МагъчIваялъе рес

Наркотиказда данде къеркьолел хIалтIухъаби ккун руго


Ширинбек Шихабидов: "Гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъинал хасиятал гьечIо нижер идараялъе".
Ширинбек Шихабидов: "Гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъинал хасиятал гьечIо нижер идараялъе".

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ гIайиб гIунтIизабулеб буго наркотиказда данде къеркьолеб идараялъул хIалтIухъабазде. Гьез чиясе зулму гьабун, наркотикал гьесухъе рехун рукIиналда хурхун. ХIакъикъаталда, наркотикал рехулин низам цIунулез кквезе къваригIаразде гIайиб гIунтIизабизейилан рикIкIунеб буго адвокатаз.

Наркотиказда данде къеркьолеб идараялъул хIалтIухъабазда хурхун иш байбихьун буго цIех-рехалъул идараялъ. Наркотиказда данде къеркьолеб идараялъул 3 хIалтIухъабазда гIайиб гIунтIизабулеб буго жидер хIалтIул ресаздаса пайда босун чиясда хIал-зулму гьабиялда ва хIалтIул хIасилал гьересиял ратиялда хурхун.

2014 соналъул июнь моцIалъ гIайиб гIунтIизабулез МахIачхъалаялда хал гьабизе чIезабун буго машина. Гьеб машинаялъул бетIергьан вукIун вуго цебе наркотикал сабаблъун туснахъ гьавурав чи. Гьесул машинаялда жаниб чIухь бан буго. Амма гьесухъ щибго гьукъараб жо бтун гьечIо.

Нароктиказда хадуб халкколеб идараялъул хIалтIухъабаз гьев жидерго машинаялда жанив къазавун «Анжи-Арена» бугеб бакIалде вачун вуго. Гьениб гьесие зулму гьабун буго ва гьесул чвантинибе рехун буго марихуанаялъул къвачIа ва щунусго гъурщил кагъат.

Гьелдаса хадуб гIайиб гIунтIизабулез телефоналда бахъун буго гьес наркотикал хIалтIухъабазе бичулеб ххвел гьабун. Киналдаго тIасан жидеца хасаб тадбир тIобитIиялъул ва гьелъул хIасилазул кагътал хIадурун руго. Гьедин лъазабулеб буго ЦIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалъ.

Гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъин хасиятаб гурин Наркотиказда данде къеркьолеб идараялъул хIалтIухъабазейин баян гьабуна гьеб идараялъул пресс-хъулухъалъул вакил, Ширинбек Шихабидовас «Эркенлъи» радиоялъе.

Ширинбек Шихабидов: «Гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъинал хасиятал гьечIо нижер идараялъе. ГIицIго 7 соналъ цебе ккун букIана цо гьединабго лъугьа-бахъин. Нижер нухмалъулес гьединал чагIи танкан хIалтIудаса нахъе рехула. ЦIакъ согIго гьабула хIад\лтIи гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъинал рукIинчIого рукIине хIалтIухъабигун»

Амма гьеб тайпаялъул ишал, низамцIунулез наркотикал рехун гIадамал кколел, гIемер рукIурин, амма гьеб гьезухъе рехун букIин чIезабун бажаруларин. Щайгурелъул, цебеккун дандбан. НизамцIунулезгун. ККвезе къваригIарав чиясухъе рехулин гьебин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе адвокат Исрафил Гададовас.

Исрафил Гададов: «ГIемерисеб мехалъ наркотикал рехула, буюрухъалда рекъон. Ахирал соназ наркотикал рехула салафиязухъе яги гьезул изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун бухьен букIиналда щаклъи бугезухъе. Гьелдаса хадуб, гьез хIал гьабун показаниял тIалаб гьабула, гьесухъ букIанин гьеб наркотикилан абун. ГIемерисеб, гьеб рокъоб рехула гьез чIухь балеб мехалъ. Рехараб букIин чIезебизеги кинго бажаруларо».

«Кавказ» абураб адвокатазул коллегиялъул хIалтIухъанас баян гьабуна, гьел къояз жиндихъе бачIанин лъазаби. 2,5 грамм гашишалъулкодоб батун ккун вуго чи. Амма гьесухъе щведал, гьев вухун вугоан, гьесул баяназда рекъон, гьесухъе рехун буго гьеб гашиш. Ахирал соназ салафиял кквезе аслияб куцалъ гьез наркотикал рехулин чIухь балеб мехалъ рокъобейилан баян гьабулеб буго ихтиярал цIунулез.

Амма наркотиказда данде къеркьолеб идаралъе хIакъаб хIалтIи гьабизе гIемер ресал ругин , гьеб лъугьа-бахъиналъул цIех-рех рагIалде щолеб бугин ва гьел хIалтIухъабазда хурхун иш рагьиялъе гIиллабиги батIиял рукIун ратизеги рес бугин рикIкIунеб буго гьеб идараялда гIемер соназ хIалтIарав Юсупов АхIмадица.

ЦIех-рехалъул коммитеталъул баяназда рекъон. Наркотикал ратун ккурал чагIазул къадар, гьоркьохъеб куцалъ 400 чиясде бахунеб буго.

XS
SM
MD
LG