МагъчIваялъе рес

Идарабазул къадар цIцIикIкIунеб буго


Дагъистаналда гIуцIун буго энергетикаялъул агентлъи. Гьелъул нухмалъулевлъунги тун вуго цевеги гIезегIан мехалъ гьеб системаялда хIалтIарав МуртазагIали ГьитIинасулов.

ЦIияб идараялда тIад ругел масъалабазул цояб ккола электроэнергиялъул рахъалъ Дагъистаналда ругелщинал идарабазе ихтияразулаб рахъалъ кумек гьаби. Масала, пуланаб къануналда хурхун Халкъияб Мажлисалде хитIаб гьаби. Гьединго цIияб идараялъ тIаде босулеб буго гIадамазе кьолеб электроэнергиялда хадуб халкквезе – цIикIкIинабизе кколеб батани, цIикIкIинабун, лъикIлъизабизе кколеб батани, лъикIлъизабун, гьечIеб бакIалде гьеб кьун. Лъел электростанциял ралел бакIазда лъеда гъоркье унел ракьазухъ рецIел кьеялъул суалги гьеб агентлъиялда тIаде ккезехъин буго. Дагъистаналда гIезегIан рукIуна халкъалъул рахъалъ гьединал гIарзал. Масала, гьанжегIагар гьел раккун руго ГьоцIалъ ГЭС балеб бакIалда сверухъ гIумру гьабулел гIадамазул рахъалдасан. Гьединго къогоялдаса цIикIкIун сонал руго Унсоколо мухъалъул росабазул гIадамаз гьеб компенсация тIалаб гьабулеб бугелдасаги.

Энергетикаялъул рахъалъ гIуцIараб агентлъиялъ халгьабизе буго лъай кьеялъул, сах гьариялъул идарабазда цIатариялъул налъи бугищ, яги гьезие гьеб цIатари къваригIун бугищали.

ПалхIасил, цоккураб бакIалда гьел киналго масъалаби тIуралеб идара къваригIун букIанин республикаялъейин рикIкIунеб буго энергетикаялъул хIалтIухъан МухIамад Сулеймановас. Гьадин бицана гьес ЭР-ялъе.

МухIамад Сулейманов: «Промышленносталъулгун энергетикаялъул министерлъи букIана цебе. Гьелда жаниб букIана цо гьитIинаб бутIа, энергетикаялъул суал тIуралеб. АнцIго-анцIила хадув чияс тIуралел рукIанаха гьел суалал. Гьанже жибго жиндаго чIараб агентство бугелъул, цIикIкIун ресал рукIина хIалтIизе. Заманаялъ бихьизабилаха. Энергетика цIикIкIун буго нилъер аниб – ГЭСалги, газги, нартги. Гьедин, масала, энергетикаялъе бюджеталдасан нусго млн гъурущ биччан батани, гьеб кибе арабали лъазе захIмалъилаан. КIудияб министерлъиялда жаниб цояз анибе, цогидаз добехун хъамилаан гьеб. Гьанже чIванкъотIун гьеб тIалаб гьабизе тарав чи вуго. Масала, анцIго млн биччан бугони, чIванкъотIун сунда тIад гьеб харж гьабурабали гьелъул жаваб кьезе ккола агентствоялъул нухмалъулес».

Амма Сулейманов МухIамадилалдаса батIияб пикру загьир гьабуна ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда экономист ТIайгиб Мусаевас. Масала, гьеб киналдаго гьоркьоса жиндие бищунго кIвар бугеб суал кколин гIадамаз электроэнергиялъухъ кьезе кколеб гIарац дагьлъизейищ бугеб, яги цIикIкIинабизейищали. ЦIигIуцIараб энергетикаялъул агентлъиялда гьеб рахъалъ щиб гьабизе ракIалда бугебали лъаларила. Гьединго ТIайгиб Мусаевас абуна батIи-батIиял ихтияраздалъун хьезабичIониги, гьединги бюджеталъул гIарцуде ккараб идара букIунарила энергетиказул. Гьезда жалго жидецаго хьихьизе кIолеб хIал букIунила.

Энергетикаялъул рахъалъ цIияб идара гIуцIиялдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабуна Унсоколо мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи АхIмад ХIамзатовас. Щайин абуни къогоялдаса цIикIкIун сонал руго компенсациялда хурхун гьел Дагъистаналъулги Россиялъулги нухмалъулезухъе гIарзахъдулелдаса.

АхIмад ХIамзатов: «Агентство гуреб, щиб гIуцIаниги, гьеб буго гьаб хIукумат бикъизе гIуцIулеб жо. Халкъалъе пайдаялъе гьабулеб жо щибниги гьечIо, гьабизеги гьечIо гьал хIакимзаби бетIерлъуда рукIаго. МагIарухъ бищун лъикIал ракьал унел руго гьел ГЭСазда гъоркье. Нилъеда бихьулеб буго советияб заманалда букIараб энергетикаялъул цогояб система хъамал гьабураб куц. БатIи-батIияб рахъалде гьеб бикь-бикьизабураб куцги лъала. Киналго журналистазда лъала жакъа нижер мухъалда электроэнергиялъул 1 млн 200-300 квт хIадурулеблъи. КIиго гурони агрегатги хIалтIулеб гьечIо, жеги кIигоги хIалтIизе кколеб мехалда. Гьелдалъун нижее бугеб мунпагIатги гьечIо. Рихьундерил жаниблъиялда рукIанщинал бищун лъикIал ракьалги лъугIизаруна, хутIана гIицIал мугIрул-щобал.

Гьединлъидал министерство гIуцIаниги, агентство гIуцIаниги гьелъ кьезе гьечIо щибниги. Масала, ЦIияб соналдехун бан лъугIизе батила ГьоцIалъ ГЭС. Амма гьенир гIумру гьабулел гIадамазе бецIун бахъун гьечIо лъеда гъоркье инехъин ругел ракьал. Нижги гьабщинаб мехалъ хутIана рецIалил гIарац щвечIого. 2008 сонлъ вачIун Дгаъистаналъул вице-премьер Ризван ГъазимухIамадовгун гьес халкъалда цебе рагIи кьун букIана компенсация кьун бахъинчIого агрегат хIалтIизе биччаларилан. Гьеб рагIи хвезабуна хIукуматалъул нухмалъулев Шамиль Зайналовас. Рихьуни ГЭСалда сверухъ кинабго хIалтIи лъугIун бугилан Москваялда ругезда гьесги бицун, хIалтIизе биччана гьеб. Жакъа къоялда гьеб буго РусГидроялъул бетIергьанлъиялда. Гьединаб буголъиялда тIад гIуцIарал агентлъабаз гьабизе гьечIо щибниги».

ПалхIасил, цIигIуцIараб агентлъиялъ хIакимзаби гIемерлъизари гуреб, халкъалъул тIалабал тIураялъе гьабулеб жо дагьаб букIинин абураб пикру буго цо-цо чагIазул.

XS
SM
MD
LG