МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул школазде ана Украинаялдаса тIурун рачIаразул 47 лъимерги


Дагъистаналъул школалде арал Украиналдаса лъималазул цояв Кондрашов Руслан, 1Сен2014
Дагъистаналъул школалде арал Украиналдаса лъималазул цояв Кондрашов Руслан, 1Сен2014

Исана Дагъистаналъул лъималазда цадахъ школазде ине руго 50 гIан Украинаялдаса тIурун рачIаразул лъималги. Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерлъиялъул ва бакIалъул тIалъиялъул бажариялдалъун гьел лъималазе цIалуе хIажатабщинаб чIезабун буго. Жалго тIурун рачIараз лъазабулеб буго жидер букIанин исана жидер лъималаз цIалул сон жидерго ВатIаналда байбихьилин абураб хьулин.

Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерлъиялъул баяназда рекъон исана республикаялда тIоцере школалде ине руго 40 000 лъимер. Гьезда гьоркьор руго 12 Украинаялдаса тIурун рачIаразул лъималги. Киналниги гьезул школалде ине буго 47 лъимер, гьезулго 50 чи лъималазул ахикьакьеги росун руго.

Республикаялъул лъайкьеялъул министр ШахгIабас Шаховас тIолгореспубликаялъул лъайкьеялъул хIалтIухъабазул данделъиялда лъазабухъе, хIухьабахъи гьабулел бакIазда гIумру гьарун ругел тIурун рачIаразул гIемерисел лъимал цIализе руго аскIоб бугеб Гъарабудахкент мухъалъул Манаскент росдал гьоркьохъеб школалда. Гьенире инеги нахъе рачинеги хасаб автобусги чIезабизе буго гьел лъималазе. МахIачхъалаялда жидерго гIагарлъиялъул дора гIумру гьабун ругел тIурун рачIаразул 12 лъимерги шагьаралъул батIи-батIиял школазде рикь-рикьун ругин лъазабуна гьес, цониги школалде росулелъул гьел лъималазе киналгIаги квекIенал гьаричIила, батIияб школалде ине бокьани гьелъиеги кумек гьабун гурони щибниги квалквалги гьабизе гьечIин лъазабуна министрас.

Гьединго Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерлъиялъ кьурал баяназда рекъон гьеб рехсараб министерлъиялъ, ва бакIазул адмнистрацияз ресги батун Украинаялдаса тIурун рачIаразул киналго лъималазе школалде иналде къваригIунеб парталги, хьиталги, цIалуе хIажатабщинабги чIезабун буго. Гьединго цойгидал лъималазего гIадин школазде гьезиеги квен-тIех чIезабизе буго. Гьебго идараялъ лъазабулеб буго рагъ бугеб бакIалдаса тIурун рачIарал гьел лъималазул психика жеги рукIалиде ккун гьечIила, гьединлъидал гьезие кумекалъе щибаб школалда гьел лъималгун хIалтIизе ругила хасаб психологалги.

Жалго Украинаялдаса тIурун рачIараз абулеб буго Дагъистаналдани лъикI бугила, жидер цIакъ тIалабги гьабулеб бугила, кумекги бугила, амма гьаниб кигIан лъикI букIаниги жидее бищунго жидерго рокъоре ине бокьилаанилан. Украинаялъул Луганск мухъалдаса тIурун ячIарай кIиго лъимадул эбел Мария Кондрашевалъги «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна кин нилъер гIадамазе баркала кьелебали лъаларого ругила жал, гьаниб кинабго лъикIги бугила, амма рес ккарабго, дагьабниги Украинаялда ахIвал-хIал гIодойбиччарабго жал гьенире тIад руссине ругилан. Исана МахIачхъалаялъул 50 абилеб школалде цIализе ана гьелъул I абилеб классалда йигей ясги, 6 абилеб классалда вугев васги.

Мария Кондрашева: «Дир хьул букIана I сентябралда дир лъимал жидерго ВатIаналда Луганск шагьаралда жидерго школалде цIализе инилан. I сентябралъ инчIониги, кватIичIогогIаги гьенире тIад руссинин абураб жоялда цIакъ божула дун. Ниж гьанире 3 июналъ рачIана. Кутакалда лъикIал гIадамалги руго, цIакъ лъикI къабулги гьаруна ниж. Кинавго чи нижее кумек гьабизе хIадурги руго ва рукIана, нижее къваригIанщинаб жо чIезеги гьабун буго гьаниб. Ниж гьанире рачIараб мехалда абулеб букIана нуж тIубанго гурищила рачIаралилан. Гуро, кигIан лъикI букIаниги гьаб дирго рокъое тIад юссине бокьун буго дие. Херал эбел –эменги хутIана дир Украинаялда, гьезулги букIинарищха ургъел. Лъималги рукIуна рокъой-рокъойилан абун гаргалел. Рес букIаго дие нижер тIалъиялда абизе бокьун буго, ракълилаб гIумруялдеги рачIун, нижер лъимал жидерго школазде цIализе ун бажарулеб хIал гьабейилан».

Гьединго Марияца абуна Дагъистаналда хIалтIи гьечIолъиялъги гьаний чIезе бокьун гьечIила жидее. КидаллъагIанила жал хIухьабахъи гьабулел бакIазда гIумру гьарун рукIинел. Украинаялде тIад руссине санагIалъи ккезегIан, хIалтIи балагьизе бигьаяб цониги Россиялъул кIудияб шагьаралде гочине ракIалда бугин жидер хъизаналдайилан.

Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Къурбанов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон, гьаб сагIат хIалтIуде росун руго Украинаялдаса тIурун рачIаразул 16 чи. Гьезда гьоркьор руго 5 медсестра, 1 ахихъан, 2 инженер, хутIарал кинагIаги батIи-батIиял идарабазда гIисинал махщалилалъун хIалтIилел руго. Къурбановас бицухъе жегиги гьел гIадамазе хIалтIизе санагIалъаби гьарулел, ралагьулеб буго захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъ.

Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъ кьурал хирисел баяназда рекъон гьаб сагIат Дагъистаналда гIумру гьарун руго кинавниги Украинаялдаса тIурун вачIарав 520 гIан чи гьезда гьоркьо буго 168 лъимерги. Гьебго идараялъул баяназда рекъон сентябралъул байбихьудаги Украинаялдаса Дагъистаналде тIурун рачIине ккола 120 гIан чи.

XS
SM
MD
LG