МагъчIваялъе рес

ХIажимурад Камалов чIваралдаса – лъабго сон


 ХIажимурад Камалов, МахIачхъала, 21Сен2010
ХIажимурад Камалов, МахIачхъала, 21Сен2010

16 декабралда «Репортеры без границ» абураб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ тIиритIизарурал баяназда рекъон, исана дунялалда чIван вуго 66 журналист. 16 декабралда гьединго лъабго сон тIубала эркенаб пикруялъул газета Дагъистаналда биччазе байбихьарав ХIажимурад Камалов чIваралдасаги. Жеги ратун гьечIо гьесул ва республикаялда чIварал цойги журналистастасул цониги абухъе чIвадарухъан.

БатIияб махщалие цIаларав вукIаниги, жиндир аслияб пишалъун журналистика гьабурав чи вукIана гьев. Цевехун кIиго батIияб газеталда хIалтIаниги, ХIажимурад Камалов машгьурлъана «Черновик» абун эркенаб пикруялъул газета Дагъистаналда биччазе лъугьиналдалъун.

Нухмалъулев хIисабалда кинав гьев вукIаравали бицунеб буго цо заманалда «Черновикалда» динияб гьумер бачунев вукIарав ХIажимурад МуртазагIалиевас.

ХIажимурад МуртазагIалиев: «Гьев кутакалда лъикIав нухмалъулев вукIана, гьединго лъикI бачине лъалаан гьесда жиндирго хIалтIиги. Журналистазда хадуб халккун, дуца хас гьабун гьалъул, яги гьасул хIакъалъулъ хъвайин абулароан гьес. ГIицIго газета къватIибе бачIун нахъисеб къоялъ балагьулаан ккарал-тарал гъалатIал ругищали. ГIарац кьун бечедал чагIазул хIакъалъулъ макъалаби хъвайги букIунароан. Дица гьениб диналда тIасан хъвалаан. ХIажимурадица абулаан киналго рахъал хIисабалде росеян. Масала, официалияб пикруялда данде кколарел рахъалги, бусурбабазул идараялда данде кколарел рахъал».

Камалов чIварал чагIи ратиялде кIудияб хьул бугин жиндирилан абуна ЭР-ялъе цо заманалда «Черновикалда» бетIерав редакторлъун вукIарав Бияхъай МухIамадовас.

Бияхъай МухIамадов: «Нилъеца, магIарулаз, бусурбабаз абухъе, кIудияб хьул бугоха гьел чагIи ратилин, туснахъалда лъун, хIукуматалъ гьезие тамихIги гьабилилан. Журналист Максим Шевченкоца президент Путиниде гIарз бахъун хадуб дида ккола гьеб такъсир рагьилин. Гурони киназго абизе буго гьалейин, тIубалеб гьечIин путиница кьураб рагIи».

Исана дунялалда чIван вуго 66 журналист. Нусидаса цIикIкIун журналист викъун вуго, микьнусидаса цIикIкIун – ккун ва кIинусиде гIагарун журналист туснахъ гьавун вуго.

Гьел ккола 16 декабралда «Репортеры без границ» абураб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ тIиритIизарурал баянал. Гьезда рекъон, гьабсагIаталда дунялалда журналистазе бищун хIинкъараб бакIлъун рикIкIунеб буго Шамалъул ракь. Хадуб – Палестина, цинги - Украина. Гьедин гьениб рагъ багъарун букIиналъ, исана Украинаялда чIван вуго 6 журналист, 33 журналист викъунги вуго.

Туснахъ гьарурал журналистал бищун гIемер Китаялда руго. 29 чи.

1991 соналдаса нахъе чIванги араб бакI лъачIогоги Россиялда тIагIун вуго 230 журналист. Амма гьезул хIакъикъияб къадар жеги цIикIкIараб букIине рес буго.

1992 соналдаса нахъе Дагъистаналда чIварал журналистазул къадар ккола 17 чи. Гьезул цонигияв чIварав чи лъалев гьечIо. Гьезда гьоркьор руго гIадатиял журналисталги, информациялъулгун басмаялъул министралги.

16 декабралда «Репортеры без границ» абураб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ тIиритIизарурал баяназда рекъон, исана дунялалда чIван вуго 66 журналист. 16 декабралда гьединго лъабго сон тIубала эркенаб пикруялъул газета Дагъистаналда биччазе байбихьарав ХIажимурад Камалов чIваралдаса. Жеги ратун гьечIо гьесул чIвадарухъаби.

XS
SM
MD
LG