахир лъезе рес буго. Гьес гьел жиндирго къимат гьабизе тIамизе руго. ПалхIасил, дир хIисабалда, кIиябго рахъалъул интересазул конфликт букIине буго гьениб».

Цо заманалда Дагъистаналъул прокурорлъун вукIарав Имам Яралиевасда сверухъ гьабсагIатго гIадаб ахIи-хIур бахъун букIана 2009 соналда гьес Дербенталъул мэрлъиялде кандидатура лъедалги.

Доб мехалда президентлъун вукIарав МухIу ГIалиевас рахъ кколеб букIана гьеб заманалда гьенив мэрлъун вукIарав Феликс ГъазиахIмадовасул. Гьбего ахIи-хIур такрарлъана гьанже республикаялъул бетIерлъун Рамазан ГIабдулатIипов ккедалги.

Гьес официалиял данделъабазда чанцIулго какана Имам Яралиевасул хIалтIи. НекIсияб тарихалъул шагьар цо кIудияб рощногохIде сверизабун бугин, бищун гIадатиялгицин рукIа-рахъиналъул шартIал чIезарун гьечIин шагьаралдаян гIайиб-гъвел бакIалъул гIадамазги гьабула.

Гьелъул гIарзал гьез рахъана Шималияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Лев Кузнецовасдеги Шималияб Кавказалда улкаялъул президентас тарав вакил Сергей Меликовасдеги.

Дербенталъул ракьал къануналда данде кколареб куцалда ричун ратунилан цIех-рех низам цIунулезги гьабулеб буго Имам Яралиевасда хурхун.

Живго Азади РахIимовасул хIакъалъулъ абуни, юстициялъул министрлъиялда вахъун хадув гьев Дербент мухъалъул нухмалъиялда толев вугин абурал харбал рукIана республикаялда байбихьуда.

XS
SM
MD
LG