МагъчIваялъе рес

Къородисезе рецIалил гIарац тIубан кьун гьечIо


ГьоцIалъ ГЭС балаго лъеда гъоркье арал ракьазухъ гIарац кьолеб гьечIин жидеейилан гIарз буго Къорода росдал жамагIаталъул. РецIалил гIарцуда гьоркьоса цо бутIа кьун буго гьезие, амма хадуб баянлъун буго гьеб гIарац кьолаго нусиялда хадув чи гьоркьов тун вукIин.

Гъуниб мухъалъул Къорода росдал жамагIаталъул кIудияб ракьул бутIа ана ГьоцIалъ балеб ГЭСалда гъоркье. Гьелъухъ рецIалил гIарац кьун букIана гьезие гъркьисала, щивав чиясе 6 500 гъурущ.

Амма хадуб баянлъун буго гьеб гIарац киналго гIадамазе щун гьечIеблъи, гьединазул гьабсагIат рагIула нусиялда хадув чи. Гьеб гIарац щвечIолъиялъул гIайибги гьез гIунтIизабулеб буго росдал шураялъул нухмалъулев АхIмадов МухIамдкамилитIе.

Гьеб гIарац араб соналъул ахиралдаго кьун гIадамазухъ букIине кколанин амма 2014 сон щванин,гьесда абуни гьеб иш рагIалде бахъинабизе ракIалдацин гьечIилан хъвалеб буго гьез Гъуниб мухъалъул нухмалъулев МухIамадов Пахрудинихъе хъвараб кагътида.

ГIалиев ГIабдулалмухIамад: Гьев (росдал нухмалъулев) нижедаса вахчаризе лъугьана. Нижеца гьелъие бугеб гIилла лъазе цIех-рех гьабидал лъана нижеда гьеб. Нижее кьолеб рецIалил гIарцул кагътида бихьизабураб 157 миллион гуреб 400 миллион гъурущ рагIула кьезе. Гьеб баян дие кьуна цIакъ мухIканав чияс.

Гьеб гIарац щвечIониги кIваричIоан доб 157 миллион кьуниги гIелаан. Дида кколеб буго 400 миллионалда сверухъ цо рекIкIаб иш бугилан. Гьелъ цо кIудияб ахIи-хIур бахъине бокьун букIинчIо. Амма ахIи-хIур бахъинчIого хутIилин кколаро.

Гьев гьединав чи вукIинчIо цеве, божилъи бугев чи вукIиналъ вищунги вукIана росдал нухмалъулевлъун, амма гьанже хисун вугоха».

Гьадин бицана «Эркенлъи» радиоялъе кагътида гъоркь гъулбасаразул цояв, росдал депутат ГIалиев ГIабдулалмухIамадица. Ама гьезул кагътие жаваб гьабун гьечIо Гъуниб мухъалъул бетIер Пахрудинов МухIамадица.

Чанго нухалъ хIалбихьаниги гьесухъе тIаде ине нухги щун рагIуларо гьезие. ЦIияб соналда лъагIан жидее гьеб гIарц кьун бахъинчIони цо жо ургъизе кколин абулеб буго ГIабдулла МухIамадица.

ГIалиев ГIабдулалмухIамад: «ГьоцIдерил ва магIладерил жамагIаталъе кIиабилеб ва хIатта лъабабилеб траншалъухъги гIарац щун бугеб мехалъ нижее тIоцебеселъухъцин гIарац рагIа-ракьанде щун кьун гьечIеб мехалъ руго ниж ракIунтун, гьадигIанго малъкъосараб хIалалда щай аб иш бугебилан. Гьебги цогидабги дандбазе сон данделъиялде ахIидалги вачIинчIо гьев МухIамадкамил.

Нусиялда хадув чиясе кьезе кколеб гIарцул 870 азарго гъурущ буго хутIун гьеб киналъулго документалги гьарун гьесхъе кьун гьесул хIалтIул рокъоб сейфалда жанир рагIула гьел гьабсагIатги, гьевин абуни вахчарилев вуго.

ТIоцебсеб транш кьечIого кIиабилеб кьоларилан абун буго нижеда ГЭСалъул нухмалъиялъ. ЦIияб соналде гьеб гIарац кьун бахъинчIони цо кIудияб рекъечIеб иш ккеялда хIинкъи буго».

ЦохIо гьаб гуребги росдал нухмалъулев хIисабалда гьес жиндаго тIадал ишал тIуралел гьечIолъиялда тIасан жеги чанги гIайиб чIвалеб буго жамагIаталъ Къорода росдал бегавул ГIалиев МухIамадкамилитIе.

Гьелда гьоркьор руго хъизан гьабурал гIолохъанал хъизамазе ракьал кьолел гьечIолъиги, жамагIаталъул харибакIалда гьес жиндирго гIагарлъиялъул гIадамазул боцIи хьихьулеб букIин, росулъе лъим бахъиялъул суал рагIаед бахъинабулеб гьечIолъиги.

Гьедин иш унеб бугони киназулго хIукмуялда рекъон гьев хъулухъалдаса нахъе гьавиялде бачIунеб буго иш.

XS
SM
MD
LG