МагъчIваялъе рес

ГIурусазулгун рагъ гьабичIого рорчIулароан кавказиял


25 ноябралда Дагъистаналъул ГIелмияб централда тIобитIана Россиялъулгун Кавказалъул рагъул хIасилал гьарураб халкъаздагьоркьосеб гIелмияб конференция. ГIурусазулгун рагъ гьабичIого рорчIиялъе нухал рукIанищ кавказиязулин абурабги цогидалги суалазул бицана гьениб. Жакъасеб Россиялда ругел цо-цо миллатчагIаз батIияб къимат кьолеб буго доб рагъулъ шагьидлъарал кавказиязе. Гьезие рекIее гъолеб гьечIо Чачанлъиялда ясазе лъураб монументги, Дагъистаналъул Гъуниб мухъалда гьеб рагъулъ бахIарчилъи бихьизабураб халкъалъе лъураб гамачIги. Гьединал лъазабиял гьаризе миллатчагIи риччаялъул гIайиб тарихчагIазулги бугин рикIкIунеб буго цо-цо гIалимзабаз.

Дагъистаналъул ГIелмияб Централда гьеб конференция тIобитIулеб буго Кавказалъул рагъ лъугIун 150 сон тIубаялда бан. Гьенир руго Россиялдасаги гьеб тун къватIисаги рачIарал гIалимзаби.

Гюлистаналъулин цIар тараб ракълилаб къотIи-къаялдаса хадуб Ираналъ Россиялъе кьурал ракьазда гъорлъ Дагъистанги букIана. Гьедин 1818 соналдаса нахъе тIокIалъ чIечIого байбихьана рагъал гьаризе – цин Дагъистаналда, хадуб Чачаналда.

ГIурусазулгун рагъ гьабичIого рорчIиялъе нухал рукIанин кавказиязулин абураб пикруги дандчIвала дагъистаниязда гьоркьоб. Гьез мисалалъе рачуна лъарагIлъиялда ругел ханзабаз гIурус пачаясулгун гьарурал ракълилал къотIи-къаял.

Амма букIинчIин рагъичIого чIун тIубалеб батIияб нухилан рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса тарихчи МухIамадханов МухIамадханица.

МухIамадханов МухIамадхан
МухIамадханов МухIамадхан

МухIамадханов МухIамадхан: «Масала, дуда тIаде аскар бачIун буго. Гьеб бакIалда кIиго батIияб рес буго – цояб: квералги эхеде рорхун, хъахIаб байрахъги борхун, ниж къунилан чIей. Цогидаб рахъ – жиндирго ватIанги, рукъ-бакIги кверщаликье биччачIого гьезда данде рагъи. Яги дур тушман духъе вачIунев вугони рекъел гьабилилан, гьебги цо жо буго. Амма рагъго рагъилан тIаде кIанцIараб мехалъ тIокIаб рес букIунароха рагъичIого».

ЭР: «Гьеб рагъуца магIарулазул гIемер чи гъураниланги абуларищха цо-цояз…»

МухIамадханов МухIамадхан: «Рагъ ккараб мехалда гIадамал гъуричIого хутIулищ? Рагъ буго авалалдасанго гьереси гьоркьоб бугеб, вахIшилъилъи гьоркьоб бугеб, рахIму гьечIеб жо. Гьединлъидал балагьал кканин, гIадамал гъуранин аби… ГIадамал хвейни гурхIулеб жо гьечIищха, амма гьеб рагъ букIана чара гьечIеб жо».

Амма доб мехалда гьададинаб къеркьей бихьизабичIебани, жакъа кинаб даражадай Дагъистаналъул букIинаанилан суал лъезе кколин рикIкIунеб буго тарихчи МухIамадхан МухIамадхановас. Гьебго заманалда Россиялъ хIалбихьиял гьарулел рукIун руго ракълилал къотIи-къаял гьаризеги. Гьелъие нугIлъи гьабулеб документ батун буго МухIамадхановасда Санкт-Петербургалъул Салтыков-Щедринил библиотекаялда.

