МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда викъана ГIашилтIаса Камилов АхIмад


16 апрелалда Дагъистаналъул низам цIунулезухъе кагътал хъвазе байбихьана Унсоколо мухъалъул ГIашилтIаса Камилов АхIмадил хъизаналъ.

Цебесеб къоялъул бакъанида МахIачхъалаялда гьурмазда маскаби ххурал чагIаз викъун ун вуго гьев. Низам цIунулез жаваб кьолеб буго жидеда щибго лъаларин гьесул хIакъалъулъ.

Камилов АхIмадил гIагарлъиялъухъе чIванкъотIараб жаваб щвечIо республикаялъул низам цIунулезухъа 16 апрелалда.

Гьев ккола гIумрудул сонал 30-лъе рахарав гIолохъанчи. Унсоколо мухъалъул ГIашилтIаса хъизан ккола гьеб, ахираб заманалда Хасавюрталде рахъарал. АхIмад Камилов викъун ун вуго имгIаласухъе гьоболлъухъ МахIачхъалаялда Узбекгородок абулеб бакIалде вачIиндал. РагьтIа машинаги лъун гьезухъе тIаде вахунев вукIун вугин гьев, маскаби ххурал чагIи тIаде рачIиндалин бицунеб буго гьесул эмен ТIагьули Камиловас ЭР-лъе.

ТIагьули Камилов: «Ункъгоялги рачIун къазавун вуго машинаялъув. Щалниги рукIинчIо гьесда цадахъ. Живго вукIана. Дир вац вуго гьенив, гьесул лъималги руго. Гьезухъе ине вукIарав чи ун вачун вуго гьев».

ЭР: «ТIагьули, гъов диналда тIад чIарав васищ кколев, яги…?»

ТIагьули Камилов: «Гуро, гуро!! Къуръанги цIалулаан гьес, какги балаан, амма батIияб жо букIинчIо…»

ЭР: «Цогидавин ккун анадай гьев?»

ТIагьули Камилов: «Щибха лъалеб? Амма гъалмагъир гьабулев, яги гьекъолев, кьабулев чи вукIинчIо. Гьелъие мукIурав вугоха дун. Дида лъаларищха дирго васасул хIал. Эв веццизеги вецциларо дица, амма гьечIеб жо тIаде жубалищха».

Исана микьабилеб сон бугин жиндир гьединанго низам цIунулел идарабазухъе хъвадарулелдаса. Гьебщинаб мехалда жаниб жиндиеги лъицаниги жаваб кьечIин бицунеб буго «Дагъистаналъул улбул» абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ ЭР-лъе.

Светлана ГIисаева: «Цониги жавабин абураб жо щвечIо нилъер тIадчагIазухъа дие. Гьедин церего гIадин тIагIунел гIадамалги руго. Гьезул ургъел бугев чиги гьечIо гьезда гъорлъ. Низам цIунулел идарабазул чагIазе къваригIун букIуна цIех-рех цо рикIкIун кьурал къоязда жаниб, анкьазда жаниб гьабун лъугIизе. Масала, пуланаб гIайиб тIадчIезабизе бигьа бугони, гьез гьел ишал диваналде ритIула. Амма гIайиб чIезабизе захIмалъулел хIужаби ругони, гьеле гьединаб тайпаялъул къагIидаби хIалтIизарула. Бокьун гьечIо гьезие жидерго хIалтIи букIине кколеб куцалда гьабизе».

Дагъистаналда гIадамал тIагIиналъул гIайиб жалго низам цIунулезде рехула инсанасул ихтиярал цIунулезги, тIагIаразул гIагарлъиялъги. Хасго маскабаз гьурмалги рахчун рачIарал гIадамал гьел ругин абула гьез. Амма низам цIунулез гьелда инкар гьабула. Гьедин араб бакI лъачIого тIагIарал гIадамал, гIемерисел нахъруссунаро. Руссаниги, гьел хIинкъула гьелъул бицине.

Буго цойги пикруги. Сундулниги гIайиб тIад гьечIел гIадамал лъицаниги рачунарин абурабги. Гьел ратулин изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамазда гъорлъ рукIинчIониги, гьезулгун лъай-хъвай, яги гIагарлъи бугел чагIи. Амма, гьитIинаб республика хIисабалда, Дагъистаналда гIемерисел цоцада лъала.

XS
SM
MD
LG