МагъчIваялъе рес

МахIмудил биценал


МахIмуд ва Зугьра ГIабдулхаликъовал сценаялда
МахIмуд ва Зугьра ГIабдулхаликъовал сценаялда

Эркенлъи Радио хIалтIизе байбихьарал тIоцересел соназда нижеца эфиралде кьолел рукIана, мунагьал чураяв МахIмуд ГIабдулхаликъовасул ракIалдещвеял, театралда ккарал кепал лъугьа-бахъинал. Гьанже МахIмудил биценал абураб рубрикаялда нижеца кьезе руго гьесул биценазул аудио ва цадахъго кагътиде босараб текст.

1941 соналда Хунзахъ мухъалъул ГIарани росдал школаги лъугIизабун ГIабдулхаликъов МахIмуд лъугьуна Авар театралде хIалтIизе. Гьениб къокъабго заманаялда жаниб гьев лъугьуна машгьурав артистлъун.

МахIмудил махсаро гьабизе бугеб махщелги, гьесул махсароязулцин гъварилъиги, жинца сценаялда рихьизарулел гIадамазул сипатал хIалел рукIин гIадамазда лъаларедухъ, унго-унгоги театралияв персонаж живго сценаялда вугев гIадин ролал хIазе махщел букIиналъги, импровизация гьабиязе лъаялъ МахIмудил жиндирго хасаб къагIида бижизабунин рикIкIуна театр бокьулез.

ГIабдулхаликъов МахIмуд боцманил роль хIалев (пьеса-МухIамад ХIажиев)
ГIабдулхаликъов МахIмуд боцманил роль хIалев (пьеса-МухIамад ХIажиев)

Авар театралда МахIмудица хIана 100-гIан батIи-батIияб роль.

1978 соналдаса 1982 соналде щвезегIан МахIмудица бетIерлъи гьабулеб букIана ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Авар театралъе.

Гьес живго вихьизавуна махщел тIокIав актерлъунги, драматурглъунги, режиссерлъунги, хъвадарухъанлъунги, гIуцIарухъанлъун ва жамгIияв хIаракатчилъун.

ГIабдулхаликъов МахIмуд Ленинил роль хIалев
ГIабдулхаликъов МахIмуд Ленинил роль хIалев

Гьес хIана Ленинидаса байбихьун Фигароде щвезегIан ролал. Рихьизаруна Островскиясул «Пиригун цIад» абураб пьесаялда Тихонил ролалдаса халкъиял маргьуязул герой Малла-Насрудинил ролалде щвезегIан цоцаздаса гIемерго батIи-батIиял сипатал.

РСФСРалъул ва Дагъистаналъул халкъияв артист ГIабдулхаликъов МахIмуд мустахIикълъун вукIана ЦIадаса ХIамзатил цIаралда букIараб Республиканияб премиялъеги, ЗахIматалъул БагIараб Байрахъ орденалъеги цоги пачалихъиял шапакъатазеги.

МахIмуд гIумруялдаса ватIалъана 2007 соналда. Гьесие букIана 81 сон.

МахIмуд сценаялда кинав вукIаравали гIадамазда лъалев вукIин хIисабалдеги босун гьев гIадатияб гIумруялда кинав вукIаравали бицейин нижеца гьарана гьесул йикIарай лъади ва рекIел гьудул, жакъаги Авар театралда хIалтIулей йигей актриса ГIабдулхаликъова Зугьрада.

please wait

No media source currently available

0:00 0:06:20 0:00
Интернет-мухъ

Гьей йикIана ГIабдулхаликъова Зугьра. Гьанже нижеца эфиралде кьолеб буго живго МахIмудица Эркенлъи Радиоялъе рицун рукIарал кепал харбазул цояб.

Хунзахъ мухъалъул Харахьи росулъ ккараб...

Гьаб лъугьа-бахъин ккана нижер артистаз магIарухъ риидалил гастролал гьарулеб мехалъ Харахьи росулъ. Хунзахъ районалъул Харахьи росулъ "Малла-Насрудин" театр бихьизабулеб букIана нижеца. Гьеб бихьизабилалде цебе цо гIодобе биччараб тайпаялъул, сценаялде бахинабизе кIолеб, хIама балагьизе кколаан нижеца росулъ. Гьеб чIагояб хIама балагьейин Малла-Насрудиние сценаялде бачинейин, халкъалъеги гьелъул кутакалда ихтилат-кеп букIинин абун росдал лъималазда гьарана нижеца гьеб балагьейин. Гьез абуна чIорого спектакль бихьизе жал жанире риччани жидеца гьеб бачун бачIинин. Бачейин абун гьезул щуго лъимерги жанибе биччана, гьез бачун хIамаги бачIана...

