МагъчIваялъе рес

Лъица "квараб" компенсация?


Дербенталда лъимкlанцlи. Октябрь 2011
Дербенталда лъимкlанцlи. Октябрь 2011

2006 соналъ чваххунцIадал раялъул хIасилалда Гумбет мухъалъул МелъелтIа рукъзал риххаразе жеги пачалихъалъ рецIалил гIарац щун гьечIо. Гьелда хурхун зарал ккараз Дагъистаналъул тIалъиялъухъе битIараб кагътие жаваб бачIун буго гьеб гIарац жеги федералияб бюджеталдаса биччан гьечIилан. Гьединго кIиго соналъ цебе цIадал раялъул ва лъимкIанцIиялъул хIасилалда минабиги риххун хутIарал Дербенталдаса 20-гIан чиги жидеего щвезе кколеб рецIалил гIарцуда хадур лъугьун руго. Гьезул цо-цоял Москваялде президент Владимир Путиница гIадамал къабул гьарулеб бакIалдецин щун руго.

Исана 8 сон сверана Гумбет мухъалда чваххун цIадал раялъул хIасилалда гIадамазе кIудияб зарал ккаралдаса. Гьеб тIабигIияб балагьалъ минаби риххизарурал МелъелтIаса ШайхмухIамадов ШайхмухIамадицаги, ШайхмухIамадов СайгитIагьацаги исана августалъул ахиралда Дагъистаналъул бетIерасухъе гIарз хъван букIана жидее рецIалил гIарац кватIизабулеб бугин абун. Чанго къоялдасан данде бачIараб жавабалда Дагъистаналъул тIалъиялъ лъазабулеб буго гьел зарал ккаразе кьезе кколеб гIарац жеги федералиял идарабаз биччан гьечIилан. Гьенибго хъван буго 2006 соналъ Дагъистаналъул хIукуматалъ Россиялъул регионал церетIезариялъул министерлъиялде цIадаца зарал гьабуразе рецIалие кьезе гIарац биччайилан абун кагъат хъван букIанила, амма жеги гьелъие я жаваб щвечIила, я гIарац биччан гьечIилан.

ШайхмухIамадовазул ихтиярал цIунулей йигей адвокат МухIамадова Сапиятица Дагъистаналъул тIалъиялъ федералияб министерлъиялъ рецIалие гIарац биччачIин абун хъвараб кагъат гьадингояб жо бугин рикIкIунеб буго. Гьедин рикIкIиналъе гIилла бугила Дагъистаналъул тIалъиялъ цIадал раялъ зарал ккаразе рецIалил гIарац кьейин кагъат хъвараб мехалда, 2006 соналъул 25 июналъго Россиялъул регионал церетIезариялъул министерлъиялъ хIукму къотIун буго гьеб гIарац биччазе. Гьеб гIарац биччазе бугин абун цебехун рехсараб министерлъиялъ хъвараб хасаб кагъатги бугин рикIкIунеб буго адвокаталъ. Гьединлъидал диваналдеги кьун гьенисан бахъунги тезе гьечIила жидеца гьеб рецIалил гIарац щвечIогойилан лъазабулеб буго ШайхмухIамадоваз ва гьезул адвокат МухIамадова Сапиятица.

2011 соналъул октябрь моцIалъ Дербенталда лъимкIанцIиялъул хIасилалда тIубан мина биххарав, ва кинабго магIишатги хварав ШиххIасанов Кахриманиеги жеги щун гьечIо рецIалил гIарац. КIиго соналъ цин гIагарлъиялъул дора, цингиги рукъ ккун гIумру тIамулел руго гьесул I2 чи вугев хъизан. Дагъистаналъул ва Россиялъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабазги, кигIан зарал ккун бугебали балагьизе гIуцIараб хасаб комиссиялъул гIахьалчагIазги ШиххIасановасул рукъ бищунго кIудияб зарал ккараблъун рикIкIун буго. Гьеб тадсикъ гьабулеб документги кьун буго, гьеб гурониги цойги жиндица ракIаризе кколел рукIарал киналго кагътал ракIаранила, амма жеги щибниги хIасил ккечIин бицана ШиххIасановас «Эркенлъи» радиоялъе.

