МагъчIваялъе рес

Мавлидалъул къагIидаялда аварагасде карикатурабазде данде


23 январалда МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда тIобитIана аварагасде карикатураби гьариялде дандечIараб мавлид. Гьелда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул батIи-батIиял мухъаздаса рачIарал мажгиталъул имамзабазгун, гIалимзабаз. Мавлидалда кIалъазе вахъана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги.

Рузман какдаса хадуб МахIачхъалаялъул аслияб мажгит кьабун цIун букIана мавлидалде рачIарал гIадамаз. Гьеб букIана Франциялда Шарли Эбдо абураб басмаялъ МухIамад авараг какун къватIире риччарал карикатурабазде данде лъазабураб мавлид. 19 январалда гьединабго гIемерав чи гIахьаллъараб акция тIобитIана Чачаназул республикаялдаги.

Мавлидалъе байбихьи лъолаго МахIачхъалаялъул кIудияб мажгиталъул имам МухIамадрасул-хIажияс абуна аварагасде карикатураби къватIире риччалел гьеб басмаялъул хIалтIухъабазда лъалеб гьечIин гьелдалъун ислам жеги щулалъулеб букIин, исламалде рачIунел гIадамал гIадамал жеги цIикIкIунел рукIин. Гьел карикатураби къватIире риччаялдалъун гIемераб гIарацги щун бечелъизе ракIалда букIун батилин гьезда, амма исламалъе зарал гьабизе гьезухъа бажаричIилан.

Гьениб вагIза гьабуна Дагъистаналъул муфтий АхIмад-хIажицаги. Франциялда къватIире риччарал карикатураби, провокациялъе гIолалъун риччарал рукIин гурони, батIияб магIна гьезулъ бихьулеб гьечIин.

Мавлидалде вачIун вукIана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги

Дунялалда жагьиллъи жакъа цIикIкIунеб бугин. Аварагасги абун букIин жагьилав чиясдаса бищунго хIинкъайин, гьелдаса ругин киналго балагьалилан абуна гьес. Жакъа хIаталдаса ун гIемерлъун ругин Россиялдеги, бусурбабаздеги гьарулел провокациял.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьел карикатурабиги руго гьелго провокациял. Бусурбаби вахIшиял гIадамал кколин, гьел чIвадарухъабиги террористалги кколилан абизе гIоло гьарурал жал руго гьел. Амма нилъ гьел провокациязда хадур рилъине бегьуларо. Нилъер жаваблъун букIине ккола щуябго какги, аварагасде битIулеб салаватги, нилъер Къуръанги. Гьаниб МухIамадрасул-хIажияс цIакъ гIакъилал рагIаби абуна вагIзаялда. Дие тIаде жубазе бокьун буго жакъа нилъер гIамалги, бичча-бихъан тараб гIадлу-низамги гьебги карикатуралъун кколин. Карикатуралъун кколариш нилъер росабалъ ва шагьаразда лъугьун бугеб хIал, карикатуралъун гьечIиш Октябралъул цIаралда бугеб канал, гьениса 22 азарго тонна чороклъиялъул къватIибе бахъана дица. Гьединал карикатурабазде тIаде гIемер жо жубазе бегьула».

Щибаб кIалъаялда хадуб авараг веццун ахIулел мавлидалги, нашидалги рукIана. ГIемерисезда ракIалде кковухъе гьеб мавлид чанго сагIаталъ халат бахъинчIо, сагIат кIиго тIубараб гIадаб гIужалъ гьенире рачIарал киназего баркалаги кьун биххана дандеруссин.

XS
SM
MD
LG