МагъчIваялъе рес

Жакъаги рухулищ росабаз лъудби?


Россиялда щибай щуабилей ччугIужагIан росас юхулей ай гьей рокъоб зулмуялда гъоркь йигин лъазабулеб буго россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулез.

Ихтиярал цIунулезул чанго къукъа рекъон гIуцIараб лъазабиялда абулеб буго улкаялда гьарулел такъсиразул лъабабилеб бутIаялдаса цIикIкIараб бакI кколин рокъоб гьабураб зулмуялъин. Гьезулго лъазабиязда рекъон, хъизабазда жаниб росас лъадуе гьабулеб зулму лъагIалидаса-лъагIалиде цIикIкIунеб буго 10 проценталъ.

Гьаниб нижеца кьолеб буго 2003 соналда Эркенлъи Радиоялъул эфиралда букIараб программа. Гьелъул цо-цо гIахьалчагIи гьанжеялде гIумруялдаса ратIалъун руго, амма гьез бицаралъул кIвар жакъаги кIудияб буго, щайгурелъул гьез рорхараб проблемаби жеги цIунун хутIулел рукIиналъ. (Программа кьолеб буго щибниги хисизабичIого).

please wait

No media source currently available

0:00 0:14:53 0:00
Интернет-мухъ

XS
SM
MD
LG