МагъчIваялъе рес

Кваналищ кваналарищ?


27 февралалда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъ, ЦIияблак мухъалъул Шушия росдал ракьал бакIалъул администрациялъ къануналде данде кколедухъ ижараялъ кьун ругин абураб Хъумторхъала мухъалъул диваналъул хIукму, мекъаб бугин чIезабуна. Гьеб цIидахъан халгьабиялде битIун буго. Диваналъ гьаб нухалда жидер рахъ ккуниги, гьедин бигьаго ракьал жидехъе нахъе щвеялда щаклъи буго ракьал нахъе тIалаб гьабун ракъунчIей лъазабун букIаразул.

10 февралалда, жидерго росдал ракьал тIадруссинарейин тIалаб гьабун, цIидасан байбихьараб Шушия росдал гIадамазул ракъунчIеялъул акциялъул гIахьалчагIи дагьабги мехалъ гьеб халатбахъинабилищи гьабиларищин абун дандбалел руго. Жеги цо пикруялде бачIинчIин жамагIат, гIадамазул гьеб диваналдаги гьелъул хIукмуялдаги божилъиго гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъел ракъунчIеялъул гIахьалчилъун вукIарав, тумазул жамагIатчи Будайчиев Камалудиница. ХIакимзабаз кьурал рагIабазухъги, диванчагIазухъги тIалъиялъ кьурал жавабазухъги жидеца гьанже гIин тIамизе гьечIин, гьаб нухалда гьеб ракь гIадамазеги бикьун гьелъул рукIине кколел документал кодоре щвезе гIан жидеца акция гьоркьоб къотIизе теларин рагIула ракъунчIаразул азул цоял. Цойгидаз абулеб бугила гьеб диваналда цIидахъан байбихьараб халгьаби лъугIизегIан, заманалъ гьеб акция гьоркьоб къотIизе тейилан.

Будайчиев Камалудин: «Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ Хъумторхъала мухъалъул диваналъул хIукму мекъа бугин рикIкIана ва цIидахъан нижер гьеб иш цIияб халгьабиялде битIана. Амма гьеб хIукмуялъ роххизарурал чагIиго лъаларо дида. Щай гурелъул щибниги диваназда божилъи хутIун гьечIогоха халкъалъул. ТIубан киналго диваналги бергьун, ракьалъул документал жидехъе щвараб мехалда гурони жал гIодоре риччаларин руго гIадамал. Гьезго абулеб буго жидеца ракъунчIеялъул акцияги гьоркьоб къотIизе тезе гьечIин, гьеб нижер 9 гектаралъул суал рагIалде бахъичIогойилан.

Жидедаго кIвечIониги, жал хисун акциялъулъ гIахьаллъизе цойгидал чагIи тIамизе ругин абулеб буго гьез. БетIералда дунгоги вукIана гьелъул гIахьалчилъун, амма сахлъиялъул рахъ лъикI гьечIолъиялъ дун гьоркьоса нахъе вилълъине ккана. ДунгогIадин утнаралги цIикIкIарал чагIиги гIемер руго гьезда гьоркьор. Чара къосиналъ, рескъотIиялъ тIобитIулеб жо буго гьеб ракъунчIей, амма гьаб сагIат гIадамазул сахлъиялъе зарал гьабун гурони, гьелъул хIасил кколеб гьечIо. Гьединлъидал щиб гьабунги юридикияб къагIидаялъ къеркьезе хIалбихьизе бугин цойги нухалъилан абулеб буго жамагIатчагIазни».

Гьеб ракъунчIей лъазабиялъе гIиллалъун ккун буго ЦIияблак мухъалдаса Хъумторхъала мухъалде гочинабураб Шушия росдае кколеб 9 гектар ракьул гьезул цеве вукIарав бегавулас ООО «Алмаз» абураб фирамаялъухъе 49 соналъ ижараялъ кьун букIин. Гьеб ракь къануналде данде кколаредухъ ижараялъ кьун бугин, гьеб гIадамазда гьоркьоб бикьизе кколин чIун руго Шушиялъулал. Гьеб 9 гектар гурони гьеб росдал тIокIаб чIобогояб ракьго рагIуларо, хутIараб бакIалда рукъзал ран ругин абулеб буго гьез. Гьеб ракьалдаса пайда босани гурони, магIишат гьабизе ресалги гьечIила жидер росулъ. Гьеб ичIабго гектар ракьул кколеб буго федералияб нухлул рагIалда, гьениб даран-базаралъе ва квана-гьекъезе бакIалги ран бизнес гьабизе къваригIун бугин жидейин лъазабулеб буго гьел гIадамаз.

Гьеб ракь ижараялъ босараб фирмаги киб бакIалда хъвай-хъвагIай гьабун бугебалицин лъалеб гьечIо, Дагъистаналда гьел фирмабазул хъвай-хъвагIай роцIцIинабулеб хасаб идараялдаги «Эркенлъи» радиоялъул гьеб суалалъе мухIканлъи кьун бажаринчIо. «Алмаз» фирамаялъул цIехон жидехъе чанго гIарза бачIун бугила, жеги гьезие кьучIаб жаваб кьун бажарулеб гьечIила, жидехъ ругел цо документазда рекъон гьеб фирма Лаваша мухъалда гIуцIун бугила, цойгидал баяназда рекъон Шамиль мухъалда гIуцIун бугин абуна гьеб идараялъул вакилзабаз. Гьединлъидал киналго документазул мухIканаб хал-шалги, цIех-рехги гьабун гурони гьабсагIат кинабгIаги баян кьун бажаруларин абуна гьез.

Ахирисел баяназда рекъон Шушия росулъ ракъунчIеялъул гIахьалчагIазул 7ял хутIун рагIула. БетIералда гьезул 15 чияс гIахьалъи гьабулеб букIана акциялъулъ. Гьезул гIемерисел сахлъиялъул рахъ нахъеккеялъ ракъунчIеялъулъа нахъе рилълъине ккун руго. Гьезул 4 чи азарханаялдецин ккун ругин абурал мухIканал гурел баяналги руго.

XS
SM
MD
LG