МагъчIваялъе рес

4 ноябрь машгьурлъулеб гьечIо Дагъистаналда


Мах 14Nov2014
Мах 14Nov2014

4 ноябралда Россиялдаго гIадин Дагъистаналдаги кIодо гьабулеб букIана Халкъазул цолъиялъул къо. «Левада-Централъ» кьурал баяназда рекъон, Россиялъул халкъалъул бащадаз гьеб рикIкIунеб буго миллатчагIазул байрамлъун. Кинаб бугеб гьеб байрамалда тIасан дагъистаниязул пикру?

Цебе букIараб КIудияб октябралъул байрам, 7 ноябрьги хвезабун «Халкъазул цолъиялъул къо» абун 4 ноябрь санайил кIодо гьабулелдаса исана ичIабго сон буго. Гьелда бан ункъо къо хIухьбахъизеги кьуна исана пачалихъиял хъулухъчагIазе. Амма гIодоркъоял щун рукIиналдаса рази рукIин гурони, жибго байрамкъоялдаса бугеб рохел яги батIияб асар халллъичIин абизе бегьула гIадамазда жаниб.

Россиялда киса-кибего гIадин гьеб къо кIодо гьабулеб буго Дагъистаналдаги. Радал сагIат анцIгоялда «Дом Дружбы» абураб минаялда ракIарун рукIана республикаялъул нухмалъиги, творческияб интеллегенциялъул вакилзабиги. Къасиялде байбихьизе бугеб кечI-бакъаналъул церерахъиналде хIадурлъи гьабулеб буго тахшагьаралъул аслияб майданалдаги. Амма жалго гIадамал жиде-жидер ишалде руссун рукIанин абизе бегьула.

«Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех тIобитIана гIадатиял дагъистаниязда гьоркьоб гьеб байрамалъул хIакъалъулъ кинаб пикру гьезул бугебали лъазе. БачIинахъего абун тела гIолилазда гьеб байрамалъул щибниги лъалеб гьечIо:

-Дица киданиги миллат гьабичIо гьеб байрамалъул, гьаже ине вуго дун майданалде, гьениб цIехон лъазабила щиб байрам гьебали

-Дидани гIемер жо лъала гьеб байрамалхул хIакъалъулъ, амма цогидазда лъалеб гьечIоха. Щай гьеб лъалеб гьечIебан гьикъани газетазда ва журналазда гьелъул хIакъалъулъ дагьаб бицунеб буго, гIун бачIунеб гIелалда бицине ккелаха гьелъул хIакъалъулъ школазда, гурони гьезда тарих хашго гурони лъалеб гьечIо

-Жакъа халкъазул цолъиялъул къо букIин гIемерисезда лъалеб гьечIо, хасго гIолохъабазда. Гьезие сундулниги интерес бихьулеб гьечIо дида. Щибкъойин гьеб, халкъазул цолъи абураб жоялъул магIна щибилан гьикъула гьез, дица бичIчIизабула, анкьабилеб ноябралъул бакIалда кIодо гьабулеб къо бугин гьебилан. Доб байрам Советияб заманалда цIакъ машгьураб букIана. КIудияб Октябралъул инкъилабалъул къо, гьеб киназулго бидулъ букIанин абизе бегьула. Жакъа абуни чIахIиял чагIаздацин лъалеб гьечIо Халкъазул цолъиялъул байрамалъул магIна.

Дагъистаналда цохIо 4 ноябрь гуребги цогидаб байрамалги гIадамаз ракI-ракI ракIалъ кIодо гьарулел гьечIилан бицана «Эркенлъиялъе» ХIабиб Давудовас. Гьев ккола «Халкъалъул пикру» абураб гьикъа-бакъиялъулаб фондалъул нухмалъулев.

ХIабиб Давудов: «Жакъа халкъалъулги хIукуматалъулги пикру хисун буго. ХIакимзабазеги байрамазул кIвар гьечIо, рачIаниги гьел гьенире рачIуна республикаялъул нухмалъулев вачIиндал гьесие гIоло. Гьелде тIадеги гьанже цо диналда жанир цIакъго зани бегизабизе лъугьарал гIдамалги цIикIкIунел руго. ГIурусазул байрамал нилъее хIажат гьечIилан ахIи бахъинабулеб буго гьез. Жакъа халкъалда гьоркьор машгьурал руго КIалбиччанкъоялъул ва Къурбанкъоялъул байрамал».

Гьеб фондалъ хас гьабун 4 ноябрь Дагъистаналда чан чияс кIодо гьабулебали цIех-рех тIобитIун гьечIо, амма гьеб гьабичIониги абизе бегьулин гьеб къо кIодо гьабулел гIадамал Дагъистаналда цIакъго дагьал ругеблъиян абулеб буго ХIабиб Давудовас. Амма гьал къоязда «Россия» телеканалалда бицунеб букIана 4 ноябрь байрамкъо хIисабалда кIодо гьабизе хIажат гьечIилан абулеб букIун батани гIадамаз цебе, соналдаса соналде гьединазул къадар дагьлъулеб бугин улкаялда.

XS
SM
MD
LG