МагъчIваялъе рес

Бугищ Аль Къайидагун хурхен дагъистаниялъул?


Лефортовоялде жанире унеб бакI
Лефортовоялде жанире унеб бакI

Дагъистаналъул ЦIияб Гъаякент росулъ ккурай Халикъова Саида Москваялъул «Лефортово» туснахъалда жаний тIамун йигин абулеб буго гьелъул гIагарлъиялъ. Гьезул баяназда рекъон, гьелда гIунтIизабулеб бугила Аль-КъагIидагун бухьен букIиналъул гIайиб. Кин дагъистаналъул Аль-КъагIидаялде ирга щвараб?

Гъаякент мухъалъул ЦIияб Гъаякент росулъа Халикъова Саида 15 декабралда рокъоса ккун ячун ун йиго низамцIунулез. Цереккун лъалел баяназда рекъон, Саида МахIачхъалаялдаса Москваялде щвезаюн, гьениб «Лефортово» туснахъалда йиго. Гьедин лъазабулеб буго «Мемориал» абураб гIуцIиялъул вакил Сиражудин Дациевас.

Халикъовалде гIайиб гIунтIизабиялъе гIиллалъун ккун буго Саидал гьалмагъзабазул цояй жиндир заманаялъ Туркиялъеги ун, гьенисан «Аль Къайида» гIуцIиялде гъорлъе ккун йикIин. Гьелъулгун Халиковалъул бухьенал букIиналда щаклъи бугила низамцIунулезул.

Дагъистаналдаса адвокат Мурад МухIамадовасул рагIабазда рекъон, гьеб кколеб буго Дагъистаналде жеги рагIичIеб статья гIайиб гIунтIизабиялъе, батIиял пачалихъазул террористиял гIуцIиялгун бухьен гьаби.

Москваялда Саидал изнуял цIунизе разилъарав адвокатас 150 азарго гъурущ гIарац тIалаб гьабун буго, амма гьелъул гIага-божаразул рес гьечIила гьединаб гIарац батизе.

Саидал эбел Разиятица «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна жиндир ясалъ бусурбан чIужуялда тIадаб хIалалъ рас бахчаралдаса нахъе байбихьанила гьелъул гIумрудулъ захIмалъаби.

ГIисабегова Разият: « Дир яс цIалулей йикIана Астрахань шагьаралда медикияб академиялда. Щуабилеб курсалде щведал нахъе рехана гьей цIалудаса хIижаб сабаблъун. Дунго экзаменазда йикIинчIейани божилароан, амма гьений дунгоги йикIана. ГIарац кьун суал тIубалилан, гьеб кьезе дун лъугьиндал, дида абуна, щибго гьабизе кIолеб жо гьечIилан. ТIасан буюри бугила жидее кьураб хIижаб чIварал ясал нахъе рехейилан. Гьелда цадахъ чанго рукIана хIижаб чIварал ясал. Цо-цояз бахъана хIижаб. Саидаца хIижаб бахъичIо»

Разиятил рагIабазда рекъон, Саидадехун низамцIунулезул киналгIаги суалал рукIун гьечIо, гьей гIицIго цо нухалъ нугIлъи гьабизе ахIун йикIун йиго диваналде. 15 Декабралъ рогьалида жидер мина сверун ккунила рагъулаз ва жийги ясги МахIачхъалаялде рачанила.

ГIисабегова Разият: « 15 къоялъ рогьалида нижер мина сверун ккуна. 70 чи вукIана низамцIунулезул. Гьезда цадахъ Москваялдаса цIех-рехчагIиги рукIана. Цин нижер минаялда чIухь бана гьез. Бегуниса бахъана къайи. Дир ясалъ сапун гьабун гьеб интернеталдаса бичулаан. Гьелъул ноутбук ва киналго бичараб къайиялъул кагътал ана росун. Ниж гьез МахIачхъалаялде жанисел ишазул бутIаялде рачана. Гьенир маркIачIуда лъагIан ккуна ниж. ЦIех-рех лъугIидал дида абуна рокъое ине бегьилилан. Саида кий йигейин дица цIехедал, гьей жидеца йччаларилан абуна гьез. Гьей Москваялде ячине кколила мухIканаб цIех-рех гьабизе. Дида яс йихьизецин течIо гьез. Киб гьаб дунялалда ритIухълъи бугеб?».

ГIисабеговалъул рагIабазда рекъон, гьабсагIат гьез валагьун вуго адвокат. Амма гьес тIалаб гьабулеб бугила 150 азарго гъурущ гIарац. Эменги гьечIого жинцаго яс гIезаюрай чIужуялъул гьеб гIарац гьечIо. Гьединго, 15 къоялдаса хадуб, Саидалгун бухьен гьабизе рес щун гьечIо гIага-божаразе.

XS
SM
MD
LG