МагъчIваялъе рес

«Хвалил лагералдаса» халкъ хвасар гьабуна магIаруласги


 Дурангъи росулъа МухIамадов ХIажияв-Освенцим эркен гьабуразул цояв
Дурангъи росулъа МухIамадов ХIажияв-Освенцим эркен гьабуразул цояв

Гьал къоязда 70 сон тIубана Польшаялъул территориялда букIараб Освенцим концлагерь Советиял аскараз эркен гьабуралдаса. Гьеб эркен гьабуразда гьоркьов вукIана 50 дагъистаниявги.

1945 соналъул 27 январалда Польшаялъул Освенцим абураб шагьар Советиял аскараз эркен гьабун хадуб гьеб къо Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъ официалияб куцалда лъазабуна холокосталде ва массовыяб геноцидалде дандечIараб къолъун. Гитлерил фашизмалъ Освенцималъул концлагералда гьабураб вахIшилъиялъул хIакъалъулъ ракIгъанцIизабулел баянал кьолел руго жакъа Россиялъул ва дунялалъул информалатаз. Официалиял баяназда рекъон, Освенцималъул концлагеразда рухIун ва ракъуца хвезарурал гIадамазул къадар бащалъулин лъабго миллион чиясдаян хъвалеб буго цо-цо баяназда. Амма тарихчагIаз рикIкIунеб буго гьенир хваралшинал гIадамазул хIакъикъияб къадар киданиги лъазе рес гьечIин, щайгурелъул газалъул камеразда ва крематориязда немцаз рухIизе ритIулел гIадамал хIисаб-суал гьечIого рукIанин гьенире гъолел.

70 соналъ цебе Освенцим эркен гьабуна Украинаялъул фронталъ. Украинаялъул абун цIар букIаниги гьенир чанго миллаталъул вакилзаби рукIун руго рагъулел. Гьезда гьоркьов 50 чи вукIун вуго Дагъистаналдасаги. Гьезул цонигиял жакъа чIаго гьечIилан абураб баян швана нижеца цIех-рех гьабидал. Гьезул цояв ккола Буйнкаск мухъалъул Дурангъи росулъа МухIамадов ХIажияв. Гьев рагъ байбихьараб соналъго ун вуго фронталде. Освенцим эркен гьабиялъул хIакъалъулъ гьес щиб бицунеб букIарабли лъазелъун нижеца бухьен гьабуна гьесул вас, Дагъистаналъул ГIелмияб централда бугеб археологиялъул ва этнографиялъул институталдаса гIалимчи, МухIамадов Рабаданилгун.

МухIамадов Рабадан
МухIамадов Рабадан

Рабадан МухIамадов: «Инсуе бокьулароан гьелъул хIакъалъулъ ракIалде щвезабизе. ГIицIго дос бицунаан цIакъ квешаб махI букIанин доба. Нус-нус аза-азар чи жанив вухIараб печалдаса бачIунеб махI кинабха букIун батилеб? БитIахъе рас бахъун чIезабулеб букIанила гьелъ. Биччараб чIортIоги магIарзул къалазда жемун рукIунаанин жал.

Рукьбузда тIад тIомги бакъварал, хIваразул рухIал гIадал чагIи рукIанин хIаллица гурони риллъине кIоларел. Ниж рихьидал тIад хурхун, къочизе къасд гьабулеб букIанин гьез. Амма жидеда лъазабун букIанин хвасар гьарурал гIадамазда аскIоре къагейин, гьезда бахунеб унти бугилан.

Гьес бицараб жоялъул мукъсанал гурони баянал гьечIо дихъ. Дир ракIбухIун буго гьеб кинабго къалмиде босун нахъе цIуничIолъиялдаса».

Рабадан МухIамадовасул эмен, МухIамадов ХIажияв Освенцим эркен гьабун хадув гIахьаллъун вуго Берлин бахъиялъе гьарурал рагъазулъги ва гьениб дандчIвай гьабун буго гьес бергьенлъиялдаги. Берлиналъул къадада, Дагъистаналдаса МухIамадов ХIажиявги щванин гьанивеян абураб хъвай-хъвагIайги тун буго Дурангъиса магIарулас.

XS
SM
MD
LG