МухIамадханов МухIамадхан: «Россиялъул пачаяс Кавказалда тарав вакил Воронцовасухъе генерал Аргутинскияс хъвалеб буго гьав Шамилилгун рекъел гьабунани, щибдай ккелаян. Бегьулеб жо бугин, амма магIарулаз абилинха нилъ жидекьа хIинкъун ругилан. ГIурус пачаяс гIуцIун букIана Кавказалъул комитет, кутакалда лъай бугел, Кавказ лъалел чагIиги гъорлъе рачун. Гьенибе кагъат хъван букIана Аргутинскияс Асланханиейищ, гьесул вацасул васасейищали Кюраялда, Лезгистаналда ругел росаби кверщаликье кьейин. Гьеб мехалда гьеб комитеталъул чагIаз гьесда абуна эркенлъи бокьулел кавказиязе «крепостное правоги» босунищин нилъ (Россия) рачIунел ругел, щибин нилъеца гьезие кьолеб бугеб?»

150 соналъ цебе лъугIараб рагъда шагьидлъарал дагъистаниязе бараб монумент буго Гъуниб мухъалъул СалтIа. Кавказалъул рагъулъ халкъалъ бихьизабураб гьунаралъе гIоло бараб монументин хъван буго гьелда. Амма кинаб гьунарин букIунеб гьеб, капурзабазулгун гьабулеб гъазаватищин гьунар абун хъвараб макъала букIана дагьаб цебегIан интернеталда, гIурусазул миллияб багъа-бачариялъул вакилалъ. Гьедин батани Басаевасеги гьесул рагъухъабазеги лъейинха монументал, гьелги рукIана гурищин капурзабазда данде рагъулелин хъвалеб бугоан гьелъ, авторалъе рекIее гIун гьечIоан Чачаналда Рамзан Къадировас рагъулъ хварал чачаназул ясазе монумент лъейги.

ГIурусазулгун букIараб Кавказалъул рагъул бициналде цебе цин гьелъул хIакъикъат лъазе кколин абулеб буго тарихалъул гIелмабазул доктор ПатIимат ТахIнаевалъ. Гьеб рагъулъ шагьидлъанила жидерго росу-ракьги, динги, хаслъиги цIунун рагъарал гIадамал.

ТахIнаева ПатIимат
ТахIнаева ПатIимат

ТахIнаева ПатIимат: «Гьединлъидал гьел ккола БахIарзал. Гьезие монументал лъейги ккола гIадатияб жо. Гьаб заманги доб заманги данде кквезе бегьуларо, доб мехалдаго гIадин рагъ унеб бакI цого букIаниги, гьеб рагъги диналъе гIоло гьабулеб батаниги. Щивас гьеб гьабула жинди-жиндир къагIидаялъ. Амма лъазе кколаха доб заман доб букIараблъиги, гьаб заман гьаб букIинги. Гьелдаго цадахъ абизе ккола динияб суал кутакалда политикаялде сверизабулеб бугин, гьедин цо-цояз гьеб жидеего пайдаялъе питнаялдеги миллатчилъиялдеги сверизабулеб бугиланги. Восе, мисалалъе, наиб ХIажимурад. Цоязе гьев БахIарчи вуго, цогидазе гьечIо. Гьединал жалазе къимат кьезе ккани, идеологиябги политикиябги - кIиябго - рахъ батIа тIезабун балагьизе ккола. Амма букIине кколедухъ гьеб цоцалъа бахъулел я тарихчагIи, яги политологал нилъерги гьечIо. Жалго жидедаго гъорлъ, гIисси-бикъинаб жоялде руссун рукIуна. Гьединал мукъсанал пикрабиги раккулароан тарихалъул рахъалъ щвалде щвараб, кинразего гIахьалаб тарихалъул рахъалъ цIалул тIехь нилъер букIарабаниги».

ПатIимат ТахIнаевалъ бицана Дагъистаналъул тарихалъул цIалул тIехь биччаялда тIад хIалтIулел ругин республикаялъул ГIелмияб Централъул гIалимзаби. Гьебги гьанжеялдаса 20 соналъ цебего гьабизе кколаанин, гуребани гьарулароанин гIурус миллатчагIаз церехун бицен гьабурал гIадал гьужумал.

XS
SM
MD
LG