ШиххIасанов Кахриман: «Щибниги хисун гьечIо, щибниги ха, цевего гIадин чияр рагьтIа дунги вуго, цинциятIе гIайиби реххун тIалъиялъ дир ишги рагIалде бахъинабулеб гьечIо. Гьеб кинабгоги чIалгIун дун исана августалда Москваялде Россиялъул президент Владимир Путиница гIадамал къабул гьарулеб бакIалде ва Россиялъул жамгIияб палатаялде ун вукIана дие кумек гьабейиланги гьарун. Гьелдаса хадур щиб-кинилан цIехон гьенисан кагътал рачIун руго Дагъистаналъул тIалъиялъухъе. Гьезие жаваб кьолаго Дагъистаналъул тIалъиялъ хъвалеб буго киналгIаги рукIине кколелщинал документал кьун гьечIила Дербенталдаса жидехъе, гьединлъидал кьун бажаруларила жеги гIарацилан. Дербенталда абулеб буго кинабго жоги хIадурун гIагараб заманалда ритIизе хIадур ругила киналго документалилан. Гьезул гIагараб заман гьале кIиабилеб соналъ щолеб гьечIо. Дун сваканги вуго унтиги ккана дида гьеб суалалъе гIоло. Лъабго моцIица гурони кьезе кколаринги абун рецIалил гIарац щвезегIан ккураб рукъалъухъ гIарацги кьечIо Дербенталъул администрациялъ. Дир гIайибищ бугеб гьез моцIида жаниб гьабизе кколеб букIараб хIалтIи лъагIалабаз халат бахъинаби. Гьеб ккураб рукъалъухъгIаги гIарац кьолебани дие гIемер мадар букIинаан».

ГьабсагIат ШиххIасанов Кахриман хIалтIун бажарулареб хIалалде ккун вуго, гьесие кьун буго сакъатлъиялъул 3 группаги. Жидер рукъалде бачIараб балагьалъги, гьелъул тIалъиялъе гьечIеб ургъалицаги, нерваби хун унти кканин жиндидайилан абулеб буго гьес. Школалда лъималазе квен хIадурулей чIужулъун хIалтIилей йигей жиндир лъадул 6 азарго гъурущ харжги, жиндир 6 азарго гъурущ пенсияги гурони рокъобе бачIунеб тIокIаб гIарацги гьечIила гьаб сагIаталда. Ккураб рукъалъухъги 5 азарго гъурущ кьезе кколеб бугин ургъел бикьана Кахриманица.

Россиялъул страхование гьабулеб идараялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъан ГIалиева Самираца «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана гIадамаз жидерго рукъ-бакIалъул страхование гьабун бугони, нагагьаб балагьалдалъун гьелъе зарал ккани I5 къоялда жаниб гьезие рецIалил гIарац кьолила. Дербенталъулазул ва МелъелтIисезул гIадинаб къварилъиги букIунарила гьеб гIарац щвеялъейилан.

ГIалиева Самира: «Нижее бокьанагIан гIемер чиясги гьабуларо Дагъистаналда жидерго магIишаталъул страхование, амма цо-цониги гьабулел чагIиги камуларо. МухIканго чан чияс кигIан гIаруде страхование гьабун бугебали бицине бегьуларо дица. Нилъер гьаниб тIадаб автомобилазул страхование гьаби гурони, рукъ-бакIалъе, магIишаталъе, жиндирго гIумруялъе страхование гьаби гьеб гIемер букIунаро. Ахирал саназ ЦIунтIа мухъалъул чагIаз гьабулеб буго магIишаталъул страхование. Гьениб гIазу тIун, цIадаца ччукIизарун, цIа ккун гIадамазул магIишаталъе гIемер зарал ккеялъ ратилаха гьел страхование гьабизе лъугьун ругел. Гьеб гьабун бугони I5 къоялда жаниб кинабго жоаялъул хал-шалги, цIех-рехги гьабун, унголъунги нижергун гьабураб къотIи-къаялде данде кколеб бугони зарал ккарал чагIазе гIарац кьола. Бищун бани цо моцI бала гьеб щвезе».

Гьединго ГIалиева Самираца бицана страхованиеги гьабун хадуб жидецаго минаби рухIулеб, хIатта кьвагьизарулелцин хIужаби камуларила Дагъистаналдайилан. Ахираб лъабго соналда жаниб гьединаб 6 хIужа тIатинабунила. Гьеб ишалда хурхун такъсиргьабиялъул ишги рагьун цIех-рех унеб бугилан.

XS
SM
MD
LG