МагъчIваялъе рес

ГIиял вехь педофил ватиялде щаклъи буго


28 октябралда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналда хал гьабуна Хасавюрталдаса ХIусен СултанахIмадовасда хурхараб ишалъул. Хадубккунги гьев туснахъалдайищ телев, ялъуни къватIивейищ виччалевали бицана гьениб. СултанахIмадов жанив тIамун вуго лъагIелги ункъго моцIалъги. Гьес щуго сон барай яс инжит гьайиялда щаклъи ккун буго низам цIунулезул.

Гьединаб щаклъи кIицIулго ккун букIун буго гьесде. Гьеб кIиябго нухалда гьоркьоб ун буго анцIго къо.

Гьелда бан цIех-рех жеги рагIалде щун гьечIо.

ПалхIасил, цин СултанахIмадовазул цинагIаласул йикIарай гIадан ячIун йиго ХIусен СултанахIмадов жиндир ясалъул ясалда хъван вугилан. Гьелъул хIакъалъулъ бицине гьей ясалъул кIудияй эбел ячIун йиго ХIусенил рокъое.

Гьев гIияда ватун, долъ гьеб гьесул лъади Аминатида бицун буго. Гьелда цадахъ йикIун йиго гьей яс. Анлъго сон барай яс кколей йиго гьей.

Аминат: «Жакъайила жинда гьайги ХIусенги квералги ккун гьор бугеб рахъалдехун унел рихьанила. Ал кирдай абун ялагьун чIанила жий. Гьеб мехалда гIемер заманго иналде нахъруссун рачIанила. Цинги гъов анила цо рахъалде.

Дагьалъ чIун ясалъ гьикъанила «бабушка, это что означает?» абун (кIигъуждулги рихьизарун). Гьелъул магIна щибин абуна дица гьелда, дида бичIчIуларин гьеб. Бице, дир яс, дуе ХIусеница щиб гьабурабалиян гьикъана гьелъ ясалда.

Щибниги гьабичIин гIодизе лъугьана яс. Гьалейин, дукьа хIинкъанин гьайин абуна дой гIаданалъ дида. Валлагь, хIинкъизе ккани, дица гьелъие гьабураб жо гьечIилан абуна дицаги. Жинцадила гьадав ХIусен, дуда цIарги тIамун гьедизавизе вугилан яхъана гъой гIадан.

Гьеб мехалда ХIусен рокъове вачIингун, я гъарин, ХIусен, гьагъай чIужуялъ бицунеб жо щибин цIехана дица гьесда. Цо къоялъ дой яс екерун ячIанин данде, жиндир къурщал рихьизе вилълъайилан. Рилълъайинхаян абунила жинцаги.

Гьедин гьоралда нахъе ун руго гьел. Лъабго жо бугоанила доба. ГIанкI, гургур… Цинги гьелъ рихьизарунила гьал жиндир, гьагъал эбелалъул, дол цоял кIудияй эбелалъул абун.

«Молодец» илан асги абун буго. Нахъисеб къоялъ гIияда вугев ХIусенида аскIоеги ячIун, гIадамазда цебе гьесие бадирчIваял гьаризе лъугьун йиго гьей дуца жидер ясалъе гьабураб жо щибилан.

Мун щиб бицуней гIаданин, гьединаб жо гьабизе кканани, живго жинцаго гIощтIоца къотIуларевищилан данде къотIун буго гьесги».

Амма гьелдаса хадубги полицияги бачIун, ХIусен СултанхIмадов вачун ун вуго. Гьеб мехалда полициялда гьев гьедизавун вуго Къуръаналда тIад кверги лъун. Жинца дой яс гьерсал рицине тIамичIилан гьедизаюн йиго дой ясалъул кIудияй эбелги. Цинги гьелдалъун лъугIун буго ишги.

Ун буго анцIго къо. Цо къоялъ СултанахIмадовазул рагьтIе рачIун руго мугъзада нахъа тунчулги рарал гIолохъаби. ГIияда вугин жаваб кьун буго лъади Аминатица.

Гьелда ккун буго гьел ратилин гIиял гьан босизе къваригIарал чагIи ратилин, щайин абуни гьедин рачIунаанила батIи-батIиял чагIи – тунчул раралги рачIелги.

ПалхIасил, хадурги ун, гIиядаса полициялде вачун ун вуго гьез ХIусен. Гьеб нухалда гьесда тIасан гIарза хъван батун буго гьезул къотIноса дагьалъ тIадегIан йигей гIаданалъ.

Росги гьечIого лъабго лъимерги хьихьарай гIадан йиго гьей. ХIусен СултанахIмадов гIиги бачун гьезул кIалтIасан унев вукIун вуго щибаб къоялъ.

Аминат: «Гьей ясалъул эбелалъ гIарза хъван рагIула пуланав чи вачIун вихьанин жинда ясалда аскIове. Ясалъ абунин гьев вукIанин хъалиянги цIалев, кIаркьабиги багIарав, багIараб капюшонги ретIарав чи. Гьелдаса нахъе гьей эбел йикIун йиго гьединав чи валагьулей.

Дир бетIергьанчи къода жанив ункъо нухалъ уна гьезул кIалтIасан, гьев унеб нух тIокIаб гьечIеб гьесие. ГIиги кваназе биччан, гьезул мина бугеб бакIалъа гIебеде гIодов чIун вукIуна гьев.

Гьедин цо къоялъ жиндир ясалда аскIов гIодов чIун вихьанин гьевилан абулеб буго гьелъул эбелалъ. Гьебги гьев живго гурев, гьесул чакмаби рихьанила. Чакмаби рукIинецин рукIинчIо гьесда тIад, туфлаби гурони».

Аминатил пикруялда рекъон, гьелъул росасда гIайиб гьечIо. Гьеб буго гIи-боцIи букIиналъ гьезухъа жо бахъизелъун ургъараб гьереси. ТIадежоялъе жиндир гIезегIан мал-мулк бугилан пударизе бокьулев чи вугила жиндир бетIергьанчи.

Гьединго гьезул адвокат Сапият МухIамадовалъги бицана ясалъул эбелалъ бицараб жо гурони, чIванкъотIарал хIужаби, далилал гьечIин гьенирилан.

XS
SM
MD
LG