ХIама хIаллихъе сценаялде лъугьинабун хIадур гьабун букIана пардав рагьилалде Малла-Насрудин тIад рекIине. Пардав рагьана, цIулал магьги бачIчIун хIамидаги рекIун вачIунев Малла-Насрудин гьелдаса гъоркьеги рещтIун, магьги гIодобе рехун, хIамие харбал рицине лъугьана.

Малла-Насрудинил роль хIалеб букIана дицаго. Гьеб пьеса магIарул мацIалдеги буссинабун букIана дицаго, гьеб сценаялдаги лъун букIана дицаго. Кинабго дицаго гьабураб букIиндал дица цIакъ лъикI рекIехъе лъалеб букIана гьеб.

Гьеб хIамие лъикIаб хабарги бицун, гьеб цодагьаб добегIан бачинейин лъугьана дун. Кьуруларо хIама кибениги. Щиб гьабуниги, балааагьун заладеги чIун хIама, рекIарал прожекторазукьаги хIинкъун, залалда ругел гIадамазукьаги хIинкъун, гъуцIизарун гIундулгун, балагьун чIун букIана. Гьанже гьелда нахъасан тIил къабгIун, тункун, хIунсун гьеб цебехун билъинабизе кIоларого дунги вукIана. Цо заманаялъ борхизабун рачIчIгун хIамица жиндирго кIучIал хьазе байбиьана...

Вагъан белъулеб халкъги...

Дица хехгьабун,дидаго тIадретIун букIараб гужгаталъул квенчIел ккуна хIамил кIачIазда гъоркье. Дир гужгаталъул квенчIел кьабгIун цIезабуна хIамица жиндирго кIачIазул. Хехгьабун дун тIадвуссун вачIинегIан дуца тIокIал кIучIал хьагейин хIамитIеги хьанделаго, дун вукерана къватIиве квенчIел чIехьезе. ХIама гьагъабго къагIидаялъ чIун батана букIаралъубго. ГIуцIизарун гIундулгун, залалдеги балагьун... Залалдаги сценаялдаги гьоркьоб букIана щибго лъечIеб, рацIцIалъи бугеб бакI. Гьенибго квегIаб рахъалдехун, риидалил заман бугеблъидал, кIал-кIалчIван рагьун букIана клубалъул кIияго нуцIаги. Цо заманаялъ гъуцIизарун гIундулгун хIама гьагIана. гьанжеги чIехь унтун хвана залалъуб букIараб халкъ.

Цинги, гьабизе жо тIагIарав дун тIад рекIинехъин букIараб хIама, сценаялдаса кIанцIун ана залалде жанибе. Гьанибги чIечIого доб рагьун рукIарал нуцIбухъан къватIибе лъутун ана.

Гьелда хадуб:"Къощ, къощ, къощ!"-илан ахIделаго хадув векерун дунги кIанцIана рагьдухъан къватIиве. Дихъе кквезе хIама кисаха щвелеб?! КъватIибе борчIарабго хIамаги тIурун ана тIадвуссун дунги вилъана. Дица цинги абуна белъун холеб бугеб халкъалда: "Гьалеха, гьудулзаби, нилъее бечелъиги кьун хIамица нух босана. Гьанже хIамаги гьечIого хIалин Малла-Насрудин нужеда цеве сценаялда,"-ян. Гьедин хIамаги гьечIого хIана цинги тIубараб кIиго сагIатгун бащадаялъ унеб спектакль гьеб сордоялъ. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб херехьдерил гIадамаз цIар лъун батана доб хIамила Малла-Насрудинил хIамайин абун. Хурибе яги гьабихъе хIама бачине къваригIараб мехалда гьелъул бетIергьабахъеги рачIунел рукIун руго Малла-Насрудиница абун букIанин нужехъе кьун бугин жиндица хIама къваригIаралъубе бачейин. бегьулеб батани, изну кьейин гьеб хIама бачинейин абун.

Малла-Насрудинил цIаралдасан унел рукIун руго бетIергьабахъе гьеб гьаризеги".

please wait

No media source currently available

0:00 0:05:34 0:00
Интернет-мухъ

Гьев вукIана ГIабдулхаликъов МахIмуд Эркенлъи Радиоялъе рицун рукIарал кепал лъугьа-бахъиназул цоябгун. МахIмудил биценал абураб рубрикаялда нижеца кьезе руго гьесул биценазул аудио ва цадахъго кагътиде босараб текст.

XS
SM
MD
LG