МагъчIваялъе рес

Киредай рачинел рахунел багьабаз?


Экономикияб кризисалъул тIоцересел галаби щванин абизе бегьула Дагъистаналдеги. Республикаялда хиралъизе байбихьун руго кванил нигIматазухъ багьаби. Ричарухъабаз абулеб буго жидецаги къайи хираго босулин, гьеб багьа гьабичIого жидерги рес гьечIин. Экономистазул пикруялда, багьаби жегиги рахине руго.

Хиралъун буго чед, чакар, рахьдал ва гьел гурел цогидал нигIматазухъ багьаби. Чадил буханкадул багьа буго 25 гъурущ. Ролъул хъапил багьа абуни циндаго цIикIкIун буго 300 гъурщица. 600 гъурщиде букIараб гьеб гьанже буго 900, хIатта цо-цо бакIазда азарго гъурщиде гIагарунцин. Чакаралъул хъапил багьа абуни 1400 гъурщиде бахун буго. Ричарухъабаз абулеб буго багьаби щибаб къоялъ гIадин рахунел ругин тIадеян. Мисалалъе рахьдал нигIматаздаса гьабураб къайи-цIа бичулей Гульнараца абуна итни къоялъ жеги хира гьабун бичеян ахIун бачIанин жиндихъе фирмаялдаса. Гульнараца ричула йогуртал, рулетал, кексал ва гьелда релълъарабги гьуинлъи. Гьей хIалтIулей йиго цадахъго кванил нигIматал ричун росулеб, ЦIумадисезул абулеб базаралда. Дагъистаналъул киналго мухъаздаса гьединго шагьараздаса рачIуна гьенире гIадамал жидерго тукабазде къайи босизе. РачIуна гьединго учузго рокъобе жо босизе бокьаралги гIадамал.

Кванил нигIматазда гьоркьоб хиралъичIеб жо гьечIилан абулеб буго Гульнараца

Йичарухъан Гульнара: «Мисалалъе дица бичулеб жоялда гьоркьор йогуртал хиралъун руго 5-6 проценталде щвезегIан. Гьелъул 24 жо жаниб бугеб къотIелалъул багьа букIун батани 300 гъурущ, гьанже гьеб 330 гъурщиде буго. Жакъайин абуни дихъе ахIун бачIана фирмаялда гьел жегиги хиралъизе ругилан. Рахьдал нигIматал киналго хиралъун руго. БитIун абуни жакъа дун дирго дармил рукъги къан рокъое ани гурони рес гьечIеб къагIидаялъ буго иш. Щайгурелъул хайир гьечIелъул. Амма гьедин гьабизе намусалъ толарого йиго. Багьаби хира нижеца гуро гьарулел нижехъеги хира гьарун рачIуна гьел. Гьеб жо ккола саботаж».

Гьединго гьей рази гьечIо монополиялда дандечIраб хъулухъалъ багьаби цIикIкIинариялда хадуб хал кколеб гьечIолъиялдаги. Россиялъул Телевидениялдаса абулеб букIанин нилъер гIураб нахърател бугин кванил нигIматазул, гьединлъидал багьаби эхеде рахиналда хIинкъизе бакI гьечIилан. Амма хIакъикъат абуни батIияб бугин. ЦохIо Дагъистаналдайищинха гьел хиралъун ругелали жинда бичIчIулеб гьечIин.

...хирияб къайи-цIа босичIого гIадамаз гIей гьабизе буго дагьаб рекъараб багьаялде бугеб нигIматалда

Экономист Михаил Чернышовас абуна гьелда бан багьаби хиралъуле киса кирего ругин Россиялдаян ва гьеб ахIвал-хIал жеги халат бахъине бугиланги рикIкIунеб буго гьес, амма пуланаб заманалда гьеб лъугIизе бугин.

Михаил Чернышов: «ЛъугIизеги гьеб буго инфляциялъул къадар гIагалиде бахиндал гуреб, гьеб бараб букIине буго жалго гIадамазда. Гьез къайи-цIа босилалде бугеб бербалагьи хисиялда. Дагьабги бичIчIуледухъ абуни, мисалалъе хирияб къайи-цIа босичIого гIадамаз гIей гьабизе буго дагьаб рекъараб багьаялде бугеб нигIматалда».

Ричарухъабаз бицунелда рекъон багьаби Дагъистаналда хиралъизе бегьула цIияб сон тIаде щвезегIан. ДаранчагIаз жидерго нахърателазул рукъзал цIезарун ругин батIи-батIиял кванил нигIматазул багьа бищунго эхеде бахараб мехалда цебеги босун бичизе.

XS
SM
MD
LG