МагъчIваялъе рес

Лъица квараб Калиматил гIарац?


Калимат Сиражудинова
Калимат Сиражудинова

Дагъистаналъул Арбитражалъул диваналъ хIукму гьабуна «Кредит-инвест» банкалъухъа 124 млн-гун 636 азарго гъурущ бахъизе. Гьеб буго МочIохъа Сиражудинова Калимат гIадин махсароде ккурал чагIазул гIарац.

Хунзахъ мухъалъул МочIохъ школалъул мугIалим Калимат Сиражудиновалъ ЭР-ялъе бицухъе, гьелъул хъизаналда вугев щуго чияс гIумру гьабулеб буго кIиго рукъоб жаниб. 35 соналде щвезегIан хъизанал гьарурал чагIазе пачалихъалъ кьолеб гIарцуде хьулги лъун, росасгун цадахъ гьелъ байбихьун букIун буго росулъго мина базе. Гьелъие гIоло гIадамазухъа налъукь гIарацги босун буго.

Республикаялъул росдал магIишаталъул министерлъиялъ тIаде босула гьедин росабалъ гIумру гьабулел гIолохъанал хъизаназе гIарац биччазабиялъул суал. Гьедин 2012 соналда Калимат Сиражудиновалда гьеб идараялъул вакилзабаз абун буго нужее бащдаб миллион гъурущ биччан бугин, амма гьеб щвезе ккани, «Кредитинвестбанкалда» счет рагьейин. Рагьун буго гьелъ. Амма нахъисеб къоялъго гьеб гIарацги къабул гьабун, гьеб банк тIагIун буго. Гьедин кIиабилеб сон буго Калиматил гьеб гIарац кванарал чагIи цIехолел.

Гьелда бан гьадин бицунеб буго гьелъ ЭР-ялъе.

Калимат Сиражудинова: «Счеталги рагьун «Кредитинвесталдагун» рукIана ралагьун чIун рукIана гIарцухъ. Февралалъин абуна, марталъин абуна… Цинги гьеб цIехезе рахъиндал, счеталдаса бахъун ун батани нижеда гьеб гIарац. Нижеца Москваялде хъвана, МахIачхъалаялде хъвана».

ЭР: «Нужеда гьеб банк лъица ракIалде щвезабураб?»

Калимат Сиражудинова: «Росдал магIишаталъул министерлъиялдасан абуна. БачIун нахъисеб къоялъ бахъун бугоан гьеб гIарац».

ЭР: «Гьеб гьездасан гурищ гьеб мехалда тIалаб гьабизе кколеб?»

Калимат Сиражудинова: «Гьедин гьабулеб букIана цин, гьанже ахиралда чIезабуна банкалъул гIайиб бугилан. Нижеда абуна банкалъул гIайиб букIин чIезабуни, Сбербанкалъ бецIулин гьебилан. Нижеца гIумру гьабулеб бугеб бакI бихьани, чи божулароха – щуго чи кIиго рокъов жанив. Бараб мина буго нижер, жанир хIалтIабиги гьаричIеб. Гьенире жанире рахъине рес гьечIо нижер. Гьеб гIарцуде хьулги лъун, налъукьгицин ккана ниж, гIадамазухъа гIарацги босун. Дагъистаналъул нухмалъулесухъе ине бокьилаан дие гьелъул бицине. Чачаналда вугев Рамзан Къадировасухъецин хъвана нижеца гьелъул рахъалъ».

ЭР: «КигIан гIарац гьеб?»

Калимат Сиражудинова: «455 азарго гъурущ».

ЭР: «МочIохъ чан вугев гьедин махсароде ккун?»

Калимат Сиражудинова: «Гьанир цохIо ниж руго, амма Хунзахъ мухъалда гIезегIан ратула».

17 декабралда МочIохъе вачIун вукIана Дагъистаналъул нухмалъулесул вакил ГIалибег ГIалиев. Иргадулаб куцалда гьесде гIарз бахъана Калимат Сиражудиновалъ. Гьедин махсароде ккурал чагIи чанги рачIунел рихьанин гIарзалъ жинда гъоре, хIукуматалдеян, бицана гьесги.

Гьал къоязда Дагъистаналъул Арбитражалъул диваналда рагIалде бахъана анкьго моцIалъ халатбахъараб диваналъул процессги. Гьениб хIукму гьабуна «Кредит-инвест» банкалъухъа 124 млн-гун 636 азарго гъурущ бахъизе. Гьеб буго МочIохъа Сиражудинова Калимат гIадин махсароде ккурал чагIазул гIарац, 2013 соналде щвезегIан росаби социалияб рахъалъ церетIезариялъул программаялъе пачалихъалъ биччалеб букIараб гIарац. Гьеб гIарац гIадамазе бикьиялъул къотIи-къай Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялъ гьеб банкалъулгун гьарун рукIун руго.

Росабалъ гIумру гьабулелниги, цогидалниги гIолохъанал хъизаназе жанир чIезе рукъзал разелъун Россиялъул хIукуматалъ кинабниги 3, 5 млрд гъурущ бичан буго исана. Гьелда тIадеги регионазул нухмалъулезги кьолеб буго 10 млрд. Амма 74 регионалда гьоркьоса гIицIго Дагъистангун Ингушетия буго гьеб гIарцудаса махIрумлъун. Щайин конкурсалъул тIалабал тIуразе кIвечIого.

XS
SM
MD
LG