МагъчIваялъе рес

Ulicza-ялдасанги ун ploshad’-алде кин ваккилев?


Ахираб заманаялда Москваялъул цо-цо къватIазда чIван руго гьезул цIарал кириллицалдаги латинницалдаги хъварал хъарщал. Навигациялъул цогояб система гIуцIиялъул мурадалда гьединан кIиго къагIидаялъ хъвазе ккезе руго киналго къватIазул цIарал 2018 сон щвелалде. Гьеб хIалтIи байбихьун бугин лъазабун букIана исана апрель моцIалда. Абулеб букIана къватIазул цIарал гIурус ва ингилис мацIазда хъван рукIине ругин. Амма щибха ккараб хIакъикъаталда?

Гьанже Москваялде рачIарал туристаз гьикъизе рес буго «Моксовая» къватI яги «Ксоксоловская плошгьад» киб бугебин. Щай? Щагурелъул «Моховая» къватIалде яги «Хохловская площадалде» цIарал ингилис мацIалда хъвалеб мехалда гьениб букIине кколеб «h» хIарпалъул бакIалда кириллицаялъул «х» хIарп бугехъин тун букIун. ГIурус мацI лъаларев яги кириллицаялда цIалуларев чиясе гьеб буго «кс» гьаракь.

Гьединго кин цIалилебали бичIчIиларедухъ хъван буго «Myasniczkaya ulicza»-ялде цIарги. ГIурус мацIалъул «ц» гьаракь гьениб кьун буго латиницаялъул «с» ва «z» хIарпаздалъун. Цо-цо мацIазда, масала чех мацIалда, гьел хIарпаз цадахъ «ч» гьаракь бихьизабула.

Гьедин туристазе бигьалъи гьабулайинги абун гьезие тIадеги захIмалъаби гьарун руго, щайгурелъул гьез гьикъулеб-мекъса цIар хъвараб ва мекъса гьеб цIалараб къватI- бакIалъул гIадамазда гьезда бихьизабизе кIвезе гьечIого.

Хlарпазде балагьун кириллицаялдаса гьеб транслитерация гьабун буго ГОСТ 7.79-2000 стандарталда рекъон. Гьеб буго аслияб къагIидаялда программирование гьабулаго хIалтIизабулеб къагIида, гIадамалин абуни ругьунлъун руго халкъаздагьоркьосеб ингилис мацIалда цIализе. Гьеб кIиабилеб къагIида хIалтIизабула къватIисел пачалихъазде ине рес кьолеб паспорт цIезабулаго. Масала, «х» хIарп гьениб хъвала «kh» гIадин, «ц»-«ts», «ч»-«ch». Гьеб къагIидаялда рекъон хъван рукIана цере Москваялъул цо-цо къватIазде ва станциязде цIарал, масала, «Чеховская», «Тверская» ва «Пушкинская». Гьениб къватIги «ulicza» абун гуреб ингилис мацIалда «street» абун хъван букIана, майданалде цIарги «ploshad’» абун гуреб «square» абун хъван буго. Амма жакъа къоялде гьел цIарал хъваялъулъ гьечIо кинаб букIаниги цо ккураб система.

Гьединго туристазе захIмалъи ккезе буго «ulitsa», «ploshchad’» ва «tupik» абурал рагIабазда хурхунги. Гьезул щибалъул магIна мухIкан лъалеб гьечIони турис шагьаралъул батIи-батIиял рахъазде ккезе рес буго. Масала, «Taganskaya» улицаги, площадьги, тупикги батIи-батIиял бакIал рукIун.

Гьединго баккулеб буго «Охотный Ряд», «Китай-город» яги «Воробьевы горы» абурал цIарал ингилис мацIалде руссинаризе кколищ кколарищ абураб суалги.

Умумузул ВатIаналде тIадвуссараб мехалда киллица лъаларев жиндие цIакъ захIмат букIанин къватIазул цIарал цIализе ва шагьаралда жиндирго нух балагьизейин бицана Эркенлъи Радиоялъе Израилалда гьавурав ва гьанже Адыгеялда гIумру гьабун вугев чергесав Нехад Напсоца.

Нехад Напсо: «КъватIалъул цIар хъвалеб батани хъвазе ккола street абун, дуца гьеб хъвалеб мацI хвезабичIого.

Израилалда дун гIурав чергесазул Кфар-Кама росулъ къватIазул цIарал хъван рукIана лъабго мацIалда-ивриталда, гIарабалъ ва чергесазул мацIалда. Гьенир руго Шапсуг, Нальчик, Кабардей, Ашхомахо абурал черкес мацIалда цIарал кьурал къватIал. Гьел хъван руго цоги мацIаздаги гьединго цIалиледухъ.

Дие кIудияб захIмалъи букIана Адыгеялде тIадвуссараб мехалда гьенир ругел хъвай-хъвагIаял цIализе кIоларого, шагьаразул гьабин абизе картаби гьечIолъиялъ. Унев вукIунаан киве унев вугебали лъачIого къваригIараб бакIалде тIаде ккезегIан.

Гьанже Олимпиада лъугIана, амма кватIичIого букIине буго футболалъул дунялалъул чемпионат. Гьелде улка хIадураб букIине ккола гьалбал къабул гьаризе. КъватIазул цIарал хъван рукIине ккола халкъаздагьоркьосел стандартазда рекъон».

Шагьаралъул бакIазул цIарал къватIисел улкабаздаса гIадамаз цIалулеб мехалда магIна хвечIого букIиналъе ва кепал ситуациял ккечIого рукIиналъе гьел тарихиял ва географиял факторалги цIунун, махщел бугел топонимистаз руссинаризе кколин ва гьеб хIалтIулъ цо стандарт цIунун бажаруларин рикIкIунеб буго Нехад Напсоца.

XS
SM
MD
LG