МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул экс-мэр партиялдаса махIрум гьавуна


МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амиров «Цогояб Россия» партиялъул кьеразулъа нахъе рехизе хIукму гьабуна гьеб партиялъул Дагъистаналда бугеб гIуцIиялъ. Цереккун гьеб партиялда махIрум гьарун рукIана Амировасул гIагарай гIадан Перзият БахIандоваги, Унсоколо мухъалъул мажлисалъул депутат МухIамадгIалиев МухIамадхIабибги. Щай Амиров гьанже гурони партиялдаса рехичIев?

МахIачхъалаялъул вукIарав нухмалъулев СагIид Амиров «Единая Россия» партиялдаса ватIа гьавиялъе гIилла баян гьабулаго гьеб партиялъул вакилзабаз абуна диваналъ гьев гIайибияв вукIин тасдикъ гьави.

Амма Саид Амировасе туснахъалъул анцIго сон кьуралдаса чанго моцI аниги, щай гьев гIицIго гьанже гурони партиялдаса рехизе хIукму гьабичIеб абураб суал бачIунеб буго. 2013 соналъул тIоцебесеб июналда туснахъ гьавурав МахIачхъалаялъул мэрасе хIукму къотIана исана июль моцIалда

Гьев туснахъ гьавун гIемер заман балелдего гьебго партиялдаса ятIа гьаюна Амировасул гIагарай чIужу Перзият БахIандоваги.

Амировасе диван риидал гьабун букIаниги гьев гьанже гурони «Цогояб Россия» партиялдаса рехичIолъиялъе гIилла букIине бегьулин диваналъул апелляциялъул хIасил ккун хадуб гьединаб хIукму гьабизе тун букIинилн рикIкIунеб буго Маркъо ШагIбановас.

Гьев ккола «МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъул» нухмалъулев. Щайгурелъул лъалеб букIахъе диваналъ гьабураб хIукмуялда рази гьечIого Амировасул адвокатаз гIарза хъван букIана Россиялхул ТIадегIанаб диваналде.

Гьеб гуребги щибаб къоялъги «Единая Россия» партиялъ данделъаби тIоритIуларелъул иргадулаб данделъи тIобитIизегIан тун букIун батулин гьез Амиров партиялда нахъе рехизе.

Маркъо ШагIбанов: «ТIадежоялъе гьесул гIагарай гIадан Перзият БахIандоваги рехун йикIана гьеб партиялдаса, руго гьениса нахъе рехарал цогидалги хIакимзабиги. Дир хIисабалда гьениб щибниги политикаяб хIай бихьулеб гьечIо».

Гьанибго бицине бегьула Унсоколо мухъалъул райсобраниялъул вукIарав депутат МухIамадгIалиев МухIамадги махIрум гьавун вукIана «Цогояб Россия» партиялдаса. 2013 соналъул марталда МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Семендер абураб росулъ хасаб оерация тIобитIулаго гьесул рокъов вахучун ватанин абулеб букIана Унсоколо мухъалда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул цевехъан Ибрагьим ХIажидадаев.

СагIид Амиров туснахъалдайищ телев, яги эркенищ гьавилевали хIукму гьабизе буго инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ гIуцIараб Европаялъул Диваналъ. Гьесда хурхун хъвараб гIарзаялъул хал гьабизе буго 27 ноябралда.

Гьедин лъазабулеб буго гьесул адвокатаз. Европаялъул Диваналде битIараб гIарзаялъул хал гьабизе гIезегIан мехалъ балагьун чIезе кколин абулеб буго гьез, амма гьаб нухалда хеккого бачIанила жаваб.

2013 соналъул риидал низам цIунулез ккун вачун аралдаса нахъе Амировасул адвокатазги, гIагарлъиялъги, гьесул рахъкколезги ахIи балеб буго гьев чи къватIиве виччазе кколин, гьесда гIайибги гьечIилан. ТIоцебесеб иргаялда, гьев кколила живго жинцаго тIуван бажаруларев сакъатав чи. БатIи-батIиял хъулухъазда вугеб мехалда СагIид Амиров чIвазе къасд гьабун букIана.

Гьедин цо нухалда мугъзалъ щун речIчIараб жогун, гьесул бохдул ккуна. Гьелда тIадеги диабетги, мукъуралъул унтиги, цогидал гIузрабиги ругин Амировасулин абула тохтурзабаз.

Нагагьлъун Европаялъул Диваналъ СагIид Амиров ритIухъ гьавунигицин, Россиялъ жиндирго хIукму букIахъе толин абураб пикру загьир гьабуна ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гIемерисез.

Цин бугони, жамгIияталъе кутакалда асар гьабурал цогидал хIужабазда хурхарал хIукмабигицин рукIахъего танила Россиялъ. КIиабизе бугони, СагIид Амиров вугин политикияб къасдалъ туснахъ гьавурав чи. Масала, Россиялъул тIадчагIазе бокьун букIинчIебани, кигIан кIудиялги такъсирал гьаруниги эркенлъуда толаанила гьез гьев.

XS
SM
MD
LG