МагъчIваялъе рес

Гьикъе-бицина

Лъимал гIемеразе гьабулеб кумек


«Дагъистаналда лъимал гIемерал хъизамазе социалияб кумек гьабиялъул хIакъалъулъ», 2005 соналъул 7 сентябралда республикаялъул хIукуматалъ къабул гьабураб 146-абилеб хIукмуялъул кIиабилеб бутIа хIалтIулеб гьечIо. Гьелъие гIилла щибдай?»

Гьадин хъвалеб буго нижехъе бачIараб суалалда ЛъаратIа мухъалдаса Лабазанов Сайпудиница.

Гьеб суалалъе жаваб кьолаго, ДРялъул ЗахIматалъул министерлъиялъул хIалтIухъан МухIамадов Нариманица бицана 2005 соналъ къабул гьабураб 146-абилеб хIукмуялъул кIиабилеб бутIаялда рекъон, лъимал гIемерал хъизамазе рихьизарун ругила гьал хадусел бигьалъаби:

- Лъехъ, хинлъиялъухъ, газалъухъ ва токалъухъ босулеб гIарцуе 30 проценталъул бигьалъи гьабизе.

- 6 сон базегIан лъималазе тохтурас хъвараб кагътада рекъон дараби чIорого кьезе.

- Яслиялде, тIоцебесеб иргаялда, гьединал хъизамаздаса лъимал росизе.

- МоцIида жаниб цо нухалда чIорого ине музеязде, хIухьбахъулел ахакье ва выставкабазде.

- Мактабалде унел лъимал чIорого рекIине шагьаразда жаниб хьвадулел автобусаздагун троллейбусазда.

XS
SM
MD
LG