МагъчIваялъе рес

Гьикъе-бицина

Облигациязухъ гIарац щвезе рес бугиш?


«Эркенлъи» радиоялъухъе бачIараб иргадулаб суал буго советияб заманалъ рукIарал заемазда тIасан.

«ХIурматияб редакция. Дир руго мунагьал чураяв инсуца 1950 абилел соназда батIи-батIияб заманалда росун рукIарал чанго заемал. Гьезда тIад хъван буго 100 ва 50 гъурущ щвезе бегьулин гьезухъилан. Совет хIукумат биххаралдаса дица гьезухъ гIарац щвезе тIалаб гьабун букIинчIо. Гьанже лъазе бокьун буго гьезухъ дагьабниги гIарац щвезе рес бугищилан», - абун гьикъулеб буго нижеда Гъуниб мухъалдаса ГIабдулхаликъова ХIалиматица.

Советияб заманалда рукIарал заемазухъ гьабсагIат гIарац щоларилан жаваб кьуна нижее «Сбербанкалъул» Дагъистаналда бугеб офисалъул хIалтIухъанас. Щайгурелъул гьелъие биччараб гIарац гьечIин гьабсагIат хIукуматалъул.

Сбербанкалъул хIалтIухъан: «Ахирисеб нухалда заемазухъ гIарац кьолеб букIана 1992 соналда. Гьел рукIана 1982 соналда риччарал заемал. Заемал цIидасан къватIире риччаралго гьезда тIад бихьизабун букIун цересел соназ риччан рукIарал заемазухъ щолеб гIарацги. Гьедин 50 -абилел соназда риччарал заемазухъ щолеб гIарац тIад хъван букIуна 1982 соналда риччарал заемаздаги. Мисалалъе, 100 гъурущ букIун батани нусго ва цогидалги гьелдаго рекъон. Совет хIукумат биххаралдаса гьезухъ тIокIаб гIарац кьолеб букIинчIо».

1992 соналъ гъурщил деноминация гьабун хадуб миллионал раккидал заемазухъ щолеб гIарац цIакъго дагьаб букIанилан бицана гьес хадубги. Мисалалъе 100 гъуршил бакIалда шолеб букIанин гIицIго цо гъуруш, 50 гъурщил бакIалда 50 копейка. Гьанже абуни гьезул кинабгIаги къимат гьечIин ва гьалдаса хадуб гьезухъ гIарац кьезе бугищалиги лъаларин абулеб буго «Сбербанкалъул» хIалтIухъабаз.

XS
SM
MD
LG