МагъчIваялъе рес

Временныялдаса чагIазе компенсациял кьолел гьечIо


 Временный росу КТОялдаса хадуб
Временный росу КТОялдаса хадуб

Дагъистаналъул Унсоколо мухъалъул Временный росулъа гIадамазул гIарзал руго, жидее рихьизарурал компенсациял кьолел гьечIолъиялда ва кьезе бихьизабураб гIарацги цIакъго дагьаб букIиналда бан. Гьениб биххизабун яги пайдаялдаса бахъун буго кинабниги 50ялдаса цIикIкIун рукъ. Росулъ гьабсагIаталда гьечIо я ток, я газ. Гьединго хIалтIулел гьечIо школагун медпункт.

Унсоколо мухъалъул Временный росулъ гьал къоязда цIидасанго щвана контртероралъулаб низамалъул тадбирал гьарулаго гIадамазе ккараб заралалъул цIех-рехал гьарулеб хасаб комиссия.

РакIалде щвезабила, гьеб комиссиялда гъорлъе руго бакIалъул нухмалъиялъул рахъалдаса чагIиги, инсанасул ихтиярал цIунулелги, къуваталъул идарабазул вакилзабиги, росулъ гIумру гьабун рукIарал гIадамалги. Гьал къоязда комиссиялъ халгьабуна, терроралде дандечIарал операциязд кьвагьзарурал минабазулги ва зарал ккарал минабазулги. Комиссиялъул вакилазул лъазабиязда рекъон, кьвагьизабураблъун рикIкIунеб буго I6 мина, гIемер минаби руго зарал ккарал. ГIадамаз гIумру гьабизе бегьуларублъун 52 мина батанин, бицана журналистазе комиссиялде гъорлъе унез.

Гьел минабазда гIумру гьабун рукIаразе компенсациял кьезе ругин, лъазабуна комиссиялъ. Компенсациялъул къадар чIезабизе буго минабазда гIумру гьабун рукIарал жив-жив чиясухъ балагьун ва щивасе бихьизабун буго квадраталъул I8 метр. Цо метралъул багьалъун чIезабун буго 25 азарго гъурущ. Гьеб гIарац гIадамазухъе кодобе кьезе гьечIин, бицана комиссиялъул вакилаз. ГIадамазе сертификатал кьезе руго ва гьелдалъун зарал ккаразул ихтияр буго Россиялъул бокьараб регионалда цIиял минаби яги рукъзал росизе.

Зарал ккарал, амма гIумру жанир гьабизе бегьулел минаби цIигьаризе руго республикаялъул бюджеталдаса гIарацги бичанилан, бицун буго комиссиялъ росдалчагIазе. Тендерги гьабун минаби къачIазе хасаб фирма тIаса бищизе рагIула аукционалда.

Гьединго росдалчагIазе заманалъ гIумру гьабизе 20 вагон кьезе буго. Амма 52 мина жаниб гIумру гьабизе бегьуларблъун бугилан чIезабун хадуб, 20 вагоналдаса щиб пайда букIинебали бичIчIулеб гьечIо гIадамазда.

Контртероралъулаб низамалъул тадбирал гьарулаго зарал ккарал гIадамазе, комиссиялъул хIукмуялда рекъон, жиб-жиб къоялда компенсация хIисабалда 500 гъурущ кьезе буго, гьедиго квен босизе 250 гъурущги кьезе буго. Амма гьел компенсациял кьезе жеги байбихьун гьечIин абулеб буго росдалчагIаз. Унсоколо мухъалъул администрациялъул лъазабиязда рекъон, компенсациял кьезе руго республикаялъул бюджеталдаса гIарац бачIараб мехалъ.

Временный росулъ гьабсагIаталда гIумру лъицаниги гьабулеб гьечIо. Жалго росдалчагIи журналисталгун кIалъазе бокьун гьечIин чIун руго. Дагъистаналдаса СМИяз цониги битIараб бицичIин росулъ ккарабщиналъулилан абуна «Эркенлъиялъе» Временныялдаса ПатIимат АхIмадовалъ.

ПатIимат АхIмадова: «Гьанире рачIун рукIана цо-цо журналистал, амма гьезул макъалабазда официалияб рахъалъул гурони хъван батичIо. Нижее журналистал къваригIун рукIана лъабго моцIалъ цере, гьаниб рагъулаз гьабулебщиналъул хъвазе. Гьанже гьелъул бицун щиб. Интервьюял дица кьезе гьечIо журналистазе».

Жиндир цIар рехсечIей росдалгIаданалъ бицана «Эркенлъиялъе» гьабсагIаталда Временныялда кинаб ахIвал-хIал бугебали.

Аноним: «ГьабсагIаталда росулъ токги гьечIо, газги гьечIо, лъимги гьечIо. Росулъ цохIо гIолохъаби руго доба хутIараб къайи-къоноялъухъги балагьун. Школа ва медпунктги росулъ хIалтIулеб гьечIо. Компенсациял кьезе ругин абуна, амма жакъа къоялда щвараб щибго жо гьечIо. ГIадатиял гIадамаз цоцазе кумек гьабулеб буго. Пачалихъалъул рахъалдасан цохIо МЧСалъ кумек гьабуна матрасал-жал кьун».

ГIадамал ралагьун чIун руго кидадай гьезие компенсациял кьезе ругел. Жидерго минабазде тIадруссине бокьун буго киназегоян, абуна росулъа гIаданалъ. Временныялдаса чагIаз гьабсагIаталда гIумру гьабулеб буго гIагарлъиялъухъ. Гьезул гIарзаби руго жидер минаби риххун гурони, къуваталъулаз телевизорал, микроволновкаби, магнитофонал ва цогидаб техника бикъун бугин. Официалиял СМИяздаса, мисалалъе «Дагестанская правда» газеталдаса, низам цIунулез лъазабуна, къуваталъулал сунданиги хъвачIин.

Ахиралда тIаде жубала, Временныялдаса росдалчагIи хIадур руго МахIачхъалаялда митингазде рахъизе, гьезие компенсациял гIагараб заманалда кьечIони.

XS
SM
MD
LG