МагъчIваялъе рес

Депутатаз нахъчIвана ГIабдулатIиповасул къануналъул проект


30 октябралда тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялда республикаялъул прокурор Шанавазовас нахъчIвана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас депутатаз цебе лъураб къануналъул проект.

ГIадлу-низам цIуниялъулъ халкъиял дружинникал гIахьаллъизе кколин абураб проект ккола гьеб.

Прокурорас рикIкIана гьеб суал низам цIунулезулгун дандбазе кколилан.

Шанавазов: «ЖамгIияб парахалъи кин цIунизе кколебали бичIчIулебгицин гьечIо гьаб къануналъул проекталдаса – лъица щиб гьабизе кколеб, лъица щив цIунизе кколев? Гьеб рахъалъ федералиябги республикаялъулги даражаялъул къанунал хIисабалде росун рукIине ккелароанищ?».

Хадуб сессиялда депутатаз хIисаб кьуна республикаялда дандчIвалел суалазул. Гьедин «Патриоты России» абураб партиялъул вакил Эдуард Хидировас бицана бечедал чагIаз, хас гьабун депутатаз кьолареб магъалоялъул.

ГIемерисел ругила бензин тIолел станциязул бетIергьабиги, гьезул ругила чIахIи-чIахIиял минабиги, машинабиги. Гьеб киналдаго тIасан кьезе кколеб магъало лъагIалица данде гьабуни, республикаялда цо-цо школа, цо-цо лъималазул ах базе бегьулин абуна гьес. Гьеб мехалда залалда депутатазул гаргар гIемерлъана. Амма чIванкъотIун гьелда тIасан кIалъалев чи вахъинчIо.

Республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги тасдикъ гьабуна гьеб масъала. Жинца цо хасал чагIи тIамун рукIанила халкквезе бензин тIолеб станциялде къойида жаниб кигIан машина бачIунебали. ХIакъикъаталда гьенибе бачIунеб батанила 400 машина, амма дол станциязул бетIергьабаз абуни документазда бихьизабулеб бугила гIицIго 40 машина гурони бачIунарилан.

«Справедливая Россия» партиялъул вакил Камил Давдиевас абуна МахIачхъалаялда транспорталъулъ гIадлу гьабизе кколилан. ГIадамал кIиго нухалда цIикIкIун руго, гьедин транспортги гIемерлъун буго. Амма нухал къварилъун руго.

Гьелъие гIоло базаралги, ригьназул хъвай-хъвагIай гьабулеб идараги, транспорт цIикIкIун бакIарулел цойгидал жалги шагьар тун къватIире рахъизе кколин абуна Давдиевас.

Гьелда тIасан республикаялъул нухмалъулес абуна нухазда гIадлу хвезабиялъул рахъалъ дагъистаниял Россиялда бищун цебесеб кьерда бугила. Жинди-жиндир росулъ нилъеца гьабуларо гурищдила гIадлуялдаса арал жал, щайила къватIир нилъ хIаталдаса ун рукIине кколел?

«ЕР» партиялъ кIвар буссинабуна Дагъистаналда халгьабулел гIуцIаби гIемер рукIиналде. Амма гьезда рекъараб хIасил гьез кьолеб гьечIила - 94 проценталъ гьезул хIалтIуца пайда кьолеб гьечIила. Дагъистаналда гьединаб идара федералияб даражаялъул 45 буго, республикаялъул даражаялъул – 28.

Дагъистаналда чIварал диниял церехъаби тIадегIанал шапакъатазе рихьизаризе кколинги рикIкIунеб бугоан депутатаз. Гьелъул рахъккуна республикаялъул нухмалъулесги. Диналъул бицунаго гьес абуна Дагъистаналда вугила гIолилазул 200 волонтер, Шамалда рагъулел гIолохъанал дагъистаниязул къадарин абуни 400 бугила.

«ЕРалъул» депутат Жамал ГIумаровас борхана гендерил тоннель рагьизе ккеялъул суал.

Жамал ГIумаров: «Гьаб буго хаслихъе хIалухъен бакIарулеб заман. Гьедин мугIрузул мухъазда ругел гIадамазе кутакалда тату бахъи буго тоннельги къан, нухги халалъун. Халатаб нухалъ ун заман хвейго гIадин, цIатариги цIикIкIун бухIулеб буго гьезул транспорталъ.

Лъала гьеб тоннель гIадада къан гьечIолъиги, гIадамазул парахалъи цIуниялъул мурад гьениб букIинги. Амма кин букIаниги, нижеца низам цIунулезда гьарулеб буго къад заманалдагIаги тоннель рагьулеб къагIида ургъизе ресал ратеян».

Гьеб мехалда Рамазан ГIабдулатIиповас абуна цин живги вукIанин гьеб рагьизе кколилан, амма гьениб бугеб унго-унгояб ахIвал-хIал кинаб бугебали низам цIунулез бициндал, жинца гьезда абунила нужерго иш рагIалде бахъинабеян.

Гьениб бахча-хьвараб ярагъги цогидабги къватIибе хачазе тIубарал экскаваторалги кьолел ругила жидеца гьел низам цIунулезе кумекалъе.

Хадуб Шабанов МухIамадица («Правое дело» партиялъулги Гъизилюрт мухъалъулги нухмалъулев) байбихьана журналистазде гьужумал гьаризе. Хасго «Черновик» газеталде. Журналистазда бихьулеб гьечIила ахираб заманалда республикаялда лъикIал хиса-басиял кколел рукIин.

Гьез рахъкколеб бугила пачалихъияб гIуцIи биххизабизе къачIалел къуватазул. Хас гьабун Шабанов рази гьечIоан дагьалъ Кироваулалда тIобитIараб хасаб операциялъул хIакъалъулъ «Черновикалъ» хъвараб макъалаялдаса.

Гьелда бан Рамазан ГIабдулатIиповасги тIаде жубана жиндие бокьулила анализги гьабун, хасго жиндие критикаги гьабун хъварал макъалаби. Амма гьечIе-гьечIел жал хъвалел ругила журналистаз.

Масала, республикаялъул нухмалъиялде вачIаралдаса жив 13 нухалъ ун вугин живго бетIергьанаб аэропланалда къватIир улкабазде тира-сверизеян хъвалеб бугила.

ХIакъикъаталдайин абуни цо нухалда Туркиялде анила жив, гьебги Москваялдаса гьудулзабаз вачун.

XS
SM
MD
LG