МагъчIваялъе рес

Жакъа дагъистаниязе хIажатаб буго руччабазул такси


Мутаева Загьра
Мутаева Загьра

Автомобиль бачуней чIужугIадан Дагъистаналда гIадатияб хIакъикъаталде сверулеб буго. Гьелдаго цадахъ тIибитIулеб буго руччабазе гIадатияблъун кколареб таксиялда хIалтIи. Рокъобе гIарац балагьизе ккеялъ тIамулел руго гьел гьеб жидее ругьунаб гуреб ишалде.

Кавказалда руччабазе гIадатияблъун кколареб нух бищун буго МахIачхъалаялдаса Мутаева Загьраца жиндирго хъизаналъе бетIербахъи гьабизе.

18 сон бан, автомобиль бачине ихтияр щведал, жий машинаялда хIалтIизе лъугьанила. Гьеб букIанила 1976 сон, пачалихъияй хъулухъчIужуялъул шоферлъун хIалтIанила жий 90 соназде щвезегIан. Жийго Загьра кколей йиго Гъуниб мухъалъул Ругъжаб росулъа, амма гIумру тIамулеб буго шагьаралда. Хъизам гьабун хадуб, къокъго ратIалъидал Загьраца хьихьизе ккун руго кIиго лъимал. Жинда тIокIаб гьабизе лъалеб жо букIинчIолъиялъ жий гIумруялъго йигила автомобилалда хIалтIулей. Советияб хIукумат биххигун, Загьра хIалтIизе лъугьун йиго Хехаб кумекалъул машинаялда. 14 соналъ хIалтIун йиго Хехаб кумекалъул станциялда. ЛЪималги тIуран, ригь байдал сардилъги къадги къватIие яхъине хIадур рукIине кколеб хIалтIи букIиналъ танила гьеб жинца. ГьабсагIат Загьра хIалтIулей йиго таксиялда. Ясалъул хъизамалда тIаде бачIунеб гIарац букIинчIолъиялъ, 4 лъимал рахъун ккезаризе квер чIвай гьабизе кканила жинца.

Мутаева Загьра: «БетIербахъи гьабизе ккедал, дуда автомобиль бачине гурого батIияб жоги лъалареб мехалъ, щиб гьабилеб. Дир ясалъул рос инфаркт ккун хадуб хIалтIуде вахъун бажаричIо, ясги гIисинал лъимал кверда рукIиндал, бажаруларо хIалтIун. Гьелъ гьезда квер чIвазе ккедал яхъана дун таксистлъун хIалтIизе».

БачIиндаго жинда ничаблъун кколаанила жий таксияда хIалтIун гIадамал раччулей йикIин, амма заман банагIан гьеб гIадатияб, бокьараб батIияб хIалтIи гIадин бихьанила жинда.

Мутаева Загьра: «Дида ничаблъун кколаан бачIинтIаго таксиялда хIалтIизе ккей, амма хадуб дица дидаго гьикъана, щайин дун нечезе кколей, дица къоги бихьун, гIетIги тIун балагьулеб бугеб мехалъ гIарац. ГьабсагIат дирго хIалтIи дида бихьула бокьараб батIияб хIалтIиго гIадин».

МахIачхъалаялда таксиялда хIалтIулел руччабазул гIемерисезе бокьулеб гьечIо къватIиб чIвазабизе жидер хIалтIи. МахIачхъалаялдаса Дианаца абулеб буго жинда ничаблъун бихьулин, жий таксиялда хIалтIун бетIербахъи гьабизе ккей. ГьитIинаб лъимерги кодоб ккун хутIидал лъугьанила жий таксиялда хIалтIизе. 4 соналдаса таксиялда хIалтIулей жий йигониги, щибаб къойил цогIаги чи хIикмалъулила такси бачуней чIужугIадан ятидал.

МахIачхъалаялда гьечIо хас гьабун руччаби хIалтIулел ва гIицIго руччаби раччулел таксиялъул фирмаби. Амма рукIунила чанги, хас гьабун руччабаз бачунел такси хIажатал гIадамал, гьез кIалъазеги кIалъан лъазабулила жидехъе руччаби ритIейин бицунеб буго «Анжи» абураб таксиялъул фирмаялъул администратор Русланица. Гьел рукIунила жалго лъимал кире рукIаниги ритIизе бокьарал улбул, яги чIужу таксиялда рекIун йитIизе бокьарав чи, яги шаргIалда рекъон хьвадулел руччаби.

2013 соналъ МахIачхъалаялда хIалбихьун букIана хас гьабун руччаби хIалтIулел таксиялъул фирма гIуцIцIизе, амма гьеб иш бажаричIила хIалтIулел руччаби гIемер рукIинчIолъиялъги, гьезул гьеб хIалтIудехун дагьаб тIаса-масаго бугеб бербалагьи букIиналъгийилан бицунеб буго гьеб фирма гIуцIун букIараб МухIамадов ХIажица. ХIажат бугищ гьединаб таксийин абунани, гьеб къо бахъанагIан хIажатаблъун бихьулеб бугила жамгIияталда. Цо рахъалъ босанани чIужугIаданалдехун божилъи гIемер букIунила, гьелда цадахъ ургъел гьабичIого битIулила улбуз школалде, яги кIудаэбелалъухъе гьоболлъухъ лъимер. Цогидаб рахъалъ, ислам тIибитIун, шаргIалда хадур рилълъарал гIадамал гIемерлъанагIан руччабазе руччабаз бачунеб такси бокьулила. Диналъул бицинчIониги, бокьарав росас ургъел гьечIогон йитIулила чIужугIаданлъ бачунеб таксиялда къваригIелаз жиндирго хъизан. МахIачхъалаялда хас гьабун гIуцIараб руччабазул такси гьечIониги, гьеб гIуцIулеб буго Хасавюрталда. «Горец» абураб таксиялда росулел руго руччаби таксиялда хIалтIизе гьеб гIуцIиялда цIарги «Горянка» букIине бугила.

Соналдаса соналде Дагъистаналда гIадатияб хIакъикъаталде сверулеб буго автомбиль бачуней чIужугIадан. Гьезул ихтиярал цIунизе, 2010 соналъ Дагъистаналда гIуцIун буго «Дагестанки за рулем» абураб жамгIияб гIуцIи.

АнцIго соналъ цебеги Дагъистаналда рулалда нахъа йигей чIужугIадан къанагIалъи букIун батаниги, жакъа Дагъистаналда 20 000 гIанасей автомобиль бачине ихтияр щварал руччаби ругилан баян гьабулеб буго Автоинспекциялъул вакил СултIанов ГIисаца. Щибаб моцIалъ автошколабазде цIализе лъугьуней йиго 30-40 дагъистанияй.

Таксиялъул рулалда нахъа - Загьра Мутаева
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:34 0:00
Интернет-мухъ

XS
SM
MD
LG