МагъчIваялъе рес

Хабарал руго ишал гьечIо


Пачалихъияб хIалтIуда рос-лъадул цоял хIалтIулел гIолохъанал хъизабазе рукъзал кьеялда хурхараб Федералияб программа Дагъистаналда хIалтIизе байбихьун буго 2010 соналда. Гьеб программалъул гIурхъабалъ рукъзал кьун руго 644 хъизамалъе, амма кьезе хутIаразул къадар бахунеб буго анлъазаргоялде. Гьезие рукъзал щвеялдаги щаклъи буго гьеб программаялъе биччараб гIарац кибе арабали лъачIого лъугIун букIиналъ ва программа тIасияб соналда къазе букIиналъ.

Гьале, чанго сон балеб буго Избербаш шагьаралдаса МухIамадовазул хъизамалъ, федералияб гIолилазе рукъзалраялъул программаялда рекъон, щвезе кколеб рукъалъухъ балагьун чIун. Хъизан гьабурабго, жидее рукъ щвеялде букIараб анищги хIорлъун, гьел эбел-инсуда аскIор гIумру гьабун хутIун руго. Дагъистаналъул бетIерасул чIагояб эфир букIарабго гьенирецин кIалъанин жал, амма эфиралде суал биччачIилан баян гьабуна хъизамалъул бетIер Герман МухIамадовас. ТIоцебесеб болжалазда программа тIобитIулаго иргаялда чIаниги ирга цебего гьункьичIила, щайгурелъул Избербашалда гьеб программа гIумруялде бахъинчогон.

Герман МухIамадов:« 2008 соналъ ниж иргаялда хъвана рукъ щвеялъе. Гьеб заманаялъ, 2010 соналде щвезегIан букIана гIолилазе рукъзал щвеялъул программа. 2010 соналъ, гьеб программа цIигьабун хIалтIизе байбихидал, дунги хъизанги щвана Избербаш шагьаралъул рукъзал раялъул нухмалъиялде. Гьениб кида нижеде ирга щолебали цIех-рех гьабидал, гьений йикIарай хIалтIухъаналъ йиххараб ххвел гьабуна, ва гьеб программа букIин хабар бугиланги абун, гьединаб жо гьечIилан ниж къватIире регIана. Гьенисан вилълъун, юридикияб бутIаялда цIехедал, гьениб программаялда хурхарал кагътал кьуна дихъе. Гьелги росун нахъвуссун ана дун, гьей хIалтIухъан юцIухIун чIана».

Цин, бюджет гьечIилан, цинги базе ракь гьечIилан гIиллаби рачунел рукIанила тIалъиял. 20I2 соналъ, Избербашалда гIадамал къабул гьарулел рукIанила Азади Рагимовас, доб заманаялъ Юстициялъул министрлъун гьев вукIаго. Гьесухъе ун вуго МухIамадовги. Рагимовас къабул гьавун вуго гьев ва кIвараб жо гьабилилан рагIи кьун буго. Гьелдаса хадуб шагьаралъул рукъзал разе гIарац щун буго, амма кингоги программа гIумруялде бахъун гьечIо. Гьаб соналъул февралъ моцIалъ, Избербаш шагьаралда тIобитIун буго данделъи, гьеб программаялъул дирекцияги гIахьаллъун. Гьениб хIукму гьабун буго 5-6 хъизамалъе субсидиял кьезе, амма гьелдаса нахъе лъагIел данде сверулеб бугониги щибго хисичIилан абулеб буго МухIамадовас.

Дагъистаналда федералияб программаялда рекъон рукъзал щвезе иргаялда хъван руго 6000ялдаса цIикIкIун гIолохъанал хъизамал.Гьезул бащалъи кколеб буго гIицIго МахIачхъала шагьаралда. Амма МахIачхъалаялда программа тIобитIулеб гьечIо, шагьаралъул генералияб план гьечIолъиялда бан.

ГIолилазе рукъзал кьеялъул программабазул дирекция жиндир заманаялъ ГIолилазул ишазул коммитеталда гъорлъе унаан. Жакъа рехсарал программабазул дирекция унеб буго БакIал раялъул министерлъиялда гъорлъе. Дирекциялъул хIалтIухъабазул баянал щвечIо, амма офицалиял баяназда рекъон, жакъа къоялде программаялда рекъон рукъ щун буго гIицIго 644 хъизамалъе. Программа гIумруялде бахъинабизе биччаран буго кинабниги 2 млрд 348 миллион гъурщидаса цIикIкIун гIарац. Программаялъул болжалги руго 2015-абилеб соналде щвезегIан.

Гьеб программа гIумриялде бахъинабиялъул къисматги гьанже лъагIан рукIал федералиял программабазул гIадабго ккезе рес бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Маирбек Агъаевас. Гьединго гьес бицана редакциялде , гьеб суалалда тIасан гIемерал гIадамал рачIунилан гIарзалгун ва гIемерал кахталги рачIунин.

Россиялъул батIи-батIиял регионазда гьеб программа гIумруялде бахъинабизе гIолилазе хас гьабун гIемертIалаял минаби ралел гьечIо. Масала, Ижевск шагьаралда гIолохъанал хъизамазе кьолеб буго сертификат ва гьелда рекъон гьез босулеб буго рукъ, бокьараб цияб бараб гIемертIалаяб минаялда жаниб. Гьебго Избербаш шагьаралда, МахIачхъалаялда ва цогидал шагьаразда руго гIемер цIиял ралел гIемертIалаял минаби, гьебго заманаялъ, программаялде рекъон, гIолилазе минаби разе ракь батулеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG