МагъчIваялъе рес

"Справедливая Россия" божулеб гьечIо МахIамадовасда...


Лаваша мухъалъул бетIерасул рищиял рукIине кколедухъ тIоритIичIилан абун диванханаялде гIарз хъван буго «Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъиялъ. Дагъистаналъул рищиязул идараялъ лъазабулеб буго гьез мекъал, кьучIгьечIел гIайибал чIвалел ругин рищиязул идарабаздайилан.

«Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ Лаваша мухъалъул бетIерлъиялде вищулев вугев кандидат ТIагьиров Мурадие рищиязулъ кумек гьабулеб букIун буго. Официалияб къагIидаялъ гьев кандидатасул божарал чагIи хIисабалда хъвай-хъвагIайги гьабун гьел рищиял рукIине кколедухъ иналда хадур халккун рукIанин жалилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе партиялъул бутIаялъул нухмалъулев Расулов Русланица.

Лаваша мухъалъул бетIерасул рищиял тIоритIана I4 сентябралда. Гьезулъ гIахьаллъи гьабуна кинавниги щуго кандидатас. Гьезда гьоркьов вукIана Лаваша мухъалъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадхIажиги. Гьаркьазул 75 процентги щун гьев цIидасан вищана мухъалъул администрациялъул бетIерлъун. Рищиязда кIиабилеб бакIалде вачIана ТIагьиров Мурад, гьесие щун буго гьаркьазул 20,67 процент.

«Справедливая Россиялъулаз» лъазабулеб буго гьел рищиял тIоритIулелъул гьенив бергьарав МухIамадов МухIамадхIажил рахъалда ругел чагIаз гIемерал гъалатIал риччанила, гьез рищиял жидее бокьухъе тIоритIанилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Расулов Русланица.

Расулов Руслан: «Рищиязда халгьабулев нижер рахъалдасан вугев чиясда бихьун буго цадахъ I5 бюллетен реххулеб. Хал гьабураб мехалда гьеб батун буго Лаваша мухъалъул бетIер МухIамадова МухIамадхIажие реххарал бюллетенал. Гьаркьал кьолел цойгидал рищиязул бутIабаздаги гьединалго жал гьаризе хIалбихьарав цо чанго чи тIадккуна халгьабулез. Амма гьел ккунин абун щибго хIасил ккечIо. Гьедин хIилла-рекIкIги гьабун тIоритIулел ругин рищиялин абун нижеца хъварал кагътазухъги гIинго тIамичIо рищиязул комиссиялъ.

Гьединго Русланица бицана рищиязул гIадлу хвезабиялда данде чIарал жидер вакилзаби полициялде рачун анилан. ГIадлу хвезабурал рищиял тIоритIулел чагIиги ругелъур тун, щибго гIайиб гьечIел жидер чагIи гьениса нахъе рачанилан, разигьечIолъи загьир гьабулеб буго гьес.

Расулов Руслан: «БутIаялъул рищиязул комиссиялъул гIахьалчи, Гъайирбиев Гъайирбица гьересияб 8 бюллетен нахъе бахъун буго. Гьединго Гъайирбица бицухъе чанго нухалъ цого чагIи рачIун рукIун руго гьаркьал кьезе, цойгидаб мухъалдаса 5 чи ккун вуго гьес. Гьединго жеги балугълъиялде рахинчIел лъималцин рукIун руго гьенир гьаркьал кьезе рачIун. Гьеб киналдего дандечIун, рищиял рукIунеб хIалалда тIоритIиялъе хIаракат бахъулев вукIарав Гъайирби полициялъулаз ккун вуго. Гьес полициялдаги, рищиязул комиссиялдаги, прокуратураялъул вакилзабаздаги киназдаго рихьизарун руго рищиял тIоритIулелъул риччарал гъалатIал, амма гьез гьесухъ гIинцин тIамун гьечIо. ГIадлу гьабизе кколел чагIиги рукIаралъур тун, мун щив кинали чIезабизе вачунев вугинги абун 3 сагIаталъ полициялда чIезавун вуго гьев. Гьебщинаб заманалда жаниб жидедаго ракIалда букIанщинаб жоги гьабун бахъун буго. Гьедин гьоркьоса рищиязул комиссиялъул гIахьалчи камун вукIаниги, рищиязул хIасилалги гьарун руго гьез. Гьел рукIине кколедухъ гьарун гьечIо».

Гьеб киналдасаго разигьечIолъиги загьир гьабун, рищиязул хIасилал мекъаллъун рикIкIейин тIалабги гьабун Расулов Русланица I5 сентябралда диваналде гIарза хъван буго. Гьесул рагIабазда рекъон Россиялъул ва Дагъистаналъул рищиязул идарабазде Лаваша рукIарал рищиязда риччанщинал гъалатIазул хIакъалъулъ хъварал кагътазул пайда ккун гьечIо, гьединлъидал диваналде гIарза хъвазе хIукму гьабун буго гьез. Гьединго Гъайирбиев Гъайирбица жив полициялде вачарав Лаваша мухъалъул жанисел ишазул идараялъул хIалтIухъан капитан ГIумаровасда хурхун цIех-рех гьабейин абун кагъатги хъван буго Дагъистаналъул хасал идарабазде.

Лаваша тIоритIарал рищиязда рукIарал гIунгутIабазулги, гъалатIазулги цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ ахIана Дагъистаналъул рищиязул идараялъул хIалтIухъан ГIабдулхаликъов Самирихъе. Гьесул баяназда рекъон гьеб къоялъ республикаялда тIоритIанщинал рищиязда цохIониги гIунгутIи букIун гьечIо. Кинабго букIине кколедухъ ун буго. Къурав кандидатасул чагIаз кидаго цо ахIи-хIур гьабичIого толарила, гьел рищиязул хIасилаздаса разиял ратичIони диваналде кьейин абуна ГIабдулхаликъовас. Гьеб гьезул ихтияр бугилан.

XS
SM
MD
LG