МагъчIваялъе рес

15 соналъ пачалихъгун къеркьолев тумав


Новолак мухъалдаса гочинарулел ругел тумазе минаби рала «Дирекция Новострой» абураб идараялъ. Жакъа къоялде гьелъ бан буго 3000 мина. Гьенире бащадал рахъун, бащадал рахъинчIого руго гIадамал. Щайин абуни гIадамазул гIемер гIарзал руго гьезда хурхун.

Масала, дагьалъ цебе Новолак мухъалъул Чапаево росулъа гIадамаз республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул цIаралда хъвараб кагътида рехсон букIана гьеб гIунгутIи. Рарал минабиги жагъалал, тIаса-масаго рарал рукIин гурони, киналгIаги шартIал гьечIел, масала, минаялда цадахъ боцIи жанибе гъезе гьорал-бокьал, транспорт лъезе гаражал ва цогидал квегIенлъаби гьечIин абураб гIарз буго гьел гIадамазул. Жидерго магIишатги рехун тун, цогидаб бакIалде гочинарулел жидее цIияб бакIалда захIмалъизе бугила яшав гьабизе. БоцIи-панз хьихьун гурони батIияб куцалда гIарац гьабизе ресги гьечIила.

ПалхIасил, гьедин гIуцIулеб буго республикаялъул хIукуматалъул хасаб комиссияги. ЭР-лъе гьеб тасдикъ гьабуна Дагъистаналъул экономикияб ва территориял церетIезариялъул министерлъиялъги. Гьеб комиссиялда гъорлъе рачун руго батIи-батIияб.

Рази гьечIел тумазул цояв ккола Ахар росулъа Жабир Амиров. 15 сон бугин жиндир гьеб «Дирекция Новострой» абураб идарабигун диваналдаса гIебеде дагIбадулевин бицана гьес ЭР-лъе. БукIинесеб минаялъе кьучI гьес жиндирго гIарцухъ кьучI лъун буго. Цинги хIукуматалъ щибгIаги гIарацги тIадбуссинабун гьечIо гьесие.

Жабир Амиров: «Хадуб гьеб бакIал ралеб цо гIуцIиялъухъе кьуна базе. Амма хIукуматалъ гьезие гIарацги кьечIого, бащдаб бачIого тун минагун, гьел чагIи нахъе ана. Бегьулеб букIарабани, чIвалаан дица гьел чагIи. Гьел сабаблъун нижер хъизаналда бихьичIеб къо хутIичIо. Мина бан бахъинегIан ниж рукIана чияр рукъзабахъ, гIарацги кьун. Гьеб кинабго заралги данде гьабун, 2 млн 600 азарго гъурущ тIалаб гьабулеб буго дица «Новострой» абураб гIуцIиялдаса. Амма диваналда бергьине толев гьечIо. Дуца чияр рукъ ккун вукIараб мехалда гьезие кьураб гIарцул квитанциял кьейин чIолел руго. Киса дица гьезие гьел рахъилел? Нилъер гьаниб иш кин букIунебали лъаларогойищ гьезда. Цоцаца ккола гьел хIакимзаби. Цо дун гуро гьедин махсароде кколев вугев гьез. Цогидалги руго. Ракъун чIун, жидерго разилъунгутIи лъазабулелги руго. КIуди-кIудияб хIилла гьабулеб буго гьел чагIаз. Масала, дие букIине кколеб мина бан кьунин, дица гьелда гъоркь гъулбасги гьабунин абураб документ буго. Дуца цебечIезабулеб бугищ кинаб цIогь гьез гьабулеб бугебали? 1999 соналдаго бан кьун рагIула гьеб минаги. Гьелъухъ 2 млн-гун 900 азарго гъурущги щун буго гьезие».

Гьедин кIиго соналда жаниб 11 рукъ хисанин жинца, цинги ахиралда щуго сон банин жидер хъизаналъ щутIалаяб минаялда гъоркь ракьулъе бухъун гьабураб рокъор гIумру гьабулебин бицана Жабир Амировас. Школалда лъимал релъулел рукIун ургила жиндир лъималаза тIад нуж ракьулъ гIумру гьабулел чагIи ругилан. 1956 соналда Венгриялда рукIарал рагъулал тункка-гIусиязул гIахьалчи вуго Жабирил эмен. Гьесиеги битI ккун гьечIо шагьаралда хIукуматалъ кьолеб рукъалъул рахъалъ.

ПалхIасил, Жабир Амиров диваналде гIарзаби хъвадаризе лъугьиналъ цодагьа-макъабго хIасилги кьун буго. Масала, «Новострой» гIуцIиялъ Жабир Амировасе гордал росизеги чIабаралда хъарщи кьабизеги гIарац кьезе байбихьун буго.

ЭР-лъ бухьен гьабуна Жабир Амировас дагIба балеб «Новострой» абулеб гIуцIараб пресс-секретарь ХIуризада Камаловалъулгун. Гьесул суалалда бан жидеда щибго абизе кIоларин, гьеб мехалда тIубан батIиял чагIи рукIанин гьеб гIуцIиялъул нухмалъиялда. Амировасул гIадал гIарзал гIемерлъун, 2011 соналда хасаб комиссия гIуцIанин гьанже бугеб нухмалъиялъ.

Тумал Новолак мухъалдаса нахъе гочинаризе кколин хIукму гьабуна 1992 соналда тIобитIараб Дагъистаналъул ТIадегIанаб Шураялъ. Гьеб гIуцIизе ккеялъе гIилла буго чачаназ гьеб ракь жидер бугилан дагIба балеб букIин. Амма Дагъистаналъул цо-цо тарихчагIазги бала гьединабго дагIба – 1944 соналда Дагъистаналда ругелщинал чачаназ гIумру гьабизеян гIуцIараб ГIавухъ мухъ букIанин гьеб, гIуцIун лъабго моцIидасан чачаналги Гьоркьохъеб Азиялде гочинарунин.

XS
SM
MD
LG