МагъчIваялъе рес

Гъурущ: букIунги ургъел, гьечIониги ургъел


ГIадамаз банказдаса гIарац нахъе босулеб буго
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:55 0:00

ГIадамаз банказдаса гIарац нахъе босулеб буго

Гьал къоязда МахIачхъалаялъул ва Дагъистаналъул цоги шагьаразул сипатлъун лъугьун бугин абизе бегьула банкоматазда сверун ва банказда рогьаралдаса гIадамазул халатал читIирал рихьи. ГIадамаз хIаракат абахъулеб буго хехгьабун банказдаса жидерго гъурщал нахъе росизе. Халкъалъул цогидаб бутIаялъ хехал тадбирал гьарулел руго гIарац сунде бугониги буссинабизе ай гьелде кинаб букIаниги къайи босизе

please wait

No media source currently available

0:00 0:05:09 0:00
Интернет-мухъ

Долларалъулгун, Евроялъул багьабазда сверун ахирал моцIазда ва ахирал къоязда жанир лъугьарал хиса-басияз хисизабуна гIадатиял гIадамазулги гIумру. Гъурщил къимат къоялдаса къоялде холеб букIиналъ гьел тIамуна хехал тадбирал гьаризе. Банкалда жидерго гъурщил нахърателги цIунун рукIарал гIадамал гIедегIана гьеб нахъе босизе. 17 ва 18 декабаралда МахIачхъалаялдагун, Каспийскалда, «Сбербанкалъул» банкоматазда цебе рогьаралдаса рукIкIинегIан иргаялда чIарал гIадамазул читIир жеги лъугIун гьечIо. Цересел къояз интернеталда баккана информация, гIарац тIад бугел «Сбербанкалъул» картаби кватIичIого къазе рагIулин.

Гьеб хабаралъ гьабураб бихха-хочиялъул хIасил бугин гьел банкоматазда цере ругел гIадамазул читIиралгиян абулеб букIана гIадамаз цоцада. Амма «Сбербанкалъул» нухмалъиялъ интернеталдасан официалияб куцалъ лъазабуна банкалъул картаби къазе ругилан абураб баян гьереси бугин, гIадамаз гIарацги цебе букIараб къагIидаялъ бокьараб заманалъ босизе бегьулин. «Эркенлъи» радиоялъе гьеб баян тасдикъ гьабуна Каспийскалда бугеб «Сбербаканалъул» офисалъул хIалтIухъаналъги. Амма банкоматазда цебе бугеб гIадамазул читIир гьелдалъун дагьлъичIо. Кинабго гIарациш нахъе босулеб бугебан кьураб суалалъе гьез чIванкъотIун жаваб кьезе инкар гьабулеб букIана, амма бихьулеб букIана щиб кканиги гIарац нахъе босун лъикIилан абураб пикруялъ рачIун рукIин гьел гьенире.

Амма киналго гуро банкоматаздаса гIарац нахъе босизе рортулел ругел.

«Эркенлъи» радиоялъ цIех рех гьабуна гIадатиял дагъистаниязда гьоркьоб, рахIат хвезабуниш нужер гъурщида сверухъ ахирал къоязда бугеб хабаралъ ва нужерго гIарцул нахъраталезда щиб гьабизе нужеда ракIалде бугебан? Гьале гьез кьурал жавабалги:

-РахIатхвей буго, узухъда. ГIадамаз бицунеб жоялъухъ гIенеккараб мехалъ щибдай гьабила гIарцудаян ургъизе тIамулей йиго. Дида кколеб буго бищунго лъикI букIинаанин ракь ялъуни рукъ-бакI босани, гIарац нахъе цIунун течIого.

-ГьечIо дир гьединаб рахIатхвей. Дида кколеб буго гьеб бугин заманалъ бугеб жоян. ГьадигIан кIудияб пачалихъалъе хайир гьечIо кIиго ва лъабго нухалъ долларалъул багьа бахин. Гьез пачалихъиял хъулухъчагIазе харжги, цогидалги социалиял бигьалъабазухъ кьолеб гIарацги цIикIкIинабизе кколелъул гьебмехалъ. Гьелдасаги гъурщил къимат рукIалиде бачIинабизего бигъалъизе буго гьезие. Нахъе лъураб гIарцудаги щибниги гьабичIо дица, кверхъвачIого тун буго.

-БатIаго банкалда гIарац гъурщил нахърател гьабизегIан гIемераб гIарац бугев чиги дун гуро. Амма лъимал-хъизан бугев чи хIисабалда дида хъатIичIого хутIун гьечIо тукабазда багьаби хиралъулел рукIин. Абулеб буго ЦIияб соналда лъагIан гьел жеги хиралъизе ругилан, гьединго нартил цо баррелалхул багьаги гIодобе ккезе бугилан. Путиницани абуна улкаялъул бюджеталда бараб жо гьелъул гьечIилан. Лъаларо…

-Дир гьедин нахъе лъураб гIарацги гьечIо. Амма дида кколеб буго гьаб гъурщил къимат хвеялъ асар гьабизе бегьулин дунялалда нартил багьабазеян. Гьеб гьедин ккани цIакъ лъикI букIинаан.

Гьединго гьал къоязда информ.алатаз тIибитIизабуна хабар, нахъе лъураб гIарац бугел гIадамал гIедегIулел ругин гьеб сунде букIаниги буссинабизе. Цоял ракь, ялъуни жанир рукIине рукъзал росизе. Цогидаз автомобилал ва батIи-батIияб къайи-цIа бугин босулеб. Гьедин МахIачхъалаялда гьединаб къайи-цIа бугел тукабазда тIубараб ажиотаж бугин, гIадамаз цебе ккараб жо босулеб бугилан букIана информация. Амма Каспийскалда бугеб «Ас» абураб фирмаялъул тукада щибниги хисараб жо гьечIилан бицана «Эркенлъиялъе» гьеб тукада хIалтIулев Русланица.

ЦохIо гIадатияб халкъалда гуребги, экономикияб кризисалъ кьаби щвезабунин олигархазул буголъиялдагиян хъвалеб буго Россиялъул информалатаз. Гьедин Россиялъул бищун бечедалин абулел 20 олигархазул гIарцуе ккун буго 62 миллиард гъурщил зарал. Гьезда гьоркьосан бищунго «мискинлъун» вуго НОВАТЭК абураб газалъулаб компаниязул хважаин Леонид Михельсон. Гьев ватIалъун вуго микьго миллиард долларалдаса.

XS
SM
MD
LG