МагъчIваялъе рес

ЖамгIияб низам цIунийищ гIадамал цоцалъ разарийищ?


Гьал къоязда Россиялъул президентасул буюрухъалда рекъон, Лаваша мухъалъул Хважалмахьи росулъа жамгIияб низам цIунулезул лъабго чиясе кьун руго Бихьинчилъиялъул орденал, гьел хун рукIана жидеда тIадаб борч тIубалаго.

Дагъистаналъул мухъазда ва росабалъ халкъияб низам цIунулезул къукъаби гIуцIизе ккеялъул бицине байбихьун букIана 2012 соналдаго ва гьелдаса нахъе унел руго гьеб хIукумялда сверун бахIсал. Гьеб полициялъе унгоги кумек гьабулеб тадбирищ яги халкъ цоцалъ базабулеб ишищин абун.

Цебеккун «Эркенлъи» радиоядъ бицун букIахъе, 2013 абилеб соналъул I октябрялъ Лаваша мухъалда хасал тадбирал тIоритIулеб мехалъ, изну гьечIого яргъид гIуцIаразде тIаде ккун чIван рукIана лъабго жамгIияб низам цIунулел; Рабадан Хабибулаев, Каранаев ГIусман ва АхIмадов Шамиль. Гьез кумек гьабулеб букIун буго полициялъулазе сверухъ бакIалда хал-шал гьабизе. Хважалмахьи росулъ жамгIияб низам цIунулезул къокъа гIуцIун буго 2012 соналъ, салафияздаги тIарикъаталъул чагIаздаги гьоркьоб хIалуцараб ахIва-хIал букIиналъул хIасилалда. Къуваталъул идарабаз гьел гIуцIиял жамагIат цIунизе гIуцIарал ругилан чIезабуниги, жалго гIадамаз гIемерал гIарзал рахъана инсанасул ихтиярал цIунулезде жидее гьабулеб бугеб зарал ва хIал бицун. ХIатта салафияллъун жал рикIкIунел росулъа къватIире рахъинариялде гIунтIунцин.

ЖамгIияб низам цIунулел къокъаби гIуцIизе ккеялъул хIакъалъулъ тIоцебе бицана 2012 соналъул августалда шайих СагIид-Афанди чIван хадуб доб мехалда вукIарав Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадовас. Гьединал къокъаби гIуцIун рукIана щибаб мухъалда. Цо-цо росабазда изну гьечIого яргъид гIуцIараздагун гьезда гьоркьор тунка-гIусиялцин ккана. Гьедин, масала;

Гъуниб мухъалъул Сугъралъ росулъ, ВатIанияб рагъулъ гIахьаллъаразе бугеб памятник кьвагьун ва росу рагIалда полициялъулал чIван хадуб, жамагIаталда гъорлъ хIалуцараб ахIвал-хIал букIин гIуцIун буго жамгIияб низам цIунулезул къокъа.

Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ гьединабго жамгIияб низам цIунулезул къокъа гIуцIизе къотIи-къай хъван букIана 2014 соналул авалалда Дагъистаналъул тIалъиялъги мухъалъул администрациялъги, амма жакъа къоялде гьениб гIуцIараб къокъа букIиналъул баянал щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе.

ГьоцIалъ росулъ, рогьалил какде унаго мажгиталъул кIалтIа Анасов ГIумар чIван хадуб жамагIаталда жаниб байбихьун буго данде чIей бакIалъул гIадамазул баяназда рекъон, гьениб цебеги тIарикъаталъул чагIаздаги салафияздаги гьоркьоб хIалуцараб хIал букIун буго, амма гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб гьеб тIубан хIалуцараб буго.Гьелъ росулъ гIуцIун буго жамгIияб низам цIунулезул къокъа.

Гьединго Ленинкенталда букIараб данчIеялъул бицунаго аналитиказ рикIкIунеб буго жамгIиял низам цIунулезухъе ярагъ цIикIкIани гьелъ кIудиял тунка-гIусиязде рачине рес бугилан.

Щибаб такъсиралъе бихьзабураб багьа бугебгIан мехалъ киналгIаги жамгIияб низам цIунулез кумек гьабуларин низам цIуниялъе. Ва жидецаго жидедаго данде тIамулеб буго гьез халкъилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе жамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадица.

МухIамад Шамилов: «Къуваталъул идараялъул гIурал ресалги гIадамалги руго бокьараб такъсир рагьизе , хIатта гьеб такъсир нахъчIвазе гIурал. Амма жакъа идараялда ругел хиса-басиялги ричIчIуларел кадразул хIаялги буго квеш ккараб жо. Жакъа цIех-рехалъул идараги уголовный розыскалъул идараги ккола аслияб жо къуваталъул министерлъиялъул аслиял идараби, жакъа гьенир лъайги бугеб хIалтIиги лъалел гIадамал рукIаралани гьаб базар букIунароан. Лъайбугел бажари бугел чагIи унел руго хIалтIудаса, нахъе рехулел руго. Цинги кинабгIаги хIалтIи гьабулеб гьечIо полициялъулаз, гьелъ халкъалъ кумек гьабулеб бугин абизе гIуцIцулел руго гьел къокъаби, тIалъиги Дагъистаналъулги Россиялъулги бокьараб къуваталъул идараялъ тIалаб гьабуралдаги разилъулел руго. ЖамгIияб низам цIунулезухъе ярагъ кьезе ккананиги, щал гьел? Жакъа Къуваталъул идараялъул хIалтIухъанасухъ ярагъ гIицIго хIалтIуда вугеб мехалъ гурого кьоларо . Гьезухъе ярагъ кьоларо кидаго кодоб букIине. ТIоцебе речIизеги гьесул ихтияр букIунаро. Гьелъ киданиги жамгIиял низам цIунулезухъе кьезе бегьуларо ярагъ, гьелъ квешаб бакIалде бачине рес буго иш».

ЖамгIияб низам цIунулел къокъаби гIуцIи кколин нилъер полициялъулги, пачалихъалъулги бажаригьечIолъи бихьизабулеб матIу. Пачалихъалъул нахъеккейги бажаригьечIолъиги кколин цоял цойгидаздеги тIамун суалал тIурайилан рикIкIунеб буго экспертаз.ТIадежоялъе гIадамал цоцалъ разаризеги рес бугила. Мисалалги гьелъие кколила гьелго Хважалмахьи ва Сугъралъ росаби.

XS
SM
MD
LG