МагъчIваялъе рес

Временное росдае ккараб зарал рикIкIунеб буго


Унсоколо мухъалъул Времменное росулъ хIалтIизе байбихьун буго, контртероралъулаб режим гьабулаго гIадамазе ккараб заралалъул цIех-рехал гьарулеб хасаб комиссия. Гьелда гъорлъе унел руго бакIалъул нухмалъиялъул рахъалдаса чагIиги, инсанасул ихтиярал цIунулезул вакилзабиги, къуваталъул идарабазул чагIиги, гьединго росулъ гIумру гьабун рукIарал гIадамалги. Цо-цо мухIканал гурел баяназда рекъон, хасаб комиссиялъ гьабулеб хIалтIи лъугIун хадуб сентябралдаса нахъе къан бугеб Гендерил тоннельги рагьизе бугилан.

Временное росулъ гьеб комиссиялъ хIалтIи байбихьана 26 ноябралъул радал сагIат ичIго тIубарабго. Гьеб комиссия гIуцIизе ккеялъул суал борхун букIана 10 ноябралда мугIрузул мухъазда вугев Дагъистаналъул нухмалъулесул вакил ЗайнулгIабидов МухIамадилгун букIараб дандчIваялда, гьеб росулъ гIумру гьабун ругел гIадамаз. Гьез гьединго тIалаб гьабулеб букIана контртерроралъулаб режим лъугIун хадуб жидее гIумру гьабизе цогидаб бакI кьейилан, Временноялде нахъруссине жидее бокьун гьечIилан.

Комиссиялъе нухмалъи гьабулеб буго Унсоколо мухъалъул нухмалъулев хисулев Запиров АхIмадица. Амма комиссиялъ гьабулеб хIалтIуда хурхун баянал кьезе гьес инкар гьабулеб буго.

«Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицунеб буго Генуб росдал нухмалъулев МухIамадов ГIалиасхIабица. Коммиссия гIуцIулеб бакIалда гьевги вукIун вуго

МухIамадов ГIалисахIаб: «Щибаб рукъ щибаб азабаралъул хал гьабулеб буго мухIканго. АнцIила кIи-кIи чи нижер росулъа вуго комиссиялда гъорлъ, гьединго шагьаралдаса рачIарал инсанасул ихтиярал цIунулел чагIи руго гьезда гьоркьор, МЧСалдаса гIадамалги руго. ФСБ ялъулгун, МВдялъулгун гIадамаца хадуб халги ккун, къануналда рекъон гьабулеб буго кинабго хIалтIи. КиIан хехго комиссиялъ хIалтIи лъугIизабуни, гьелдаса хадуб рагьизе бугин тоннельгиян абулеб буго

ЭР: «Чан къо базе бегьулеб коммиялъ хIалтIи гьабизеяли лъалеб бугиш?».

МухIамадов ГIалиасхIаб: «Ункъо щугониги къо балилан абулеб буго гьез. 240 хъизам буго росулъ зарал ккараб гьел киназулго бикъарабги, тIагIарабги жоялъул цIех-рех гьабизе гIемераб заманги баларишха».

Микьго моцIалъ халат бахъараб Контртерроралъулаб режим 26 ноябралдаса нахъе бахъанин Унсколо мухъалдаян абураб баян кьуна къватIибе арбагI къоялъ «Черновик» газеталъул сайталъ. Гьелдаса хадуб гьеб баян тIибитIизабуна цогидлал иннформ. алатазги. Амма Генуб росдал нухмалъулев ГIалиасхIаб МухIамадовас гьеб баян тасдикъ гьабичIо.

МухIамадов ГIалиасхIаб: «КТО жеги нахъе бахъун гьечIо, коммиссиялъул хIалтIи лъугIун, хадуб гьез кинаб къимат кьолебалиги балагьун бахъулин абулеб буго. МоцIида жаниб нижеца комиссиялъул хIасилал ритIизе ккола Москваялде».

ЭР: «Временное росулъа гIадамазул гIарз букIана жидее гIумру гьабизе батIияб бакI кьейилан, жал гьенирехъан нахъруссине гьечIилан. Гьелъул хIасил кинаб ккараб?».

ГI. МухIамадов: «Гьединабго пикруялда руго гIадамал жакъа къоялъги гIадамал. ЦохIо Временноялдаса гурезги, гендерица буго гьеб тIалаб гьабулеб. ЧIалгIун, рихун бугила жидеда гьал лъугIиго гьечIел КТО-ялги, кьвагьа-гIанхъиги абун. Гьединаб бакI щвани роххуца холаго инаан жакъа бокьаниги. Амма хIукуматалъул нухмалъиялде хъвараб кинаб бугониги хитIаб гьечIоха жеги».

ЭР: «Гьенир рукIарал къуваталъул идарабазул чагIи нахъе анилан абулеб буго…

ГI. МухIамадов: «Ана. Гьанир гьезул хутIарав чи вуго 10 процент».

ЭР: «Комиссиялде гъорлъе Временное росулъа кинал чагIи рачарал?

ГI. МухIамадов: «Ункъо чIужугIаданги йиго. БатIи-батIияб махщалил чагIиги рачана, токалъул, ралел бакIазул махщел лъалел гIадамал. Гьединго сахлъи цIуниялъул хIалтIухъанги вуго гьоркьов.

ЭР: «ТIубанго рихизарурал минаби чан ругел росулъ?».

ГI. МухIамадов: «АнцIгониги мина буго гьединаб».

Гендерил тоннел къан букIана 18 сентябралдаса байбихьун, Унсоколо мухъалъул Временное росулъ низам цIунулез хасаб операция тIобитIизе байбихьаралдаса. Генуб росулъ гIумру гьабун рукIарал гIадамаз росу тезе ккана. Гьезул гIемерисел Генуб росулъ рукIана чIей гьабун, цо бутIа Шамилхъалаялдеги гочана жидерго гIага-божаразул доре. Временный росулъ рукIарал гIадамаз гIарз гьабулеб букIана кваназе квенги, тIад ретIине хинаб ретIелги гьечIого кIудияб къварилъиялда ругин жалилан. Республикаялъул тIалъиялъул рахъалдаса жидее бугеб къварилъиялда хадуб хал кколеб гьечIилан абулеб буго гьез ва гьез кумек гьарулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулеб ва гурхIел-рахIму цIобалъул кумек гьабулел жамгIиял гIуцIабаздаса. Амма Временный росулъе я журналистал, я ихтиярал цIунулел риччалел рукIинчIо.

XS
SM
MD
LG