МагъчIваялъе рес

Лъабго «меседгун» тIадруссана дагъистаналъул гугарухъаби


Эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул команда Красноярскалда Ярыгинил турниралда хадуб, 25Янв2015
Эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул команда Красноярскалда Ярыгинил турниралда хадуб, 25Янв2015

ГьатIан къоялда рагIалде рахъана Красноярск шагьаралда унел рукIарал эркенаб гугариялъул рахъалъ, машгьурав гугарухъан Иван Ярыгинил цIаралда къецал. Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул лъебергоялдасаги цIикIкIарав чияс гIахьалъи гьабуна гьениб исана. Гьезда гьоркьосан, лъабгоясе щун буго меседил, кIигоясе гIарцул ва лъабгоясе мазгарул медалал.

Сибиралдаса машгьурав гугарухъан Иван Ярыгинил цIаралда «Гран при» абураб эркенаб гугариялъул турниралда Дагъситаналдаса речIчIухъабаз щибаб соналъ гьабула гIахьаллъи. Исана республикаялъул тIасабищараб командаялда гьенив вукIана кинавниги 35 гугарухъан. Гьеб ккола турниралда гIахьаллъи гьабулезда гьоркьоб бищун гIемерав чи вугеб команда.

Турниралъул тIоцебесеб къоялъ ургуялде рахъана 66 ва 74 килограмм цIайиялъул вакилзаби. Гьеб къоялъ кIиго медаль щвана Дагъистаналъе. 66 килограмм цIайиялда гIарцул медаль щвана ИсмагIил Мусукаевасе. 74 килограмм цIайиялда чемпионлъун вахъана ХIажимухIамадов АхIмад. КIиялго гIолохъаби ккола Хасавюрталда бугеб эркенаб гугариялъул школалда куцарал речIчIухъаби.

24 январалда унел рукIарал къецазда меседил медаль щвана 65 кг. цIайиялда цевевахъарав Бекбулатов Ильясие. Гьединго меседил медаль Дагъистаналъе щвана бакIаб цIайиялдаги, 125 килограммалда цевевахъунев Мурадин Кушхов чемпионлъун вахъана 25 январалда. 97 килограммалъул цIайиялда гIарцулаб шапакъаталъе мустIахIикълъана Къурбанов Зайнулаги.

Гугарухъабазул хIасилаздаса рази вуго Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренер Сажид Сажидов.

Сажид Сажидов: «Хьул киназдего букIана. 57 килограммалда нижер кинзалго хьулал рукIана гьенибги меседиль медаль босилилан. Амма цояв спортсмен унтун вукIиналъ ракIалда букIараб къагIидаялъ ккечIо. Аллагьас гьедин хъван букIун батила. Амма цогидал цIайиязда церерахъиналъ рази гьавуна. 74 килограммалда чемпионлъун вахъана АхIмад ХIажимухIамадов. Руго жеги гIолохъаби Бекбулатов Ильяс, МуртазагIалиев Расул ва цогидалги. Гьел киналго ккола цере гIолилазул командаялда рукIарал, гьанже чIахIияб ригьалъул спортменазда гъорлъе рачIарал чагIи».

ЭР: «Дагъистаналъул спортсменаздехун гьединал турниразда къецазул диванчагIазул батIияб бербалагьи букIунаан цебе. ХIила-макру гьабун чанги кIвекIенал гьариялъул хIужаби рукIана гIемерал. Исана гьелда бан щибниги хиса-басиял лъугьун ругиш?».

Сажид Сажидов: «Гьел хIужаби кидаго рукIана, исанаги камун гьечIо гьел. Амма ниж гьелъухъ балагьун чIоларо. Нижеца гьезда абун буго батIаго нужер кумек хIажат гьечIин нижее, къецал рукIине кколеб куцалда ине квал-квалгIаги гьабичIого теян. Гьелги цогидалги данде рукIиналъха ниж тIадчIун хIадурлъулел къецазде. Аллагьас нижее кумек гьабуна цебеги гьалдаса хадубги гьесде аманат гьабун тола кинабго».

Исанасеб Ярыгинил турниралда гIахьаллъи гьабун гьечIо Дагъистаналъул церетIурал гугарухъаби, ГIабдусамад ХIадисовасги, Рашид Садулаевасги. Гьелъие гIилла гьадин баян гьабун Сажид Сажидовас.

Сажид Сажидов: «Цересел соназда Ярыгинил турниралда бергьарав чияе рес щолаан Дунялалъул ва Европаялъул къецазда гIахьаллъизе. Гьединаб букIана тартиб. Исана гьеб тартиб хисизабун буго ва Ярыгинил туринаралда чара гьечIого гIахьаллъизе кколел рукIинчIо ХIадисовги, Садулаевги.

Гьеб гуребги, гьел кIиязулго гIемер церерахъинал рукIана араб соналъул, гьелъ цIакъ сваканги рукIана гьел. Гьезие хIухьбахъизе бокьун букIана. БатIаго цIакъго гьезие бокьун букIарабани гьезие инкар букIинчIо гьанире рилълъине, амма гьезги абуна хIухьбахъизе бокьун бугилан».

Гьанже Дагъистаналъул команда хIадурлъизе буги исана март моцIалда дагъистаналда тIобитIизе бугеб, Эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталде. Турнир тIобитIизе буго Каспийскалда бугеб ГIали ГIалиевасул цIар кьураб спорталъул кIалгIаялда.

XS
SM
MD
LG