МагъчIваялъе рес

С.Ниналалов: "90-лел соназда гIадаб хIакъикъат загьирлъулеб буго"


Руслан МухIамадрахIимов
Руслан МухIамадрахIимов

Лезгиязул «Садвал» абураб миллияб багъа-бачариялъул хIаракатчи Руслан МухIамадрахIимов жиндирго хвелалъ хванин абураб пикру загьир гьабуна 25 марталда ЦIех-рехалъул комитеталъул пресс-секретарь Расул Темирбековас журналистазе. Щайин абуни цебе-цебеги рекIел иш лъикI букIун гьечIила гьесул. Гьединго ругила къотIносан унаго гьев гIодов кколев вихьарал чагIиги.

Амма Руслан МухIамадрахIимовасул гьалмагъзабаз рикIкIунеб буго гьев лъица букIаниги чIван вугилан. Жидеда патологоанатомаз абунила хIухьелги къотIизабун, гъанкъун вугин гьев. Гьесулъе цо кинабалиго дару биччан бугин гьесулъе.

Гьедин ЭР-ялъе бицана Руслан МухIамадрахIимовасул гьудул-гьалмагъ, «Яблоко» партиялъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев Альберт Эседовас.

Альберт Эседов: «Гьесул черхалда киналгIаги гIужал ратичIо – гьес дандечIей гьабулеб букIиналъул яги гьесде кьвагьдеялъул бицунел. Цин нижеда ккун букIана рекIел унти бачIун батилин гьесде. Гьеб мехалда паталогоанатомас бицана рекIеда бараб жо букIун гьечIин. Тромбги тIун батичIин. Балагьараб мехалда мегIер яги кIалги къан хIухьел къотIизабун бугин гьесул. БичIчIулареб жо гьениб – машина цо рахъалда, живго цогидаб рахъалда, ахикь. Чвантиниб батана машинаялъул кIулги. Жибго машина батана рагьун нуцIагун. Гьениса бикъун ун буго видеорегистраторги, барсеткаги, кIиго телефонги. Ниж гIажаиблъизаруна полициялъулазда гьесул машина хехго батиялъ. Масала, жаназа батарабги машина лъурабги бакIал гIезегIан рикIкIад руго цоцадаса. Гьединлъидал цогидаб мехалда къоял-моцIал ралел гьез чи яги гьесул транспорт балагьизе, гьаб нухалъ заманго иналде тIатинавун вуго машинадул бетIергьан».

Альберт Эседовас бицана Руслан МухIамадрахIимов 24 марталда гIахьаллъизе кколаанила МахIачхъалаялъул миллияб библиотекаялда жидеца тIобитIулеб букIараб тадбиралда. Гьев гьениве вачIинчIеб мехалда рахIатхун гьесухъе кIалъазе лъугьанила жал. Амма жаваб кьолеб букIинчIила. Цинги цо заманалда полициялъулав кIалъанила гьесул телефоналдасан Руслан моргалда вугилан.

Руслан МухIамадрахIимов гIезегIан жиндирго миллатги республикаги бокьулев чи вукIанин, тIадчагIазде битIараб рагIиги бадибе абулаанин бицана ЭР-ялъе хъвадарухъан СагIид Ниналаловас. Гьесдасан пайда гурони зарал букIинароанила Дагъистаналъе. ГIезегIан планалги рукIанила гьесул. Руслан МухIамадрахIимов хун вугин хъвалаго, цояс фейсбукалдасан загьир гьабуна Дагъистаналде тIадруссун рачIунел ругин 90 абилел соналин абураб пикру. Капкил бакIалде чиясул гIумру ккараб, хIапу-чапур гIемераб заман букIанилан, кIудияб ракIгъанцIигун ракIалде щвезабула гIадамаз гьеб заман.

СагIид Ниналаловасулги гьединабго пикру буго.

СагIид Ниналалов: «90 абилел сонал тIубанго тIагIунги рукIун ратиларо, дагьаб мехалъ хIухьел ккун чIун рукIун ратила. Зама-заманалдасан кколел руго цо ричIчIуларел лугьа-бахъинал. Гьев Русланги лъие квалквал бугев чи вукIарав? Гьев данде кколев вукIун ватичIони, чIвазейищ кколев? Гьебищ къагIида? Гьединлъидал дир хIисабалда 90 абилел сонал тIадруссунел руго, тIадруссунел руго».

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Дербенталдаса журналист МухIамад ХанмухIамадовасги абуна жиндирги ракIчIараб бугила гьел 90 абилел сонал тIадруссунел рукIиналда, щайин абуни къануналда тIад малги чIун бокьа-бокьараб гьабулеб бугила расги хIинкъичIого. Низам цIунизе тарал идарабаздехун кинабгIаги божилъи лъугIиялдалъун бичIчIулила гьеб.

МухIамад ХанмухIамадов: «Чанго соналъ цебе масала, Путинихъе ахIилин, гьес гIадлу гьабилин абураб хьул букIун батани гIадамазул, гьанже гьебги гьечIо, лъидениги гьечIо хьул. Гьелъие гьадинаб гIилла буго. Авторитарияб бокьараб низам цо сунда букIаниги бухьараб букIуна. Масала, нилъ гьанжелъагIан нарт цIулел рукIана. Гьанже гьеб лъугIана. Гьедин кваназе жо лъугIараб мехалда халкъ къватIибе бахъуна. Гьеб лъалеб жо буго».

24 марталда чIварав Руслан МухIамадрахIимов гIахьаллъулаан лезги миллаталъул масъалаби рорхулел тадбиразулъ. Амма лъицаниги хIинкъаби кьолел рукIанищ гьесие абун гьикъидал, жеги лъаларин жаваб кьуна ЭР-ялъе Руслан МухIамадрахIимовасул гьалмагъзабаз.

Гьев гIахьаллъун ахIи-хIур бахъинабурал акциязда гъорлъ рехсезе бегьула Азербайжаналда нухмалъулев вукIарав ХIайдарег ГIалиевасул цIар Дербенталъул аслияб къватIалда лъогейин гьабураб пикет. Гьединго Дагъистаналда цадахъго Азербайжаналъе Самур гIор бикьиялда дандечIун вукIарав гьев. Щайин абуни гьеб гIурул 70 процент буго Дагъистаналъул МухIарамкент мухъалдехун. Бащад бикьани, гIураб лъимги щвечIого, жидер ахал къунин абула бакIалъул гIадамаз.

Руслан МухIамадрахIимов вукъана 25 марталда Каспийскалда. Гьесул гIумруялъул букIана 45 сон.

XS
SM
MD
LG